Авар театралъул тарихалда хасаб бакӏ ккола Хунзахъ районалдаса актераз. Гьеб тарихалъе байбихьи лъурав Гӏабдурахӏман Магаев кколаан Дагъистаналъул халкъияв артист. Цинги… — Россиялъул халкъиял артистал — Сидрат Мажидова, Махӏмуд Гӏабдулхаликъов, Зайнаб Набиева. Россиялъул мустахӏикъал артистал Басир Инусилов ва Хӏусен Казиев, Дагъистаналъул мустахӏикъал артистал Мухӏамад Батиров, гьесул вас Гӏалисултан Батиров, гьесулги вас Салим Батиров ва Разият Дибирова…

Гьал къоязда цоги рохалил хабар – Авар театралъул актер, Хунзахъ районалъул Гъоркьколоса Гӏабдулхаликъ Гӏабдулхаликъов мустахӏикълъана «Дагъистаналъул халкъияв артист» абураб тӏадегӏанаб цӏаралъе.

Гьасие хъат чӏвана гӏагараб халкъалъ

Щив кколев Гӏабдулхаликъ Гӏабдулхаликъов. Халкъалъ къабул гьавурав актер. Гьеб кколарищха актерасе бищунго аслияблъунги – жиндир пагьму-гьунаралъе гӏадамаз чӏвалеб хъат. Гьеле гьеб ккола бищунго тӏадегӏанаб шапакъатги. Вокьулев артистасе халкъалъ чӏвалеб хъаталъулъ букӏунебщинаб хинлъиги рокьиги. Гьеб насиблъана Гӏабдулхаликъие.

Инсан ракьалде витӏулелъул, Тӏадегӏанас гьесие кьолеб батула хасаб тӏадкъай. Гьеб тӏадкъай тӏубазе ресалги кьола гьесие Тӏадегӏанас. Гьеб ресалдаса пайда босана Гӏабдулхаликъица – гьев лъугьана халкъалъе вокьулев артистлъун. Дун гьитӏинаб мехалда, ракӏалда буго, магӏарухъе Авар театр бачӏун бугилан рагӏидал, гьикъулаан Муса Гӏабасовги Махӏмуд Гӏабдулхаликъовги ругелищилан. Хадубги цӏехолаан Хӏусен Казиев гьечӏевищилан. Гьанже Махӏачхъалаялде спектаклязде рачӏунеб мехалда, чанги рагӏана абулеб Гӏабдулхаликъ ватилародайилан. Гьесухъ ралагьизе рачӏун ругилан. Гьеле гьеб хӏужаялъ бицуна актерасул пагьмуялъул даражаялъул.

Нахъа тарал лъалкӏазул сухъмахъаздасан

Гьавуна Гӏабдулхаликъ Хунзахъ районалъул Гъоркьколо росулъ 1961 соналъул декабралда. Исанасеб сон гьесие буго бачӏин гӏемераблъун — тӏадегӏанаб цӏаралъе мустахӏикълъана, гӏумруялъулги — 65 сон. Гӏабдулхаликъ сценаялде вахаралдасаги тӏубан буго 47 сон. Юбилеялъулал къоязде ахӏила Гӏабдулхаликъ редакциялде гьоболлъухъги, гьабила гьесулгун гӏатӏидаб гара-чӏвариги. Гьаб гьитӏинабго макъала биччанте букӏине гьеб тадбиралъе цеберагӏилъун.

Гӏарани росдал гьоркьохъеб школа лъугӏарав гӏолилав хӏалтӏизе лъугьана Авар театралде сцена къачӏалев чилъун. Авар театралде гьесул ракӏцӏаялъе гӏиллалъунги вукӏун ватизе бегьула инсул вац Махӏмуд Гӏабдулхаликъов. Гӏабдулхаликъил пагьму-гьунарги бичӏчӏун, лъикӏаблъун бихьула театралъул нухмалъиялда гьев актерлъиялъул пагьмуялъе цӏализе витӏизе.

Ва 1974-1984 соназда гьев цӏалана Типлисалда бугеб Ш. Руставелил цӏаралда бугеб театралияб институталда.

1979 соналдаса нахъе хӏалтӏулев вуго Авар театралда. 2012 соналда гьесие кьуна «Дагъистаналъул мустахӏикъав артист»абураб цӏар. 2015 соналда гьев мустахӏикълъана ДРялъул Культураялъул министерствоялъул Хӏурматалъул грамотаялъеги.

Ракӏалде щвезарилин артистасул театралияб гӏумруялъул цо-цо лахӏзатал. Чан батӏияв Гӏабдулхаликъгун нилъ дандчӏварал 47 соналда жанир:

— «Мугӏрузул Гӏали» (З. Гӏалиханов) — Гӏиса, «Рекӏее бокьани» (Г. Рустамов) — Ибрагьим, «Дурцал» (М. Сулиманов) — Зазилав, «Аманат» (Гӏ. Хачалов) — Сулейман, «Магӏарулай» (Р. Хӏамзатов) — Гӏусман, «Москваялдаса бахӏарав» (Г. Гагиев) – Набигула, «Махӏмуд» (М. Гӏабасил — Ислам, «Чакмаби ретӏараб кету» (Ш. Перро) — судияв, къирал. «Цо ясалъул ункъо бахӏарав» (Т. Миннулин) – Шакур, «Хӏажимурад» (Л. Толстой) — Хӏамзалав ва гь.ц.

«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъул рахъалдасан баркула Гӏабдулхаликъ Гӏабдулхаликъовасда пагьмуялъул хӏокӏаздасан гьелъул тӏогьазде гьунаралъ тӏамураб иргадулаб гали.

ШАМАЙ ХЪАЗАНБИЕВА