Гьал къоязда «Дагъистан-РИАялда» тӏобитӏана «кибер мошенниказул» «хӏаракаталъул» бицараб пресс-конференция. Гьенир гӏахьаллъана «Россиялъул Банкалъул» ДРялда бугеб филиалалъул нухмалъулев Мурад Идрисов ва ДРялъул МВДялъул хӏалтӏухъан Тимур Хӏажиев.
Исана тӏатинабун буго гӏадамазул банкалъул картабаздаса гӏарац бикъиялъул 211 азарго хӏужа.
Идрисовас бицухъе, телефоназул макручагӏазул пиша хутӏулеб буго жакъа къоялъ бищун машгьураблъун. Жалго мурадалде щвезе гьез хӏалтӏизабулеб буго царалаб макрулъиги илбисалъул мацӏги. Бокьараб жо бицун божизарулел руго гьез гӏадамал.
Тимур Хӏажиевас бицаралда рекъон, исана апрель-июнь моцӏазда жаниб, «Россиялъул Банкалъ» ургъун буго гьединал такъсирчагӏи чӏегӏераб сияхӏалде рехулеб чанго батӏияб къагӏида.
Бищун гӏемерал «кибертакъсирчагӏи» раккун рачӏунел руго Латвия ва Чехия гӏадал пачалихъаздаса.