14 июналда Шамил районалъул Микьигьориб ккана пашманаб лъугьа-бахъин. Туристал рекӏараб машинаялъ гьабуна авария.

Гьелъул хӏасилалда машина бачуней йикӏарай чӏужугӏадан бакӏалдаго хвана. Гьелда цадахъ вукӏарав 11 сон барав вас райбольницаялде хъамуна. Гьесул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏин абуна тохтурзабаз.

Рулалда нахъа йикӏана 1981 соналда гьаюрай Протасова (Денисова) Евгения Сергеевна. Больницаялде ккарав вас ккола Ставрополь краялдаса.

Дагьал церегӏан къоязда Шамил районалъул Гьолокь росулъги дагьалъ хутӏана талихӏкъараб иш ккезе.

Туристал рекӏараб резиналъул раса Авар гӏурухъ гъанкъизе бахъана.

Экстремалияб тайпаялъул туризм бокьулеб къокъа, Авар гӏурухъан рачӏунаго, гьезул цояв лъелъе вортана. Гьев хвасар гьавизе кӏанцӏана гьел цӏунизе цадахъ вукӏине кколев чи.

Тадбир гьабизе чиги гьечӏого хутӏараб раса, гӏоралъ цебе хъамун унеб букӏана. Гӏемер рикӏкӏад гьечӏого, гьудулзабигун хӏухьбахъуда вукӏарав Мухӏамадхан Хӏажимухӏамадовасда бихьана гьеб кинабго ва туристал хвасар гьаризе кӏанцӏула. Амма цӏакъго гӏедерго чвахулеб гӏор сабаблъун, гьесул рес кколаро гьезда тӏаде ине. Къватӏивеги вахъун, цин велосипедалда, хадуб машинаялда, гӏурул рагӏал ккун гьезда хадувги вортун, цӏидасанги кӏанцӏула Мухӏамадхан гӏурулъе ва туристал хвасар гьарула.

Мухӏамадхан Хӏажимухӏамадов ккола ДРялъул МВДялъул наркотиказда хадуб халкколеб хъулухъалъул хӏалтӏухъан.