Махӏачхъала шагьаралъул Семендералда гӏумру гьабулей Мадинат Шахбулатовалъул вас Рамазан, МВДялъул хӏалтӏухъан, хасаб операция тӏобитӏулаго лъукъун вукӏана. Амма, талихӏалъ, гьев чӏаго хутӏана ва пенсиялде ана. Вас чӏаго хутӏани, бесдал лъимал хьихьизе рачинин абураб рагӏи кьун букӏана эбелалъ ва, кьураб рагӏиги ккун, хьихьизе бесдал лъимал рачине къватӏие яхъана.

Астраханалъул бесдалазул рокъоса вачана лъабго вас. Гӏемер заман иналде, кӏиабизеги сапар бухьана гьелъ гьенибего. Жакъа гьелъул тӏалабалда буго микьго лъимер. Бищун гьитӏинав Баширил буго 7 сон.

8 марталъул хӏурматалда, Мадинатида байрам баркизе вачӏарав шагьаралъул нухмалъулев Салман Дадаев виххун хутӏана -микьабго лъимада лъалеб бугоан магӏарул мацӏ.

Нуж кисайин цӏехедал, гьез жавабги кьуна Дарада-Мурадасайилан абун. Гьел лъималазги Мадинатида бабайилан гурони абуларо.

Гьел лъимал руго сакъатлъи бугел, ва гьезие хъулухъ гьабиялъе кьолеб буго Мадинатица тӏолабго гӏумруги.

Гьединаб рагӏал гьечӏеб ралъад гӏадаб жо буго эбелалъул ракӏ.

Зайнаб Гӏалимирзаева