Махӏачхъалаялъул Советский районалъул судалъ 4 марталде щвезегӏан туснахъ гьавуна ДГТУялъул ректор Нурмухӏамад Суракъатов.
Россиялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул Дагъистаналда бугеб управлениялъ гӏунтӏизабулеб гӏайибалда рекъон, 2015-2018 соназда студентазе стипендиялъеги вузалъул хӏалтӏухъабазеги бихьизабураб гӏарац гьесги ДГТУялъул цогидал хъулухъчагӏазги жидеего толеб букӏун буго (студентазул гъулбасалги жидецаго гьарун). Гьедин федералияб бюджеталдасан биччараб гӏарцуда гьоркьоса 90 млн гъурущ тӏокӏ гьабун бугин рикӏкӏунеб буго цӏех-рехчагӏаз.
Гьелде щвелалде Цӏех-рехалъул комитеталъ судалде битӏун буго ДГТУялъул вукӏарав кӏиго бухгалтерасда хурхараб материалги.
«Суракъатовасде гӏунтӏизабулеб буго гьев жеги ректорлъун ккелалдего вузалда гьабураб цӏогьалъул гӏайиб. Гьев гьеб хъулухъалда тасдикъ гьавуна гӏицӏго 2020 соналъул марталда», — ян бицана газеталъе цӏар рехсезе разилъичӏев чияс.