Россиялъул Конституцияллда хиса-басиял гьариялъул аслияб магӏна ккола улкаялъул гражданазул социалиял ихтиярал цӏуни, щайгурелъул гьел хиса-басияз жеги мухӏкан гьаруна социалиял ихтиярал цӏуниялъулъ пачалихъалда тӏадаб борчалъул хӏакъалъулъ бицунел нормативазда рехсарал баянал.
Аслияб ишалъулаб нормалъун букӏине буго социалияб рахъалъ бугеб пачалихъалъул борч. Масала, бищун дагьаб моцӏрол харж бащалъизабулеб буго моцӏалъ гӏумру гьабизе хӏажалъулеб гӏарцул къадаралде (МРОТ). Щибаб соналда гьабизе буго пенсиязул индексацияги.