Газеталъул хӏалтӏул кӏвар бугеб бутӏалъун ккола магӏаруллъиялъул ва магӏарулазул гӏумру бихьизаби, газета цӏалулезулгун бухьен кквей, подписка гӏодобе ккечӏого букӏиналъе ресал ралагьи. Гьеб ишалъе квербакъиялъе гьаб заманалда руго гӏемерал ва хехго бокьараб мурад тӏубалел техникиял алаталги. Амма щибго бахунаро чӏагояб хабаркӏалалде, рагьараб гара-чӏвариялде, эркенал дандчӏваязде. Гьединлъидал, кутакалда кӏвар бугеблъун ккола районазде ва росабалъе сапарал гьари, гӏадамалгун дандчӏвай.

Исана нижецаги гьабуна чанго гьединаб сапар. Тӏоцебесеб букӏана Гъуниб районалде.

Ахирал соназда газеталъе подписка гьабиялъул иш гьениб беццизесеб хӏалалда букӏинчӏо. Районалъул бетӏер Расул Хӏусеновасулгун букӏараб дандчӏваялда, гьес битӏараблъун рикӏкӏана газеталъулгун бухьен цӏикӏкӏинабизе ккей ва рагӏи кьуна подпискаялъул рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏал хисизабизе.

Хунзахъ ва Унсоколо (гьезда цадахъго Шамил, Цӏумада ва Гумбет) районал ккола газеталъулгун лъикӏал бухьеналги ва гьелъие подписка гьабиялъул рахъалъ цебесеб кьердаги ругел районал. Хадусеб соналдаги гьедин букӏине бугеблъиялда нижер ракӏ чӏезабуна районазул бутӏрул Нурмухӏамад Задиевас ва Гӏиса Нурмухӏамадовас.

Жибго кӏудияб гьечӏониги, гӏезегӏан къадар газетазул уна Гӏахьвахъ районалде. Гьедин букӏиналъе исанаги квербакъана районалъул бетӏер Мухӏамад Муртазагӏалиевас, гье динабго божилъи гьабуна гьес хадусеб соналдеги.

Болъихъ буго кӏудияб район, амма гӏадамазул къадаралда рекъараб букӏинчӏо подписка. Администрациялда букӏараб данделъиялда, районалъул бетӏер Руслан Хӏамзатовас ва гьесул хӏалтӏухъабаз тӏаде босана гьеб суал рукӏалиде бачине, кьуна гьелда рекъарал тӏадкъаялги.

Хьаргаби буго подписка гьабиялъул рахъалъ магӏарул районазда гьоркьоб гьоркьохъеб бакӏ кко леб район. Районалъул бетӏер Мухӏамадгӏали Тӏагьировас бегьулеблъун рикӏкӏинчӏо гьединаб хӏал ва тӏаде босана гьеб хисизабиялъул иш.

Лъикӏаб къадаралда подписка гьабулеблъун ккола Гъизилюрт район. Кьураб рагӏи ккуна ва исанаги къадар дагьлъизе течӏо районалъул бетӏер Рустам Татархановас. Тӏасияб соналдаги гьедин букӏиналда щаклъи гьечӏо.

Гӏага-шагарго гьединабго ахӏвалхӏал буго Казбек районалдаги. Хадусеб соналдаги гьеб рахъалде кьолеб кӏвар букӏин нижеда бихьана гьенибе гьабураб сапаралдасанги.

Гӏабаш Гӏабашилов