UFC-ялъул лъабго рачелги, «Манчестер Юнайтедалда» Местӏерухъа Гӏамирил цӏарги, Айзанатил бергьенлъиги
UFC-ялда дагъистаниязул чарамул хатӏ
Исанасеб сон ракӏалда чӏана UFC-ялъул речӏчӏухъанлъиялда жаниб Ислам Махӏачевас босараб кӏиго бергьенлъиялдалъун: лъагӏалил байбихьуда, 18 январалда, Бразилиялдаса Ренато Мойканодасаги бергьун, гьес цӏунана тӏадагьаб цӏайиялда UFC-ялъул чемпионасул рачел.
14 маялда гьев ана цогидаб цӏайиялъул макъамалде ва, 15 ноябралда Австралиялдаса Джек Делла Мадалленадасаги бергьун, цӏияб рачелги цӏунун, тарихалде ана. Гьев бергьана 28 нухалъ ва къуна гӏицӏго цо нухалъ.
Исана ичӏабилеб марталдаги букӏана нилъер миллаталъе къиматаб бергьенлъи. Гьеб къоялъ Лас-Вегас шагьаралда Бразилиялдаса речӏчӏухъан Алекс Перейрадасаги бергьун, чемпионасул рачел щун букӏана Шамил районалъул Тӏелекьа Мухӏамад Анкалаевасеги.
Гӏабдулрашид ва цогидал
Эркенаб гугариялъул рахъалъ бищун ракӏалда чӏанин абизе бегьула июналъул ахиралда Москваялда тӏобитӏараб Россиялъул чемпионат: 10 шапакъаталда гьоркьоса ичӏгояб босана нилъер гӏолохъабаз. Ичӏго дагъистанияв вахана пьедесталалъул бищун тӏасияб хӏокӏиде. Щугоясе насиблъана гӏарцул ва анкьгоясе мазгарул шапакъатал.
Дагъистаналъул спорталъул тарихалда гьединаб халатаб меседил чӏел нилъер гугарухъабаз босараб хӏужа ракӏалда гьечӏо. Гьанир гьел киназулго цӏарал хъвачӏониги, цохӏо цӏар рехсон тела: 97 кг цӏайиялъул вакил, «Танк» Гӏабдулрашид Садулаевас цоги нухалъ бихьизабуна жиндирго гьунар ва, анкьабилеб нухалъги Россиялъул чемпионлъунги вахъун, спорталъул тарихалде ана иргадулаб бергьенлъигун.
Боксалъул рахъалъ ракӏалда чӏана 16 декабралда Германиялда букӏараб дунялалъул чемпионаталъул къецал. Гьенив лъабго нилъер ракьцояс босана бергьенлъи. Лъаратӏа районалъул Нитӏиццухъа Муслим Хӏажимухӏамадовасги цӏияб цӏар хъвана боксалъул тарихалда, лъабго нухалъ дунялалъул чемпионлъунги вахъун.
Англиялъул премьер-лигаялда магӏарулав
Исанасеб соналъул тӏокӏлъилъун рехсезе бегьила цоги къиматаб хӏужа. Апрелалъул авалалда нилъер ракьцояв, гьунар бугев футболист Гӏамир Ибрагьимовас профессионалияб контракт хъвана Англиялъул машгьураб «Манчестер Юнайтед» клубгун.
Гӏамирил умумул ккола Гӏахьвахъ районалъул Местӏерухъ росулъа. Англиялде гочиналде цере гьесул эбел-эмен гӏумру гьабун рукӏана Буйнакск шагьаралда. Жеги гьитӏинав чи Гӏамир вукӏаго, ана гьел гӏумру гьабизе Великобританиялде. Кватӏичӏого Гӏамир кьуна футболалъул школалде, ва жеги гьитӏинго гьес жиндирго букӏинесеб гьунар загьир гьабуна гьениб. 15 сон бачӏев чи гьев восана «Манчестер Юнайтед» клубалъул санаде рахинчӏел футболистал хӏалеб командаялде ва, гӏемер заман балелде, гьесул хӏаялъ асир гьаруна киналго. Ва кватӏичӏого гьесде пикру буссана «Манчестер Юнайтедалъул» аслияб клубалъул.
Щиб лъалеб, Криштиану Роналду ва Леонель Месси гӏадал цӏар рагӏарал футболистазе гӏадаб машгьурлъи щвезе бегьула Гӏамириеги. Криштиану Роналдул профессионалияб карьераги байбихьидалха гьебго «Манчестер Юнайтед» клубалдаса.
Халкъазул спартакиада
21 сентябралда Махӏачхъалаялда рагьана Дагъистаналъул Халкъазул спартакиада. Тахшагьаралъул «Труд» стадионалде вачӏун вукӏана гӏемерав чи. Республикаялъул 16 районалдасагун шагьараздаса командабаз гӏахьаллъи гьабуна гьеб тадбиралда.
Спартакиада рагьана батӏи-батӏияб заманалда Олимпиялъулал хӏаязда чӏел босарал ва гьенир шапакъатал щварал нилъер машгьурал спортсменаз.
Парадалда гӏахьаллъана: Мухӏамадхан Гӏарацилов, Сажид Сажидов, Хӏайдарбег Хӏайдарбегов, Сайпула Абсаидов, Мухӏамадхӏасан Абушев, Нурмухӏамад Шанавазов, Махӏач Муртазагӏалиев, Шарип Шарипов, Мухӏамад Ибрагьимов, Ширвани Мурадов, Земфира Мухӏамадгӏалиева, Гӏабдусамад Хӏадисов ва гӏемерал цогидалги — дунялалъул, Европаялъул ва Олимпиадаялъул чемпионал, призерал.
Нилъер республикаялда тӏоцебесеб нухалъ тӏобитӏулеб гьеб бергьун кӏудияб спортивияб тадбиралъ хӏакъикъаталдаги гӏемерав чи данде гьавуна.
Хунзахъа Айзанатица кӏудияб спорт квегъулеб буго
Лъагӏалил хӏасилал гьарулаго, цоги цӏияб хабар лъана. Нилъер ракьцояй, Хунахъа Айзанат Муртазаевалъ гьал къоязда бергьенлъи босана фехтованиялъул рахъалъ Россиялъул Кубокалъе гӏоло къецазда. Кӏиго нухалъ тӏатӏала Россиялъул Кубокалъул чемпионлъун яхъарай гӏадан ккола гьанже Айзанат. Россиялъул фехтованиялъул спорталъул тарихалда жаний гьей ккана тӏатӏалаго гьединал къецазда бергьарай ункъабилей спортсменкалъун. Гьелде щвезегӏан гьединабго бергьенлъи босун букӏана Мария Мазиналъ, Анна Сивковалъ ва Татьяна Гудковалъ.
Исана июналда Италиялъул Генуе шагьаралда Айзанат Муртазаева яхъана фехтованиялъул рахъалъ Европаялъул чемпионлъунги. 2019 соналдаса нахъе гьел къецазда нилъер пачалихъалъе бергьенлъи насиблъун букӏинчӏо, гьединлъидал Айзанатие щвараб меседил шапакъат цӏакъго къиматаб кканин абизе бегьула.
Гьединго июлалъул ахиралда Грузиялъул тахшагьар Тбилисиялда тӏобитӏараб дунялалъул чемпионаталда командаялъулал къецазда Айзанатие щвана гӏарцул шапакъат.
Гьединал хӏасилалгун нухарегӏулеб буго Айзанатица 2025 сон. Гьарула гьелъие тӏаде щолеб 2026 соналъги цӏиял бергьенлъаби, сундулъго икъбал ва гьединго Олимпиялъулал хӏаязда бергьенлъи щвараб къоги жакъа гӏадин гӏагарлъун бихьизе.
Силдиб — UFC-ялъул чемпионазе кьучӏ лъолеб къебелъул рукъ
Исана Цӏумада районалъул Силди росулъ хӏалтӏизе биччана Гӏабдулманап Нурмухӏамадовасул цӏаралда бараб спортивияб комплексги. Гьеб ккола Гӏабдулманапил вас, UFC-ялъул машгьурав речӏчӏухъан Хӏабиб Нурмухӏамадовас Конор Макгрегорида тӏад бергьенлъи босун щвараб гонораралъул гӏарцухъ бараб кӏудияб спорталъул кӏалгӏа. Ралъдал гьумералдаса 1880 метралъул борхалъуда мугӏрул тӏогьиб бугеб росу ккола Цӏумада районалъул Силди.
Спорткомплекс базе букӏиналъул хӏакъалъулъ Хӏабибица бицун букӏана 2018 соналдаго. Гьебго соналъ, эмен Гӏабдулманап чӏаго вукӏаго, гьелъие кьучӏги лъун букӏана. Ва гьале анкьго соналдасан гьесул инсул росулъ бан бахъана киналго хӏажаталщинал шартӏаздалъун хьезабураб спорткомплекс.
Спорткомплекс базе байбихьарал тӏоцересел соназго абулеб букӏана UFC-ялъул турниралда цере сборал гьенирги тӏоритӏизе ругин абун. Дунялалдаго машгьураб ва гьабсагӏат бищун ссиялда бугеб, спортивияб гӏуцӏиялъул къецазда цересел ругьунлъаби Дагъистаналъул бищун рикӏкӏада, мугӏрул росулъ тӏоритӏизе рукӏин абураб хабаралъго батӏияб нур кьолеб буго гьелъие.
Лъагӏалил хӏасилал гьаруна Ашахан Юсуповас