2019 соналъул 16 октябралда къабул гьабураб ва 2019 соналъул 27 октябралдаса нахъе къуватаблъун рикӏкӏунеб «Лъималазул хӏухьбахъи ва сахлъицӏуни гӏуцӏиялъулъ пачалихъалъул гӏахьаллъи камил гьабиялъул рахъалъ ругел законазул цо-цо актазда хиса-басиял гьариялъул хӏакъалъулъ» абураб № 336 федералияб законалдалъун хиса-басиял гьаруна 1998 соналъул 24 июлалда къабул гьабураб «Россиялъул Федерациялда аслиял лъималазул ихтиярал цӏуниялъул хӏакъалъулъ» абураб №124 федералияб законалдаги.

Масала, тӏоцебесеб статьяялъул ичӏабилеб абзацалда тӏаде жубана «лъималазул хӏухьбахъи ва сахлъи щула гьаби гӏуцӏулел идарабазде ращалъула гьеб ишалда гӏахьаллъулел ва гьабго федералияб законалъул тӏалабал цӏунун хӏалтӏулел хасал предпринимателалги» абун.

1988 соналда къабул гьабураб №124-ФЗялда хъван буго, нагагь хӏухьбахъизе ва сахлъи щула гьабизе сакъатал лъимал къабул гьарун ратани, гьезул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏел киналго шартӏал гӏуцӏизе кколин абун. Гьелде тӏаде жубан буго, лагералъул бетӏергьабазда тӏадаб бугин сакъатал лъималазе тӏоцебесеб ва медицинаялъул кумек гьабиги, хасго туристазул сапаразда рукӏаго, слетазда гӏахьаллъулаго ва цогидал тадбиразда рукӏаго. Лъималазул хӏухьбахъигун сахлъи щула гьабиялъул идарабазул сияхӏалда гьоркьоре рачиналъул мурадалда гьединал идарабаз жидер хӏакъалъулъ баянал кьезе ккола РФялъул субъекталъул пачалихъиял идарабазде.

Гьединго 1998 соналъул 24 июналда къабул гьабураб №124-ФЗялде тӏаде журан руго 12.2-12.4 статьяби. Гьениб бицунеб буго лъималазул хӏухьбахъигун сахлъи щула гьаби гӏуцӏулел идарабазул сияхӏалдаса пуланаб лагерь бахъиялъулги гьенибе халгьабиялъул хӏалтӏухъаби ритӏиялъулги шартӏазул хӏакъалъулъ.

Гьелде тӏадеги, 2019 соналъул 16 октябралда къабул гьабураб №338 федералияб законалда рекъон, хиса-басиял гьаруна РФялъул Административияб низам хвезабиялъул хӏакъалъулъ кодексалдаги. Гьениб тӏаде жубана 14.65 статья: лъималазул хӏухьбахъигун сахлъи щула гьаби гӏуцӏулеб идараялъухъа яги хасал предпринимателазухъа, реестралда гьечӏого гьеб хӏалтӏи гӏуцӏаралъухъ, миллон гъурщиде гӏунтӏун гӏакӏа бахъиялъул хӏакъалъулъ.