Хъахӏилаб цӏатариялъ цере лъолел тӏалабал
Тӏасияб моцӏалдаса байбихьун хиралъизе буго Каспийскиялдаса Махӏачхъалаялде рекӏаралъухъ босулеб багьа. 15 ноябралдаса нахъе 45 гъурщиде бахине буго гьеб. Маршрутка бачунез жидерго машинаялда жаниб гьединаб лъазабиги чӏван буго.
Цебесеб анкьалъ хиралъана Махӏачхъалаялда жаниб маршруткадул багьаги. Нижеца гьелъул хӏакъалъулъ хъван букӏана цебесеб номералда.
Махӏачхъалаялдаго гӏадин, Каспийскиялде-нахъе хьвадулел водителазги багьа хиралъиялъе гӏиллалъун рехсолеб буго газалъулгун бензиналъул багьаби рахин. Газалъул цо литрадухъ додинго 35-36 гъурущ буго. Гьединлъидал рекӏадухъ багьа бахинабичӏого жидерги рес гьечӏин бицана «Каспийск-Махӏачхъала» маршруталда хӏалтӏулел водительзабаз.
Каспийскиялдаса Махӏачхъалаялде хӏалтӏуде хьвадула гӏемерал чагӏи. Щибаб къоялъ радал гьениреги, къаси рокъореги рекӏине кколел чагӏазе 45 гъурущ дагьаб гӏарац гуро.
Цохӏо маршруткаби гурелги, автобус-троллейбусалги хьвадула гьенире. Амма нухда цӏакъго гӏемераб заман балеб букӏиналъ, киназего гуро гьеб транспорт рекӏее гӏолеб.
Гьединго 26 октябралдаса байбихьун жамгӏияб транспорталда рекӏунел гӏадамаз маскаби ххун ругищ-гьечӏищали хал гьабизелъун, низам цӏунулел хӏалтӏухъабазул рейдги унеб буго Махӏачхъалаялда.