Республикаялъул туризмалъул ва халкъияб махщелчилъиялъул министрасул ишал тӏуралевлъун тана Эмин Мерданов.
Цӏияв министрасул буго 29 сон. 2014 соналда гьес лъугӏизабуна МГУ ва гьенибго аспирантураги. 2017 соналда лъугӏизабуна МГИМОялъул магистратураги. Лъала ингилис ва гӏараб мацӏал.
2020 соналъул ноябралда тӏамун вукӏана министрасул тӏоцевесев заместительлъун.