Гӏураб къадаралде хӏалтӏухъаби гьечӏолъиялда бан, букӏине кколеб къагӏидаялъ хӏалтӏизе кӏолеб гьечӏо Махӏачхъалаялъул цӏорол кӏкӏор гьабулеб заводалда.
Москваялда дандеккун балагьанигицин, лъикӏаб харжги щвезе рес букӏаго, жинда бичӏчӏуларин щай нилъер гӏолохъабаз гьеб заводалда хӏалтӏизе бокьулеб гьечӏебилан абуна дагьаб цебегӏан РГВК «Дагестан» каналалда букӏараб дандчӏваялда республикаялъул дармилгун промышленносталъул рахъалъ министр Низами Халиловас.
— Бищун гӏажаиблъи гьабизе ккараб жо, республикаялда хӏалтӏи гьечӏого хутӏаразул къадарги гӏемер букӏаго, щай гьединаб ахӏвал-хӏал букӏине кколеб? Моцӏрол харжги нилъер гьениб батӏаго квешаб гьечӏо. Гьоркьохъеб къагӏидаялъ 45 азарго гъурущ щвезе рес буго, — илан абуна министрас.
Амма министрасул рагӏабазда рекъон, моцӏрол харжалда бараб жо гьениб батӏаго гьечӏо. Хӏажат бугин щибаб махщелчилъиялъул бугеб къадру-къиматги, гӏадамазе, халкъалъе гьелъул бугеб мунпагӏалъиги школа лъугӏулел лъималазда бичӏчӏизабизеян абуна Н. Халиловас. Гьесда лъикӏаблъун бихьулеб буго гьелъие гӏоло цӏорол кӏкӏор гьабулеб заводалде ялъуни цогидал предприятиязде экскурсиял тӏоритӏани.
Гьелдаса хадубниги завод-фабриказда хӏалтӏизе гьезул хиял лъеялде хьулги буго гьесул.