Дунялалда тӏад цохӏо Унсоколо гурони гьечӏеб махщалие Гъазимухӏамадица Хӏамзат ругьун гьавуна васас ичӏго сон баралдаса нахъе. Цинги 17 сон байдал гьес гьев тӏамуна жиндиего экзамен кьезеги. Гьелъие гӏоло Хӏамзатица жинцаго гьабуна гӏанса, хадуб гьелда тӏад рекьана мельхиоралъул накъищал. Васасул махщалида ракӏ рекъараблъи инсуца загьир гьабуна каранда хасаб гӏаламат баялдалъун. Гьеб букӏана лълъарал кесекалда тӏад ишанги кьабун гьабураб значок.
ДГУялда цӏали лъугӏун хадув Хӏамзат Гъазимухӏамадов цин райкомалда хӏалтӏана. Гьенисан гьев ана Унсоколо художествоялъулаб фабрикаялде гьелъул директорлъун. Банкротлъиялде ккараб гьеб тӏубанго къан хутӏиялдаса хвасар гьабизе байбихьидал, хӏалтӏухъабазул цӏаралдасан Москваялде Горбачевасухъе анонимкагицин хъван батана Хӏамзат Гъазимухӏамадов партиялъул функционер вугилан.
Гьедин жакъа къоялде Хӏамзат вахана Россиялъул халкъияв художник абураб даражаялде. Амма цӏалун гьесие щвараб лъай филологияб буго (ДГУ). Хадувго вахъана философиял гӏелмабазул кандидатлъунги, Россиялъул экологиялъул академиялъул член-корреспондентлъунги (улкаялъул вузазе экологияб культураялъул рахъалъ пособиегицин хъвана гьес).
Гӏезегӏан соназ Хӏамзат Гъазимухӏамадов хӏалтӏана туризмалъулгун халкъиял махщелазул министерствоялдаги. Гьев ккола Махӏач Дахӏадаевасул цӏаралда бугеб фондалъул президентги, жеги рикӏкӏен гӏемерал ишазул нухмалъулевги.
Гьеб киналдаго тӏасан Хӏамзатица нижее бицана гьадинаб хабар:
Америкаялде нух
Нижер тухумалъул чагӏи яргъил устарзаби рукӏун руго. Надир-шагьасда данде рахъарал гӏадамазе хвалчабигун хунжрул гьез гьарунилан бицуна. Амма гьаб цӏулада ишан кьабиялде кин гьел машгъуллъаралали лъалароха.
Дир кӏудияв эмен Мухӏамадгӏалиги, гьесул бесдал вацги, цойги гӏагарав чи — Унсоколоса Мухӏамад Мусаевгун цадахъ унел рукӏун руго Америкаялде. Цо нухалъ гьениса тӏадруссун рачӏунаго, Англиялде ккун руго гьел. Гьеб мехалда нух бихьизабуралъухъ кодоб букӏараб къайиги цо лордасе кьун, Санкт-Петербургалде рачӏун руго. Амма гьенирги туснахъалда лъун руго гьел, кодоса ярагъги бахъун. Доб мехалда гьенив цӏалулев вукӏарав Махӏач Дахӏададаевас полициялде гӏарзаги хъван, къватӏире риччазарун, хӏалалъ гӏебеде рачӏун руго нижер кӏудияв эменги жеги кӏигоявги.
Гьедин кутакалда божилъи лъугьун букӏун буго нижер чагӏаздаги Махӏач Дахӏадаевасдаги гьоркьоб. Гӏагарлъиялъухъцин течӏого, жиндирго вас Гӏадилгерейги Буйнакскиялда ругел нижер чагӏазухъе кьун вукӏун вуго хьихьизе. Жиндие щибниги ккани, гьесул миллат гьабеян тӏадкъанги букӏун буго гьезда.
Палхӏасил, нижер кӏудияв инсудасаги цере Америкаялде арал ансалги рукӏун руго.
Тӏоцеве гьезие Америкаялде нух рагьарав чи Унсоколоса Юсупов Мухӏамад вугин абулаха. Чавчавадзел адъютантлъунги вукӏун вуго гьев.
Жеги самолёталцин гьечӏеб заманалда, океан къотӏун кингӏаги гьел унел рукӏаралалиха. Амма цоцӏул ингун, лъикӏаб даран ккун, гьелъ ракӏ бан буго гьезул хаду-хадурги Америкаялде ине. Хӏадурараб къайи гуребги, добаго гьеб гьабизе цадахъ къайиги унаанила гьез. Америкаялъулазе рокьулел рукӏун руго гӏунсби, трубкаби (хъалиян жаниб лъолеб). Кавказалъулгун гӏурусазул рагъул заманалда бищунго махщалида трубкаби – мундштукал — гьарулел чагӏилъун ансадерил устарзаби рикӏкӏунел рукӏун руго Кавказалда. Гьез гьел гьарулаан чӏегӏераб зазил кьибилалъул (гьелъул биццалъиги чорхое зарал гьечӏолъиги хӏисабалдеги босун). «Держи дерево» ян абула гьелда гӏурусалъ. Гьанжени берцинлъиялъе киб бугониги лъезе, яги сайгъат гьабизе гьеб куракул цӏулалги гьабула.
Тӏоцере росулъе Америкаялдаса дараби росун вачӏарав чи нижер кӏудияв эмен вукӏун вуго. Щиб унтун аскӏоре рачӏаниги, росуцоязе рикьулаанила гьес гьел. Дараби жанир цӏунулел рукӏараб берцинаб цӏулал гъутухъ хадуб дир инсуе щвана.
Америкаялдаса рачӏарал кӏигониги кӏулал рукӏана нижер нуцӏида ран. Гилавкул кӏулалин абулаан гьезда (гилавка – цо кило). Гьединго дораса рачӏун рукӏана инструментал, гӏащтӏи, гъецӏ. Гьанже нахъалъагӏанги цӏунун рукӏана гьел.
Гуржиялъе ярмаркаялдеги гӏемер хьвадулев вукӏун вуго кӏудияв эмен.
Ахирисеб нухалда гьедин сапаралдаса тӏадруссун рачӏунелъул, кӏудияв эменги гьесул вацги Буйнакскиялда гьоболасухъ чӏола сордо базе. Цӏадул унтуца унтун ватула гьев. Цинги гьесдасан гьебги бахун, кӏиялго хола.
Гьедин — 12 сон барав чи — бесдалъула дир эмен.
Кӏудияв инсуда цадахъ Америкаялде унев бесдал вацасда цӏар Хӏожол Махӏамадилан абулеб букӏун буго. Ингилис мацӏги лъалаанила гьесда. Америкаялда анлъго моцӏниги бан буго гьез. Гьенире гурелги Франциялдеги, югалъулаб Африкаялдеги, цогидал бакӏаздеги щолел рукӏун руго гьел.
Крокодилги унсоколосевги
Мастерскаялгун тукабиги рагьун Америкаялда ансадерил букӏараб гӏумруялъул хӏакъалъулъ Дмитрий Труновас хъвалеб буго «Дагестанские умельцы» абураб тӏехьалда.
Хъалиян цӏалеб букӏинчӏониги, ансадерил устарзаби гӏадамал гӏемерал бакӏазде унел рукӏун руго тӏад ретӏун чергес-чухъабигун, кӏалдир ккун муншдукалгун. Жидерго къайиялъе реклама гьабизеха. Гьедин цо нухалда паркалда тира-сверулев вукӏарав цо устарасухъа мундштук хапун ун буго хӏориниб лъедолеб букӏараб крокодилалъ. Релъанхъизе лъугьун руго америкаялъулалги. Гьеб мехалда цо параялда жанив кӏанцӏун гьелда хадувгун, крокодил рекӏеда батилалде бахъун гьелъул кӏалдиса мундштукгун, унсоколосев хӏориниса къватӏиве кӏанцӏун вачӏун вуго. Гьакӏкӏан хутӏун америкаялъулалги рукӏун руго. Труновас хъвалеб буго гьедин.
Нижер кӏудияв инсуда цадахъ вукӏарав цояв – Хӏамзат абурав чи – Америкаялдаго чӏун вуго чӏужуги ячун. Рокъоре тӏаруссунелъул, дир кӏудияв инсухъ жиндирго эбелалъе долларазул пачка битӏун буго гьес. Гьелъ гьел гӏемер мехалъ цӏунунги рукӏун руго. Амма нахъа цояз гьелда малъун бугоан долларазда цӏа лъикӏ рекӏунин, гьел цӏадар лъезе кколилан. Гьединищали лъаларо, амма кир ралагьаниги, гӏагарлъиялда ратун гьечӏоан гьел.
Эмен
Сталинил заманалдаго курортал ругел шагьаразда рагьулел рукӏун руго халкъияб махщалил артелал. Гьедин Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьилалда цересел соназда дир эмен вукӏана Кисловодскиялда рагьараб артелалъул филиалалъул заведующийлъун. Цинги гьенисанго рагъдеги ун вуго жиндиего бокьун (лъеберилъе санал рахарав чи – авт.). Гӏорхъаби цӏунулезул ротаялъул замполитлъун вукӏун вуго гьев.
Дир эмен ккола Буйнакскиялда букӏараб кооператив тӏоцере лъугӏарал гӏолохъабазул цояв. Колхозазе бухгалтерал хӏадурулел рукӏун руго гьенир.
Цин ревизорлъунги хӏалтӏун, хадув витӏун вуго гьев Кисловодскиялде гьеб филиалалъул заведующийлъун. Буйнакскиялде цӏализе инегӏан, живгоги гьенив хӏалтӏулев вукӏаравха эмен. Кӏи-кӏи, лъаб-лъаб моцӏица иргадал ритӏулаанила Кисловодскиялде ансадерил устарзаби. Гьедин гӏагарал чагӏаз цадахъ вачунев вукӏун вуго гьитӏинаб мехалда дир эмен.
Курорталда хӏухьбахъулел чагӏазе цӏакъ асар гьабулеб букӏун буго ансадерил тӏагӏалабаз. Тӏубанго росичӏониги, прокаталъегӏаги росулел рукӏун руго гьез гьел. Масала, доб мехалда букӏун буго гӏунсби кодор кколеб мода.
Рагъдаса хадув эмен хӏалтӏана социалияб рахъалъ халкъ хьезабиялъул идараялда. Рагъда чӏваралниги, араб бакӏ лъачӏого тӏагӏаралниги киналго гӏадамазул хъизаназе (районалда) гьес чӏезабуна пенсия. Гьанжегицин лъаларо цо-цо чагӏазда гъоб заманалда гъос гӏадин тӏадкӏалъазе бажарулареб куцалда, гъалатӏал гьечӏого гӏарзаби хъвазе. Нижер чагӏаз абулаан гӏарза хъвазе къваригӏани, Гъазимухӏамадида аскӏоре айин, гӏарза къабуллъулев чи дов вугилан.
Хӏажатаб документалда хадув бокьараб архивалдеги ваккулаан гьев. Гьединго гӏезегӏан гӏадамаз абуна дида нужер инсуца Къуръан малъарал чагӏи ругила жал.
Пенсиялде ине щуго сон хутӏидал, эмен нахъе ана ансадерил тӏагӏалабазул фабрикаялъул нухмалъиялдаса. Цо чияс абун буго дуца фабрика гӏодоб ккезабулеб бугилан, гьедин батани, дуца бахъинабеха янги абун рокъове вачӏана гьев. Щуго соналда жаниб инсуца фабрикаялда гьабураб хӏалтӏул бицун хӏалкӏоларо.
Нижер киналго вацалги хӏалтӏана гьенир.
Цӏализе ритӏулеб мехалда гӏагарал чагӏи чӏана цӏали къваригӏинарила гьал лъималазе, фабрикаялда хӏалтӏизе тӏамейила гьел. Битӏараб бицани, гьениб нижее кутакалда лъикӏаб гӏарацги щолаан. Амма инсуца гьесие жаваб кьуна лъай гьечӏев чиясул лъавукълъи букӏунила гъобаги. Гьес абулаан лъабго жо тӏубазе кколила чияс дунялалъул рокъоб — лъайги, динги, махщелги.
Ахирал къоял тӏаде щвезегӏан, 12 соналъ, райкиносеталъул бетӏерав бухгалтерлъун хӏалтӏана эмен. Лъикӏав специалист вукӏиналъ, «Гъазимухӏамад, рокъов гӏодов вукӏунгицин гьабизе бегьила дуца гьеб бухгалтерлъи» ян абулаан директорас гьесда. Командировкаялъ араб бакӏалда инфарктги ккун хвана гьев.
Дица абула инсул халкъияб академия лъугӏизабунин дица. Гьеле гьелъул буго дие бищунго кӏвар.
Искусство эклектикаялде сверизаби
Хас гьабун цӏалун щвараб художественнияб лъай гьечӏониги, дун ккола Дагъистаналда вугев Россиялъул халкъияв цохӏо художник. Цӏалун художникаллъун рахъарал чагӏаз зарал гьабуна искусствоялъе. Ай, цогидал художниказухъего хӏазе лъугьиналъ, искусство эклектикаялде сверизабуна. Стилал (къагӏидаби) журазаруна. Гьедин гьабизе лъикӏаб гьечӏо гьеб.
Дун абуни ана цохӏо нухдасан. Цо къагӏидаги ккун чӏана дун, гьеб дуруслъизегӏан.
Пихъги кьун, заманалдасан куракул гъветӏ херлъула. Турун хвезегӏан, яги лъица бугониги, цӏадаб лъезегӏан, тӏагӏелги гьабун, дица гьелда кӏиабизеги «рухӏ лъезабула».
Щибаб тӏагӏалил буго жиндирго гъветӏ. Масала, генул цӏулал букӏуна гӏицӏго цо хасаб тӏагӏел. Гьединго – куракул цӏулалгиха.
Цӏул дие меседалъул бакӏалда чӏола. Цо нухалда интервью кьолаго, дида гьикъун букӏана кубачиязулги ансадерилги махщалидаги гьоркьоб кинаб батӏалъи бугебан. Дица абуна кубачияз гӏарац цӏуладе сверизабулин, ансадерица абуни цӏул гӏарцуде сверизабулилан.
Гьабсагӏаталда ансадерил махщелгӏан цебетӏолеб цогидаб махщелги гьечӏо Дагъистаналда. Амма квеш ккараб жо буго нижер чагӏи хӏалтӏунгутӏи.
Масала, щибаб мажгиталъе къваригӏуна гӏанса (рузман къоялъ хутӏба гьабулеб мехалда – авт.). Уфаялъул мажгиталда буго ансадерица гьабураб гӏанса. Дагъистаналъул мажгитахъ щай гъол рукӏине бегьуларел? Гьединго нилъеда сверухъ ругел республикабаздагиха. Дицани садакъадуй рукӏинеги ансадерица гьарулеллъи лъазеги, чанги мажгиталъе сайгъат гьаруна гьел гӏунсби.
Гьединго Къуръан тӏад лъолеб жо букӏуна. Ансадерица гъолда абула финтахӏилан. «Фатихӏа» («Рагьулеб») абулеб рагӏудаса бачӏараб буго гьеб. Республикаялде рачӏарал сайгъаталъе кьезе щай росизе бегьуларел?
1960 абилел соназда Буйнакскиялда муфтият бугеб мехалда республикаялъул муфтилъун вукӏун вуго Чӏарадаса Мухӏамад-хӏажи Къурбанов. Лъабго гӏанса гьабеян вачӏун вуго гьев нижер тухумалъул чагӏазухъе. Устарзабиго гӏадин, кутакалда дин ккурал чагӏиги рукӏун руго гьел. Нижер кӏудияй эбелалъул вацгӏал вукӏана Мухӏамадгӏали абун, цӏаларав чи. Гьес устарасда тӏадкъан буго гьел гьаризе.
Цинги хӏежалде ун вуго Мухӏамад-хӏажи гӏунсбиги росун. Гьебгиха Никита Хрущев бетӏерлъудаги вугеб, нилъ тӏуранго диналдаса рикӏкӏалъарал чагӏиянги рикӏкӏунеб мех. Дагъистаналъул муфтияс гьел гӏунсби сайгъат гьарун руго Маккаялъул мажгиталъул имамасеги жеги кӏиго чиясеги.
Кӏиго соналдасан Дагъистаналдаса вакиллъиялъе изну кьун буго хӏеж борхизе. Гьеб мехалда гӏарабаз гьезие Кагӏба-рукъ рагьун буго. Мухӏамад-хӏажида гьениб жаниб бан бихьун буго дол нижер чагӏаз гьарурал гӏунсузул цоябги.
Фабрикаялъул директор
Фабрикаялъул директорлъун хӏалтӏизе лъугьиндал, дица къадада чӏвана киналго накъищазул суратал. Гьелъул щибалда мухӏканго бихьизабунги букӏана расеназда гьоркьоб кигӏан бакӏ толеб, кинаб къагӏидаялда гьел сверизаризе кколелали. Доб мехалда фабрикаялда гьарурал гӏунсби руго гьабсагӏаталда музеялдаса росун рачӏарал гӏадал, къанагӏатаб куцалда гьаруралин кколел.
Дица кутакалда халкколаан качествоялда хадуб. Цо нухалда лак тӏад бахарал тӏагӏалаби ратана дида гохӏ гьабун, цо коробкаялда жанире ран. Лакалда гъорлъ ччурал жал батаӏа-батӏаго лъечӏони, гьазда тӏад лъалкӏал хутӏула гурищилан абидал, жидеца кидаго гьедин гьабулаанин жаваб кьуна хӏалтӏухъабаз. Жидедаса гьединаб стерильность тӏалаб гьабизе кканани, мун больницаялдайищ хӏалтӏулев вугевин махсароги гьабуна гьезда гьоркьоса цо чӏужугӏаданалъ.
«Мигӏраж»
«Мигӏраж» абураб хӏалтӏи гьабизе ракӏалде ккаралдаса 50 сон ана. Дун гӏемер ургъана кинаб кӏодолъиялъулдай гьеб гьабилеб, буракъги Мухӏамад аварагги кинандай рихьизарилел абун. Цо жо гьабун, цинги тӏубарал соназ чӏун. Хадубги цогиги жо тӏаде жубан, чӏун. Гьале гьанже ахиралда ракӏалде буракъ боржунеб куцалда бихьизабизе. Бищун тӏаса хъвана «Ашгьаду аллаиллагьа иллалагь, Мухӏамад Расулуллагь» илан. Хадув ургъана чамабилеб зобалдадайавараг Аллагьгун дандчӏвана ян. Гьединал хӏалтӏаби гьарулеб мехалда хӏатталдаса ун гӏемер тарихги лъазабизе кколелъулха. Рамазан Гӏабдулатӏипов чӏун вукӏана дуего цойги гьабейин гьеб «Мигӏраж», гьеб цояб жиндие бичеян. Дица инкар гьабуна, щайгурелъул гьединал хӏалтӏаби такрар гьаруларо. Гьарунани, хола гьезул къимат, магӏна.
«Мигӏражалъул» диаметр ккола 60 сантиметра. Гьеб гьабсагӏаталда Москваялда музеялда буго.
Дун художник вугин абун чӏечӏого, жиндирго лъайги камил гьабизе ккола чияс. Дица Къуръанги цӏалана, исламалъулгун, гӏарабазул, бакъбаккулгун бакътӏерхьул искусствоги лъазабуна. Философиялъул гӏелмабазул кандидатлъунги вахъана.
Цӏулада ишан кьабулелъул дие гьеб кинабго кумекалъе чӏана. Масала, чанги устарзаби руго гӏараб хӏарпал хъвазе лъалел. Амма жидерго хӏалтӏулъ гьез гьел хӏалтӏизаруларо. Дица абуни къагӏидалъун гьабуна гьеб – цӏулал тӏагӏалабазда гӏарцудалъун гӏараб хъвай-хъвагӏай бекьи. Тӏоцебесеб гьединаб хӏалтӏи 1991 соналда гьабуна.
Гӏараб хъвай-хъвагӏайги динги лъазабизе гьукъун букӏинчӏо советияб заманалда, жидеего гьабизе бокьунгутӏиялъ рехун тун букӏин гурони. Ранщинал какал гӏелин нужее ян абуни, доре мажгитазде хьвадичӏого чӏезе хӏадурал чагӏи руго гьабсагӏаталдаги. Цо тайпа буго жидеего бокьун диналде рачӏарал, цогидаб тайпа буго зулмуялдалъун гьелде ахӏарал. Нижер районалда Генубги Балахьуниги киданиги къачӏо мажгитал. 1960 абилел соназде щвезегӏан Гьаракӏуниги къачӏо.
Устарзаби цӏунана
Москваялда выставкаялда дида абуна гьал киналго хӏалтӏаби докторасул диссертациялъун рикӏкӏине бегьулила («унцукульская орнаментальная насечка»). Цогидал устарзабаз гьеб цӏулада махх кьаби абун къокълъизабулеб, гӏадатияб жолъун гьабулеб буго. Махх кьабиги батӏи-батӏияб букӏуна. Масала, магӏ кьаби. Кӏвар бугеб жо ккола накъищал гьарун гӏарац-месед, яги цогидаб махх гьелда кьаби.
Дица рикӏкӏуна умумузул гӏадаталги цӏунун цӏи-цӏиял жал ургъизе кколилан. Цо-цоязда гьеб мекъи бичӏчӏун батула. Масала, Манаба Мухӏамадовалъ жубазабуна кӏиго къагӏида – гуржиязулги кубачиязулги, амма гӏадатал цӏуничӏого тана.
Туризмалъулгун халкъиял махщалил министерствоялда хӏалтӏулеб мехалда дица хӏаракат бахъулаан устарзаби цӏунизе. Масала, Хасавюрт районалъул Сулевкент росулъ гьезул умумузго гьабулеб букӏараб щагӏил къайи-къоно къватӏибе биччазе бана предприятие. Цӏи гьабуна умумузул къагӏидаялда хурдузул релъеналги хӏалтӏизарун, халичаби ресси. Маджалисалда рагьана Хайдакъалъул угьарулеб къагӏида малъулеб центр. Киналгӏаги откаталги ришваталги росичӏого, квербакъана устарзабазе грантал щвезаризе. Гьаруна гьезие выставкаби. Рамазан Гӏабдулатӏиповасул заманалда Махӏачхъалаялда рагьана «Город мастеров» абураб парк. Гьединаб пикру дица кьун букӏана республикаялъул тӏалъиялъе. Гьеб паркалда аскӏоб бугеб выставкабазул залги (Туризмалъулгун халкъиял махщалил министерствоялъул бакӏ) шагьаралъул нухмалъулез нахъе унеб букӏун, хӏалалъ тезабуна дир квербакъиялдалъунги.
Гьединго Дагъистаналъул орденалъул эскизги тӏоцебе дица гьабуна.
Палхӏасил, тӏокӏалъ чӏечӏого дидаго тӏад хӏалтӏулев вукӏуна дун.
Мухӏамад-хӏажи абун гӏагарав чи вукӏана нижер. Гьес гӏараб хӏарпал малъулеб мехалда гӏурав чи вукӏана дун. Гьабсагӏаталдаги нечоларо дун цо щиб букӏаниги жо лъалеб гьечӏин, гьеб малъеян гьаризе. Мунагьал чураяв инсуца абулаан гӏабдалилан гӏадамаз тарав чиясул санги гьабичӏого, гьесда аскӏоса нахъе унгеян. Тӏубараб харбида гьоркьоса цо рагӏиниги щулияб бачӏине рес бугила гьесул кӏалдисан. Гьеб бищизе лъани, гьелъулги кӏудияб пайда бугила дуе.
Гьединго, дида гӏемер гьикъула дуца гьел тӏагӏалаби гӏицӏго тӏад ишанги кьабун щайин толарел, байбихьудасанго мунго цӏулал форма-куц гьабизе лъугьинчӏого абун
Гьелъулги хӏалбихьана, амма дир ракӏ рекъечӏо цогидаз гьел гьарулеб куцалда. Гьедин гьабизе тӏадкъараб чанго тӏагӏел хвезабун бачӏана. Станокалдасан биччалеб мехалда аскӏовги чӏун малъизе рес кколеб бугонигицин мадар букӏуна. Амма гӏемерисел тӏагӏалаби квералъ гьарула.
Махӏачил фондалъул президент
Махӏач Дахӏадаевасул цӏаралда бугеб культуриябгун тарихияб гӏуцӏи букӏана ансадерил. Дун кколаан гьелъул вице-президент. Бетӏеравлъун вукӏана мунагьал чураяв Гъайирбег Гӏабдурахӏманов (эколог). Гьев хун хадув гьеб гӏуцӏи сверана фондалде, дунги гьелъул президентлъун вищана.
Нижее бокьун буго Махӏач Дахӏадаевасул юбилеялде (2022 соналда 140 сон тӏубала гьев гьавуралдаса – авт.) гьесул цӏаралда медальги значкабиги риччазе. Граждан рагъул герой гуревги, унго-унголъунги ватӏаналда хадув ракӏунтарав чи вукӏана гьев. Имам Шамилилги, Гӏабдурахӏман Данияловасулги даражаялъул чи кколаан гьев.
Заман
Дида гьикъула хӏукуматалъул хӏалтӏуеги, творчествоялъеги, жамгӏияб хӏалтӏуеги, цогидалъеги заман киндила дуда батулеб. Жиб-жиб жоялъе гӏолеб куцалда гьебги бикьани, тӏаде босараб ишги цӏараб заманалда тӏубазабуни, заман гӏола.
Зульфия Хӏажиева