3 августалда Гъуниб районалда «Гъуниб-Гъумеки» абулеб шагьранухде кьуруги ччукӏун, 70 метра- лъул манзилалда нух бацана. Машинадуй нухги гьечӏого хутӏун букӏана Чӏохъ, Сугъралъ росаби. Гьел ккола Гъуниб районалъул бищун гӏемер туристал рачӏунел росаби. Шагьранух бацӏцӏад гьабизе гьенибе экскаваторги автопогрузчикги щун буго. Хӏалтӏухъабазда ракӏалда буго 5 августалъул рогьалида машинаби хьвадулеб хӏалалда нух бацӏцӏад гьабизе. Нухде кьуру ччукӏун гӏадамасе щибниги зарал ккечӏо. Араб соналдаги гьединабго жо ккун, цӏи гьабун, къачӏан букӏараб шагьранух ккола гьеб.
sources.avar.me / hakikat / 2021