21 маялда тахшагьаралъул кӏудияб мажгиталда тӏобитӏана республикаялъулаб ифтар

Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул бетӏер Владимир Васильевги.

«Дагъистаналде вачӏиндал дида бихьана хӏукуматалъул минаялда хьолбохъ бугеб мажгиталъул къадада хъварал гьадинал рагӏаби: «Гӏадамазе гӏемераб лъикӏлъи гьабурав чиясе щола Аллагьасул рахӏмуги», — ян. Жакъа тӏолабго Дагъистаналда рагьун руго «Рамазаналъул чадирал». Гьенир ракӏарула цоцазе чед бащад гьабулел гӏадамал. Гьединаб лъикӏаб иш гьабиялъул кӏудияб кӏвар буго», — ян бицана республикаялъул бетӏерас. Гьес ракӏалдещвезаруна халкъазда гьоркьосел террористазулгун ккарал рагъулал лъугьа-бахъиналги. «Доб заманалда Дагъистаналъул халкъ данде бахъана хъачагъазул къокъабазде. Гьелго соназда ДРялъул муфтияталъе ккана камиял – диналъул бацӏцӏалъи цӏунулел хӏаракатчагӏи къурбанлъана гьеб балъгояб рагъда. Амма гьезухъа бажарана халкъалъе битӏараб тарбия кьун ва гьединлъидал динги ватӏанги хириял дагъистанияз нух къана террористазе. Гьеб хӏалтӏухъ кӏудияб баркала буго нужее», — ян абуна В. Васильевас.

Хасаб кӏваркьуна гьес ДРялъул муфти, шайих Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаевасул хӏаракатчилъиялдеги. «Ракӏбацӏцӏадал, ришватчилъиялде дандечӏарал, загӏипазда гурхӏулел рухӏиял церехъабазулгун цадахъаб хӏалтӏи гӏуцӏизе бигьалъула. Нилъеда церечӏун руго республика цебетӏезабиялъул рахъалъ гӏемерал масъалаби. Гьел тӏуразарун нилъехъа бажарила, цадахъ рекъон хӏалтӏани. Баркала буго, цогидал диназул вакилзабигун цокӏалго хӏалтӏулеб бусурбабазул умматалъе», — ян бицана ДРялъул бетӏерас.

Кӏудияб мажгиталда гӏуцӏараб ифтаралде рачӏарал дагъистаниязе вагӏза-насихӏат гьабуна муфтиясги. «Инсан» абураб рахӏмуялъул фондалъул рахъалдаса баркалаялъул кагъатги кьуна гьес Васильевасе – «Рамазаналъул чадир» абураб акция тӏобитӏулаго, щуазарго бусурманчи кваназавизе рес кьолеб гӏарцул кумек гьабуралъухъ.