Суалазе жавабал кьезеги масъалаби тӏуразеги тарал чагӏи рукӏуна хӏакимзаби

Суалазе жавабал кьезеги масъалаби тӏуразеги

тарал чагӏи рукӏуна хӏакимзаби

Республикаялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул председатель З. Илясовас, 17 июналда советалъул членал Х. Валиевагун, Т. Рассохинагун, Ф. Карибовгун ва советалъул жавабияв секретарь Ш. Дайитмирзаевгун цадахъ Избербаш шагьаралда гӏадамал тӏаде къабул гьаруна.

Гьеб тадбиралда гӏахьаллъана шагьаралъул бетӏер Мухӏамад Гӏисакъовги администрациялъул жавабиял хӏалтӏухъабиги. Шагьаралда гӏумру гьабулез рорхарал аслиял суалал рукӏана шагьаралъул собраниялъул депутатазул сессия бакӏаризе кӏунгутӏиялда бан жеги шагьаралъул бюджет къабул гьабун гьечӏолъиялда, шагьар лъедалъун хьезабиялда, гӏадамазе рукъзал разе ракьул планал кьунгутӏиялда хурхарал. Хасго разилъи гьечӏолъи загьир гьабуна «Загородный» микрорайоналда гӏумру гьабулез.

Гьелдаго цадахъ гӏарзал рукӏана бесдаллъималазе рукӏине рукъзал кьеялъул рахъалъ ругел гӏунгутӏабазда тӏасанги.

Палхӏасил, гӏарзалъ рачӏарал гӏадамаз рорхулел ва бакӏалъулал хӏакимзабаз тӏуразе кколел суалал, щибалъе заманги цӏан, гьезда тӏадкъана.

Республикаялъул идарабаздаса къваригӏараб «Загородный» микрорайоналда лъел буругъ бахъизе хӏажатаб 15 млн гъуруш гӏарац кьезе кумек гьабеян советалъул цӏаралдасан республикаялъул бетӏер Владимир Васильевасухъе кагъат хъвана.

Гьединал дандчӏваял хадурккунги районаздагун шагьаразда тӏоритӏизе ругин бицана З. Илясовас.

Карият Мухӏамадова