«Хӏалтӏухъ мухь босуларо, Аллагьасул кири бугони, гӏела дие», — ян абула гьес.
Гӏадамазе кумек гьабулел ва росдае рахъун чӏарал чагӏи дида гӏемер рихьана, гьезул хӏакъалъулъ гӏезегӏан хъвана ва газеталдаса гьезие баркала кьуна. Амма Гъарланюрт станция росулъа анкьгьунар Мухӏамадов Мухӏамадица росуцоязе гьабулеб кумекги, жамагӏаталъе сайгъаталъе гьес гьарурал гӏемерал хӏалтӏабиги рихьидал, дун цӏакъ гӏажаиблъана. Гьев лъикӏав чиясдаса цогидазги мисал босизе бегьулин абураб пикруялъ, газеталдасан гьесул хӏакъалъул магӏарулазда бицине ният гьабуна дица.
Мухӏамадил тухум ккола Казбек районалъул Буртунай росулъа, амма гьев гьавуна ва гӏуна Хасавюрт районалъул Гъарланюрт станция росулъ.
Гьесие гьитӏинго бокьулаан суратал рахъизе, бокьун букӏана ралел бакӏазул инженерлъун цӏализе, амма, инсул гӏарцул хӏал гӏечӏоялъ, гьеб аниш хӏорго хутӏана. Гьес Новочеркасск шагьаралда бергьенлъиялда лъугӏизабуна мелиоративияб институт (1982), хӏалтӏана Хасавюрт районалъул «Мелиорацияводалъул» инженерлъун.
Гъарланюрт росда аскӏоб рохьоб бугеб гьелъул филиал «Делитель-водораздел «Юзбаш-Кушбар» каналалъул шлюзалда хӏалтӏулев вукӏана Мухӏамадил эмен-Гӏумахъан, гьединлъидал киназго гьеб филиалалде «Гӏумахановка» абула. Мухӏамадица инсуе гьениб кумекчилъи гьабулаан. Къого соналъ цебе, Гӏумахъание Аллагьасул къадар щвана ва васас инсул хӏалтӏи жиндего тӏаде босана. Гьалдаго цадахъ, гьавугьинан хӏалтӏун, гьес бачуна, гьес абухъе: «дие цӏакъ бокьулеб, къватӏибе цӏутӏун, лъикӏ бихьулеб (рельефная) архитектураялъулаб творчествоялъулаб хӏалтӏиги».
Аллагьасе гӏолоян абун, росдаеги гӏадамазеги гурхӏел-рахӏмуялъул хӏалтӏаби гьаризе байбихьиялъе ккараб гӏиллаялъул хӏакъалъулъ Мухӏамадица бицана: «Гъарланюрт къотӏун унеб маххул нух бугеб бакӏалда, гӏадамал цӏад-бакъалдаса рахчизе ва гӏодокӏусизе автобус лъалхъулеб хасаб бакӏ букӏинчӏо. Доб бакӏалда аскӏов гӏумру гьабун вукӏана Буртиса Ахӏмазиявдин Дилеев абулев лъимал гӏемерав херав чи, лъикӏав къадахъан, гӏадамаз гьесде «гамачӏ даци» абулаан. Гьесул гӏадат букӏана росулъ мина балев щивав чиясе гвавулъе ун, кӏиго къоялъ чӏового хӏалтӏулеб.
Цо нухалъ гьес дида абуна, дуца къваригӏунел сурсатал чӏезабуни, жинца автобусазул остановка балин. Дица хӏажатаб жо чӏезабуна ва Ахӏмазиявдиница гӏадамазе санагӏатаб остановка бана. Аллагь разилъиялъе дос гьабулеб хӏалтӏи дида цӏакъ берцин бихьана ва гьелдаса нахъе дицаги байбихьана киридахъ хӏалтӏизе»,-ян.
Мухӏамад ккола, живго жиндаго чӏун цӏалун, лъай, гьунар ва махшел щварав чи. Гьесул скульптор-архитекторлъиялъулаб хӏалтӏиги буго, гьес абухъе, ракӏгъеялъе гъираялда гьабулеб, бокьулеб хӏалтӏи (хобби). Гьесул гьарурал хӏалтӏаби рихьарал скульптораз ва архитектораз гӏажаиблъи гьабула ва Мухӏамадовасул махшелалъе кӏудияб къимат кьола.
Росдае гьес гьарурал хӏалтӏабазул сияхӏ халатаб буго. Гьездасан цо-цоял рехсела: Кӏалда кӏудияб аркаги эхетун, гьелда тӏад берцинаб хъвай-хъвайги гьабун, свертӏа-сверун балясиналги лъун, кибго гьечӏеб къагӏидаялда къачӏан, росдал гӏолилазе сайгъаталъе бараб стадион, школалде ва мажгиталде ине санагӏатаб куцалда бараб ва чӏухӏун къачӏараб маххул нухда тӏасан унеб кӏиго кьо, гьел рикӏкӏинчӏого, гьайбатго къачӏараб жеги щуго кьо, кӏиябго рахъалъан жанире ине гӏатӏидал болъабиги, гьезда тӏад берцинал кӏамуралги ругеб гьабсагӏат балеб бугеб цоги цӏияб стадион, кибго гьечӏебгӏан берцинго къачӏараб росдал административияб минаялъул цебесеб гьумер…
Мухӏамадица росдае гьарулел хӏалтӏи рихьун, цо пуланав бечедав чияс гьесие Мерседес машина сайгъат гьабуна. Доб мехалъ гьес балеб мажгиталъул хӏалтӏи, цементги арматураги гӏоларого, чӏун хутӏулеб букӏана. Гӏемерго ургъичӏого, сайгъаталъе кьураб «Мерседесги» бичун, гьес мажгит базе хӏажатал сурсатал росана.
Жакъа Мухӏамад хӏалтӏулев вугеб каналалъул шлюзалда аскӏоб бугеб гӏатӏидаб майданалде тӏоцеве щварав чи гӏажаиблъун-хӏикмалъун, виххун хутӏула. Гьесие лъугьуна Некӏсияб Грециялде яги Рималде щвараб гӏадаб асар. Киса-кирго чӏухӏарал колоннаби, аркаби, болъаял… Мухӏамадица гьениб гӏуцӏун бугеб берцинлъиялъухъ балагьизе, видео-суратал рахъизе ва гьеб алжаналъуб хӏухьбахъизе гьанире рачӏуна, аслияб къагӏидаялда, гьоркьохъеб ресалъул гӏадамал, лъималгун улбул, хӏалтӏул коллективал… Гӏадатлъун лъугьун буго, бертадул къоялда, беспилотникги гьаваялде бахъинабун, видео ва суратал рахъине, кочӏол-кьурдул накъит гьабизе бахӏаралгун цадахъ гьенире гӏолилал ва жидерго къайи-цӏаялъул рекламаялъул роликал рахъизе тукабазул бетӏергьаби рачӏин. Гьел тадбиразе Мухӏамадица гьенир чӏезарун руго кинал бокьаниги ресал.
Гьес абуна гьитӏинго жив вукӏанила экстремал, гъотӏол бетӏерадаса кӏанцӏулаанила каналалъуве, гьединлъидал гьаниб бараб транплинги жиндиего бараб букӏанила, амма, гьеб бан бахъиналде, жиндир 60 сон тӏубанила ва гьениса гъоркье кӏанцӏизе хӏинкъана. Рухӏдаллъизе живги гьавун, гӏолилал рукӏанила гьениса гъоркье кӏанцӏизе ирга щоларого.
Мухӏамадил гӏадат буго гьабураб щибаб скульптурияб хӏалтӏуе рокьулел чагӏазул цӏар кьолеб. Масала, гьениб бугеб гьулакалъе кьун буго жиндирго хъизаналъул цӏар, рагъиялъе-инсул, кӏамуралъе-гьудулалъул, как балеб бакӏалъе-исламалда кверчӏвалел гьудулзабазул, буго «Кергу» фирмаялъул цӏар кьураб композицияги …
Гъарланюрт росдал жамагӏатчи Расулов Мухӏамадрасулица абуна, цӏакъав устар гуревги, Мухӏамад вугила хӏалтӏи гӏуцӏиялъе гьунар бугев чиги. Махӏачхъалаялда маххул нухазул тӏалъиялъухъа гьес балагьанила росулъ авал мажгит базе ракь, мажгит базе изну, хӏадуранила гьелъие документация, хадуб гьенибе токги газги бачанила.
Мажгиталда гӏадамаз рарал каказул киридал гьитӏинабго бутӏа щванани, жиндие гӏунги тӏокӏ букӏинилан абула Мухӏамадица.
Гьес разиго абуна, жинца гьабулеб скульптуриябгун архитектурияб хӏалтӏи жиндие цӏакъ бокьулила, гьелъ жинда цебеккунго якъинго бихьулила байбихьараб хӏалтӏул ахиралда букӏине бугеб берцинлъи, гьелъги батилила, кигӏан хӏалтӏаниги жив свакаларев. «Гӏодоб батараб кӏудияб хазина гӏадин, Аллагьас дир хӏалбихьизе кьураб махшел-гьунаралдалъун гьабураб хӏалтӏухъ дица мухь босизе бегьилищ? Бегьиларо, гьаб хӏалтӏухъ гӏарац гитти»,-ян абуна Мухӏамадица.
Росдае гьединал хӏалтӏаби гьарулев чиясда нахъасанги цебесанги тохаб хабар бицун, устарасул ракӏ къварид гьабулел ракӏчӏегӏерал чагӏиги камуларо. Гьелъие нугӏлъи гьабулев цо мисал бачана гьес: «Цо нухалъ стадионалда хер бецулев вукӏана дун. Аскӏове вачӏун Идрис абулев гьалмагъас абуна: «Дуца гьабулеб хӏалтӏи гӏадамазда бичӏчӏуларо, мун гӏадин, чӏового хӏалтӏулев чи киназго гӏабдаллъун рикӏкӏуна»,-ян. Дица сабуралда жаваб кьуна: «Гьаб хӏалтӏухъ дие щолеб бечелъи лъалебани, гьаб хъарицелги дихъа бахъун, дуца бецилаан гьаб стадион.
Аллагьас нилъее кьун буго гьаб гьайбатаб ракь, дидаги тӏадаб буго гьелда тӏад дагьабниги берцинлъи гьабизе»,-ян.
Мухӏамадица абуна, жинца кинабго хӏалтӏи байбихьилалда цебе росдал бетӏер Мирзалгун дандбалила. Арматура, сали, цемент босизе кумек гьабулила росдал администрациялъги ресалда ругел чагӏазги. Гьединго кумек гьабулила гьудул-гьалмагъзабаз, гӏагарлъиялъ, Кергъу ва Трансснефть компаниязул нухмалъулез.
Балясинабазул формаби ва поясал тӏолеб захӏматаб хӏалтӏи бугеб мехалъ, кумекалъе ахӏулел руго гьудул-гьалмагъзаби.
Жамагӏаталъе гьабулеб кинабго хӏалтӏи Мухӏамадица киридахъ гьабулеб буго. Гьесул гӏадат буго цӏиял минаби ралел чагӏазе садакъаде чӏобого 20-30 балясина кьолеб.
Тӏабигӏаталде гьесул бугеб рокьиялъул бицунеб цо мисал бачина. «Гӏумахановкаялдаса» 15-20 метраялъ рикӏкӏад бугеб Тотурбий росдал ракьалда буго кӏудияб миккил гъветӏ. Мебель гьабизе гьеб къотӏилин хӏинкъун, Мухӏамадица гьелда сверун гьабун буго балясинабазул чӏухӏараб чали.
Мухӏамадил буго захӏмат бокьулеб, цоцалъ рекъараб, унго-унголъунги талихӏаб хъизам. Лъади Гӏасиятида (гьес гьелде «рукъалъул прокурор» абун цӏар лъун буго) гьес абула: «Радал лъикӏ кваназавун дун витӏана, дуеги щола дица гьабулеб хӏалтӏул гӏарцудасаги къиматаб кири»,-ян.
Мухӏамадил лъималги руго росдаеги, гӏагарлъиялъеги пайдаял чагӏи. Кӏудияв вас Тӏагьир хӏалтӏулев вуго росдал администрациялда, гьитӏинав Темур ккола шофер, яс-Зумруд-рикӏкӏуней кардиолог. Гьес мукӏурлъун абуна: «Лъималазул анлъабго лъимер кколила жиндир бакъги, моцӏги, цӏвабиги, къвалги бан, гьезда баизе щвей бугила жиндир рекӏел чӏоло битӏараб лахӏзат.
Гара-чӏвариялъул ахиралда Мухӏамадица абуна: «Унго-унголъунги талихӏав чи вихьизе бокьани, гьале дун дуда цеве. Дир буго бокьулеб хӏалтӏи, рес буго гӏадамазе кумек гьабизе, буго талихӏаб хъизам, лъикӏал лъимал, жеги лъикӏал гьезул лъимал. Санаториязде гӏадамал уна хӏухьбахъизе, бацӏцӏадаб гьаваги, гьуинаб лъимги, кибго гӏурчинлъи-берцинлъиги, хӏанчӏазул бакъналги ругеб дун хӏалтӏулеб бакӏ — «Гӏумахановка» дида алжан бугин ккола. Аллагьасда цоги жо гьаризе нечела дун.
Кокрек ва Гъарланюрт росабазул бетӏер Мирза Муртазалиевас абуна, гьаб хъулухъалде жив тӏамураб къоялдаса нахъе Мухӏамад Мухӏамадов (Рохьосев) вугила жиндир кваранаб квер. Аллагьас кьураб гӏажаибаб махшел гьес жамагӏаталъе пайдаял ишал гьариялъе хӏалтӏизабулеб бугила. Гьесул рагӏабазулъ ва каламалъулъ гьечӏила «бажаруларо», «заман гьечӏо» абурал рагӏаби. Жидер росулъ ругел киналго чӏухӏун къачӏарал бакӏал ва архитектуриял берцинлъаби Мухӏамадица гьарурал кколила. Жидер жамагӏатазул ва жиндирго рахъалъан бокьун бугила гьесие газеталдасан кӏудияб баркала кьезе. «Хӏурматияв Мухӏамад, Кокрек росдал тарихалда дуца тана гъваридаб лъалкӏ. Талихӏги, рохелги, сахлъиги кьеги дуе Аллагьас. Хъизам-лъималаздасан вохун тайги мун таманал соназ.