Хасалоялде республика хӏадурго бугищ-гьечӏищали абураб суал гьоркьоб лъураб данделъи тӏобитӏана Сергей Меликовас 21 сентябралда. Гьелъие гӏоло гӏуцӏараб хасаб комиссиялъул вакилзабиги ракӏарун, гӏатӏидаб данделъи букӏана Хӏукуматалъул минаялъуб.
Муниципалиял идарабаз кьурал хӏисабкьеялъул баяназда рекъон, хасалиде нилъ хӏадурун ругин 89 проценталъин абуна республикаялъул бетӏерас.
Гъоркьиса, дида ракӏалда буго, ракьхасало чанги чи цӏорон холел хутӏана, рокъоса хинлъиги тӏагӏун.
Исанаги гьединаб ракӏбакъвай гӏадамазе щвечӏого букӏине, цебеккунго дирго бербалагьиялде гъор- кье босана дица гьеб суал, ан абуна С. Меликовас.
– Мисалалъе, хасел тӏаде щведал ракӏалдаго гьечӏел гӏунгутӏаби ккола цоцо бакӏазда. 1 ноябралдехун кинабго хӏадурун букӏине ккола, кьиндал гӏадамал хинлъиги тӏагӏун хутӏичӏого рукӏине, ян абуна гьес хадубги.
Меликовас бицана «ПАО «Россети Северный Кавказ» гӏуцӏиялъул Дагъистаналда бугеб «Дагэнерго» филиалалъ 891 миллион гъурщиде хӏалтӏаби байбихьун ругин хасалоде муниципалитетал хӏадурго рукӏине. Кинабниги 35 районалда гьабулеб буго гьеб хӏалтӏи «Дагэнергоялъ».
Гьединго нилъер республикаялда буго коммуналиял хъулухъазул идараби хасалоде хӏадурлъиялъул рахъалъ гӏуцӏараб хасаб штабги.
Гьелъ гьабураб хӏалтӏул хӏисаб кьуна ДРялъул Хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас.
Гьес бицана цӏорораб заманалда гьоркьоса къотӏичӏого хинлъи кьолеб хӏалалъ хӏалтӏулел рукӏинелъун, киналго котельныял къачӏазе 105 миллион гъурущ биччанин батӏи-батӏиял шагьаразеян.
Мисалалъе босани, гьеб гӏарац щун буго Гъизилюрт, ДагОгни, Хасавюрт ва Каспийск шагьаразе.
Гьединлъидал, 100 проценталъ гьечӏониги, 89 проценталъгӏаги республика хӏадурго буго хасало нилъеда цӏорой хъвачӏого кьин нухда тӏамизе. Гьанже гьеб 11 проценталъ ракӏбекизабилареб батила нужерги. Цӏакъго хӏалккани, гьоркьогьоркьобгӏаги магӏарухъеги раккизе бегьула. Доба боркьараб печрукъги, коронибе бараб картошкаги, кьиндалил халатал сардаз бицунеб аваданаб хабарги букӏина. Воре, цӏорозе чӏоге.