Россиялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб управлениялъ судалде битӏана миграциялъул управлениялъул (ДРялъул МВД) хӏалтӏухъанасда хурхун гӏуцӏараб уголовнияб дело.
Цӏех-рехчагӏаз рикӏкӏунеб буго бихьизабураб заман ун хадубги жалго Дагъистаналда хӏалтӏизе таралъухъ Азербайжаналдасаги Вьетнамалдасаги гӏадамаз гьесие кьун бугин 900 000 гъурщил къадаралда ришват.