1 июналда, имам Шамилил цӏар лъураб къотӏноб, «Ахӏулгохӏ» абураб жамгӏияб цолъиялъ тӏобитӏана имам гьавуралдаса 225 сон тӏубаялъул хӏурматалда баннер седеялъул тадбир.
Гьелда гӏахьаллъи гьабуна ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диналъул ишазул рахъалъ ми- нистерствоялъул, имам Шамилил цӏаралда бугеб фондалъул, Динияб идараялъул ва жамгӏиялгун гӏолилазул гӏуцӏабазул вакилзабаз.
— Имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тӏубаялда хурхун тадбирал тӏоритӏизе руго исана, — ян бицана «Ахӏулгохӏ» гӏуцӏиялъул нух- малъулев Гъайирбег Гӏабдулаевас.
— Гьале жакъа, имамасул цӏар лъураб къотӏноб, чӏвана баннер. Амма цохӏо гьеб сурат къадада чӏвай гуро нижер аслияб мурад. Мурад буго Шамил имамасул тарихги, гьесул цӏарги, бахӏарчиял ишалги наслабазда лъай.