Республикаялъул рес буго, советияб пачалихъалъул заманалдаго гӏадин, цӏолбол бачӏин цӏикӏкӏинабизе. Гьединаб пикру загьир гьабуна гьал къоязда ДРялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместитель Шарип Шариповас.
Щайгурелъулин абуна гьес, ахираб кӏиго соналда жаниб Дагъистаналда кӏванила цӏибил гӏезабиялъул рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб цебесеб чӏалде бачӏине.
«Мисалалъе, гъоркьиса, 237 000 тонна цӏолбол бакӏарун буго нилъеца. Гьеб буго кӏудияб хӏаракаталъул хӏасил. Нилъедаса хадуб буго Крымги Краснодар крайги.
Гьоркьохъеб хӏисабалда, цо гектаралда Дагъистаналда гӏезабула 127 центнер цӏолбол. Нилъер аниб гӏезабураб гьеб нигӏмат босизе бокьун играялда чӏарал Россиялъул регионазул читӏир кӏодолъулеб буго», — ян абуна Шарип Шариповас.
Дагъистаналда гӏезабураб цӏолбол гьабураб чагъирги коньякги кидаго цӏакъ къиматаблъун букӏана россиялъулазе. Гьанже цӏолбодеги цӏакъ хьул лъураб къагӏида гьезул.