Анкьида жаниб республикаялда гъанкъана 14 чи, гьездаго гьоркьор гӏисинал лъималги.
МЧСалъул хӏалтӏухъабаз цӏодорго рукӏайин халкъалде хитӏабал гьаруниги, гьелгощинал чагӏи гъанкъана цо анкьида жанир республикаялда. Махӏачхъалаялда, Дербенталда, Гъизилюрталда, Унсоколо ва Гъарабудагъкенталда ккана гьел пашманал лъугьа-бахъинал.
Риидалил гьаб араб заманалда жанибин абуни 29 чи гъанкъун вуго. Гьезда гьоркьоса 11-ял ккола лъимал.
Газеталъул цебесеб номералда хъван букӏана ралъдалъ чвердолаго гъанкъарал санаде рахинчӏел кӏигоязул хӏакъалъулъ. Гьел рукӏана вацгӏалги яцгӏалги. Гьаб нухалъ къадаралде щваразда гьоркьорги руго гьединалго лъимал.
Лъималазул хвел гӏемерлъулеб буго республикаялда. Газеталъул чанго номералда хъван букӏана жалго жидецаго лъимал чӏваялъул хӏужаби гӏемерлъулел ругиланги. ЕГЭ сабаблъун жидерго гӏумруялде квер борхана гьез.
Гьанже лъелъ гъанкъун холел руго гӏолилал. Цоялдаса цояб кьогӏаб гурони рагӏулеб гьечӏо хабар. Цо анкьида жаниб 14 гӏумру гӏажалалде щванин абураб тарих гьитӏинаб жо гуро. Киназего бокьула рии тӏаде щведал ралъдахъе рорчӏизе, цӏорораб лъелъ чвердезе.
Республикаялъул гӏорхъолъа рорчӏарал ахӏвал-хӏалазул рахъалъ министерствоялъ (МЧС) цоги нухалда хитӏаб гьабулеб буго халкъалде. Агъаз гьечӏого, тӏаса квер босун нужерго лъимал ралъдал рагӏалда ва хӏорида аскӏор тогеян абун. Рекӏкӏаб, квер рес бакӏ гьечӏеб бакӏ буго ралъадги кьуруги. Гурхӏуларо гьеб гӏадамил лъимералда. Гьари буго киназдего, нужерго лъималазда хадуб халккве, чвердезе аралъур цӏодорго рукӏа. Воре, нужгоги нужерго лъималги цӏуне.