ДРялъул росдал магӏишаталъул министерствоялъ Кочубеялда данделъи тӏобитӏана

Исанаги гарцӏазул зарал ккезехъин буго Дагъистаналъул росдал магӏишаталъе. Арал соназда дандеккун, исана гьезул къадар цӏикӏкӏине бугилан абулеб буго тӏабигӏаталда хадуб халкколез. Гьединлъидал, нилъер республикаялъул Калмыкиялъулгун ва Ставрополалъулгун гӏорхъабазда гьезул тӏинчӏ баккарабго, Росдал магӏишаталъул ва квана-гьекъолел жалазул министерствоялъул хӏалтӏухъабаз жигар бахъулеб буго гьелде данде гьаризе кколел тадбирал тӏуразаризе.

Гьелда бан, 20 маялда росдал магӏишаталъул ва квана-гьекъолел жалазул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас хехаб данделъи ахӏана Кочубей поселокалда. Гӏодобкъо букӏиналъухъ балагьичӏого, гьенир гӏахьаллъарал магӏишатазул нухмалъулезул, фермеразул, киналниги специалистазул баяналъухъги гӏинтӏамун, хӏукму ккана щибаб районалда гӏуцӏизе гьеб ишалда хурхун хӏалтӏи гьабулел штабал.

Цогидал районаздаса цӏикӏкӏараб хӏинкъи буго Нугъай районалъул магӏишатазда. Гьединлъидал гьеб районалъул администрациялъул заместитель Х. Саитовас тӏадчӏей гьабуна жамгӏияб ва хасаб магӏишатазда жакъа къоялде щвезегӏан гьарулел ругел хӏалуцарал хӏалтӏабазда. Гьеб районалъул 40 азаргоялде бахараб гектаралда гарцӏица тӏинчӏ биччан буго, амма 600 гаялда гурони гьелде данде дару гьабун гьечӏо. Кватӏичӏого гьелъ боржине байбихьула ва тӏощел хвезабула.

Гьединго гӏуцӏараб къагӏидаялда хӏалтӏи гьабулеб бугилан баянал кьуна Гӏахъуша, Кули, Рутул районазул вакилзабазги фермеразги.

Данделъиялда пикру буссинабуна тӏаде бачӏунеб гьеб гарцӏил балагьалде данде гьабулеб хӏалтӏи, Дагъистан Республикаялъул «Ракьул кодексалъул» 19-абилеб статьяялда рекъон, тӏоцебесеб иргаялда ракь хӏалтӏизабулезул, ракьалъул бертӏергьабазул жавабчилъиялде кколеблъиялде. Росдал магӏишаталъул ва квана-гьекъолел жалазул министерствоялъ гьеб ишалъе гьабизе ккола гьелда рекъараб нухмалъи.

Гьаниб рехсечӏого гӏоларо гьел гьарулел тадбиразулъ районазул нухмалъулезул жавабчилъиялъул хӏакъалъулъги. Кигӏан кӏвар цӏикӏкӏараб, хӏалуцараб заман бугониги, хъутабазда жидерго магӏишатазде гӏицӏго Гӏахъуша районалъул бетӏер гурони щун ватичӏо. Хъутабазда жакъа лъолеб буго могьолал культурабазул бачӏиналъе, хасалоялде рагӏи-хер гӏураб къадаралда хадур гьабиялъе кьучӏ. Амма гьел суалаздехун районазул бутӏрузул бербалагьи гӏей гьечӏеб букӏин бихьулеб буго.

Гӏ. Гӏабдулмуслимовас хехаб къагӏидаялда загьру речӏчӏулел ГАРД машинабазул къадар цӏикӏкӏинабизе ресал ратана ва хӏажалъани гьеб мурадалда самолетал хӏалтӏизариялъе амру гьабуна. Химиялъул загьру речӏчӏун, къачӏазе кколеб ракьалъул къадар нилъер республикаялда буго 200 азарго гектаралде гӏагарун. Гьеб хӏалтӏуда хадуб чӏезабун буго щулияб хъаравуллъиги. Гьединлъидал гӏодориччан чӏезе заман гьечӏилан лъазабуна министрас.

З. Илясов