16 марталда ДРялъул Росдал магӏишаталъул министр Батӏал Батӏалов, багьабазул ахӏвал-хӏал цӏехон, щвана республикаялъул ква- нил нигӏматазул базаразде. Гӏаммаб куцалда цо-цо нигӏматал хира лъун ратана. Мисалалъе, багьа бахун буго чакаралъул, семечкадул на- хул, ролъул ва гьел гурел цогидалги нигӏматазул. Амма ахираб кӏиго къоялда жаниб багьаби дагьалъго гӏодоре кканинги бицана министер- ствоялъ кьураб баяналда.
Гьединго хисичӏого чӏун буго гьанал багьаги. Хиралъун буго чадил буханкадул багьа. 32 гъурщиде бахун буго гьеб.
Украинаялда хасаб операция тӏобитӏизе байбихьаралдаса ва гьеб сабаблъун Бакътӏерхьул пачалихъаз Россиялде санкциязул гьужум гьабизе лъугьаралдаса нахъе улкаялда ва гьелдаго цадахъ республикаялдаги кванил нигӏматазул багьаби рахине байбихьана. Цохӏо кванил нигӏматал гурелги хиралъун руго. Амма аслияб куцалда гӏадамазул рахӏат хвезабун буго кунеб жо хиралъун букӏиналъ.
Мисалалъе гьадин бицана нижее Махӏачхъалаялъул автостанциялда аскӏоб бугеб «Цӏумадисезул» абулеб базаралда хӏалтӏулев Мухӏамадица.
— Хиралъичӏеб жого гьечӏо. Гьекъолеб лъедаса байбихьун, пихъиде гӏунтӏун. Гьуинлъи цӏакъго хиралъун бугин абизе бегьула. Москваялда ругел, нижер гьанибе къайи битӏулел фирмаби, багьабазул иш рукӏалиде бачӏинегӏан хӏалтӏиги чӏезе тун руго. Бищунго цӏакъ хиралъун буго семечкадул нах. Гьелъул цо шишаялъул бищун гӏодобегӏанаб багьа буго 130 гъурущ. 150 гъурщиде бугел бакӏалги руго. Ахираб анкьалда жаниб хиралъана чипсал, лъималазе росулел киндер-сюрпризал, къокъго абуни, Европаялъул пачалихъаздаса гьанибе бачӏунеб букӏанщинаб гьуинлъи.
Хӏатта абулеб буго «Марсалгун» «Сникерсал» Россиялдаса тӏуранго тӏагӏине ругинги. Щайин абуни, Россиялда хӏалтӏулел рукӏарал Европаялъул улкабазул фирмаби гьаниса нахъе унел ругелъул.
Багьаби хиралъизе байбихьарал тӏоцересел къояз гӏадамазул рихха-хочи букӏана. Кӏванагӏан жоялъул нахърател гьабизе, гӏемераб жо босизе ниятгун рачӏунел гьезул кӏудияб читӏир букӏанин абизе бегьула. Дагьалъ хадур гьел гӏодореги руссана.
Ургъун рахъун нижеца багьаби хира гьарурал гӏадин, нижеде, ай ричарухъабазде хьандолелги камуларо. Киназдаго бичӏчӏизабун бажарулеб гьечӏо багьабазул хӏакъикъат нижеда бараб жо гуреблъи.
Гьабсагӏаталда чакаралъул килоялъул оптовияб багьа буго 80 гъурущ. 90 гъурщидеги буго цо-цо бакӏазда. Цоги нухалъ тӏад руссун абуниги, аслияб къагӏидаялъ, хиралъун буго къватӏисел улкабаздаса гьанибе бачӏунеб букӏараб къайи-цӏа.
Махӏачхъалаялъул №2 базаралда гьедигӏанго хӏалуцин гьечӏин бицана гьенив вичарулев, Гумбет районалъул Килалъа Шамсудин Жамалудиновас.
Багьабазда хадуб низам чӏезабиялъул мурадалда республикаялда рагьун буго Оперативияб штабги. Улкаялда захӏматаб ахӏвалхӏалги бугелъул, кӏванагӏан багьаби рахинаричӏого тейин абун ричарухъабазде хитӏаб гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасги.