Исана январалдаса байбихьун, Белгород областалда, гьелъул губернатор В. Гладковасул жигаралдалъун, Украинаялъул нацистаздаса гӏагараб ракь цӏунизе гӏуцӏулел руго ополчениялъул къокъаби. Жидеего бокьун ватӏан цӏунизе хӏадурал гӏолохъаби данделъун, кӏвараб хӏаракат бахъулеб буго гьез тушбабазул гъарачагӏи Украинаялдасан областалдехун рачӏин гьукъизе ва гьезие мустахӏикъаб жаваб гьабизе. Жакъа гьенир гӏахьаллъулел руго ополченцазул 8 батальон.
Абизе ккола, цӏияб тарихалда Россиялъул ракьалда гьединаб къагӏидаялда ватӏан цӏуниялъул хӏалбихьи тӏоцебе Дагъистаналда бижанилан. 1999 соналъул августалда
Дагъистаналде тӏолгодунялалъулго хъачагъазул къокъа кӏанцӏараб заманалда кинабго халкъалда ва республикаялъул нухмалъулезда цебечӏана ватӏан цӏуниялъул аслияб
масъала. Гьелдаса нахъе ана 24 сон. Къадалъ чӏварал магӏал гӏадин халкъалъул рекӏелъ щулаго хутӏун руго рагъулал тӏанчал, хваразул гьурмал ва халкъалъул тавакал.
Доб заманалда Россиялъул армиялъул кинаб хӏал букӏарабали лъаларел байбихьуда рукӏарал ратаниги, хадуб киназдаго бичӏчӏана Ельцинил кадрабаз гьелъул даража
кибе ккезабун букӏарабали. Дагъистанги Россияги цӏунизе гьезул къуват гӏолеб букӏинчӏо. Киназдаго бичӏчӏана халкъалъул къуват гьечӏого я бакӏ лъаларел, я рагъизе
гӏураб махщел гьечӏел рагъухъабазда цебечӏараб кӏвар цӏикӏкӏараб масъала тӏубазе кӏвезе гьечӏолъи. Дагъистаналъул миллатазул церехъабаз ватӏан цӏунизе жидер
бугеб гъира загьир гьабуна ополчениялъул къокъаби гӏуцӏизе кколин абураб пикру нухмалъулезда цебелъеялдалъун. Гьедин нилъер республикаялда гӏуцӏана ополчениялъул яргъид хьезарурал къокъаби. Дагъистаналъул 38 районалда ва 10 шагьаралда гӏуцӏарал гьел къокъабаз гъорлъе рачана 26124 чи. Гьез тушманасе нилъер ракьалде жанирегӏан рачӏине нухал къана ва бахӏарчияб къеркьеялде байбихьана. Ополчениялъулаз, яргъилал къуваталгун цадахъ лъугьун, гьабулеб дандечӏеялъ террористаз церелъурал, Дагъистан Россиялдаса батӏа тӏезаби, Россиялда биха-хочи ккезаби ва халифат гӏуцӏи гӏадал масъалаби гӏумруялде рахъинчӏо. Дол соназ Россиялъул премьерминистрлъун вукӏарав В. Путиница гьеб кьеркьеялъе кинаб къимат кьурабали нилъеда киназдаго лъала. Гьес Дагъистаналъул халкъазул бахӏарчилъиялъул мисал цогидазеги чанго нухалда загьир гьабуна. Болъихъ, Казбек, Буйнакск, Новолак, Цӏумада районазул ва Буйнакск шагьаралъул ополчениялъул къокъабаз гӏахьаллъи гьабуна хӏакъикъаталдаги рагъал унел бакӏазда. Гьез рухӏалда барахщичӏого бихьизабураб къеркьеялъул ва бахӏарчилъиялъул хӏасилалда хъачагъазул мурад, кигӏан гьезие къватӏисел улкабазул цо чангояз кумек гьабуниги, тӏубачӏо. Ватӏан цӏунана, амма гьеб рагъулъ армиялъул солдатазда цадахъ гӏумруялдаса ратӏалъана 37 ополченец ва 108 щибго гӏайиб гьечӏел ракълилал гӏадамал, лъукъана 720-яв. Гьединго гьеб рагъулъ накълулъана 275 Россиялъул солдат ва офицер, 937-яв лъукъана. Жанисел ишазул идарабазул 53 хӏалтӏухъанги гӏумруялдаса ватӏалъана. Террористазулин абуни чӏвана 2500 чи. Россиялъул
бахӏарзаллъун рахъана Хӏажимурад Нурахӏмаев, Халид Мурачуев, Мутей Гӏисаев, Загьид Загьидов, Закир Даудов, Муртазагӏали Хъазаналипов, Андрей Орлов. Нилъер
ракьалда гьеб соналъ, гьединго, гӏумруялдаса ратӏалъана Россиялъул Бахӏарзал — Магаданалдаса хирург Эдуард Белан, Талды-Курганалдаса медсестра Ирина Янина.
Нилъер эркенлъи цӏунулаго, гӏумру кьурал гьел киназулго цӏарал халкъалда кӏочон теларо. Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ 2019 соналда къабул гьабуна Дагъистаналъул ополченцазе «Рагъулал ишазул ветераназул» даража ьчӏезабиялъул хӏакъалъулъ закон. Август-сентябралда Дагъистаналда ккараб рагъул дарсазул хӏисаб гьабуни, тӏоцебе цебе бачӏуна гӏагараб ракь ва ватӏан цӏунулаго, дагъистанияз бихьизабураб бахӏарчилъиги, халкъалъул ополчениеги армиялъул яргъилал къуваталги цадахъ рекъон тушбабазде дандечӏей гьабизе бажариги.