Церетӏурал пачалихъазда гӏумру гьабун ругел гӏадамазда цебего бичӏчӏун буго тӏабигӏат ва сверухълъи цӏунизе кколеблъи.

Гьеб масъалаялде кӏварги кьола, гӏемераб хӏалтӏиги гьабула. Дагъистаналдаги камун гьечӏо тӏабигӏаталъул ургъелги бугел, гьеб суалалъ рахӏатги толарел гӏадамал. Гьединазул цояв ккола «ЭКОконтроль» абураб жамгӏияб багъа-бачариялъул нухмалъулев, ОНФялъул ва ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул член, Гумбет районалъул Килалъ росулъа Мухӏамад Мухӏамадовги. Гьал къоязда газеталъул редакциялде вачӏарав гьесулгун гьадинаб гара-чӏвариги гьабуна нижеца.

— Мухӏамад, щиб мурадалда ва кида гӏуцӏараб дуца нухмалъи гьабулеб багъа-бачари?

— Тӏабигӏат цӏуниялъул рахъалъ республикаялда бугеб ахӏвал-хӏалги бихьун, гьеб дагьабниги лъикӏаб рахъалде сверизабизе кӏвелародайин абураб хьулалъ гӏуцӏана гьединаб багъа-бачари. Гьеб гӏуцӏаралдаса лъагӏелгӏанасеб мехги буго. Байбихьуда дагьалго чагӏи рукӏун ратани, гьабсагӏаталда гьелъул мухъилъ руго гӏемерал гӏахьалчагӏи, хӏаракатчагӏи. Нижер вакил камураб районги гьечӏо.

— Республикаялда гӏезегӏан руго тӏабигӏат цӏуниялъул мурадалда хӏалтӏулел пачалихъиял идараби. Гьезде тӏаде нужер жамгӏияб багъа-бачариги гӏуцӏиялъе щиб хӏажалъи букӏараб?

— Идараби гӏемер руго, амма киназго гуро жидеда тӏадаб хӏалтӏи гьабулеб бугеб. Кӏиабизе, мисалалъе, Экологиялъул ва тӏабигӏиял сурсатазул министерствоялъул вакилзаби руго районаздаги. Амма цо хӏалтӏухъанасде, ай вакиласде тӏаде ккола 2-3 район ва гьесухъа кинго бажаруларо кивего щун, букӏине кколеб куцалда хӏалтӏи гьабун. Гьединлъидал гьезие хӏажат букӏуна нижер хӏаракатчагӏазул кумек. Дун дандчӏвана министр Набиюла Гъарачаевгун. Гьес лъикӏаб къимат кьуна нижер проекталъе ва абуна кӏвараб кумек гьабилин.

Байбихьуда камулароан нижеца гьабулелъул бичӏчӏунгутӏи, цинги хӏалтӏул хӏасил бихьун хадуб нижехъе гӏемер рукӏуна гӏадамазул хитӏабал, гьариял. Мисалалъе, ахирисеб ахӏи букӏана Чӏарада районалдаса, тӏубараб моцӏалъ рищни баччулеб гьечӏин абураб. Гьеб районалъул бетӏерасул заместителасулгун къотӏи-къай гьабуна, лъил гӏайибалдалъун гьеб иш ккарабали лъазабизелъун гьенир дандчӏвазе. Гьал къоязда Жамгӏияб палатаялдаги букӏине буго экологиялъул рахъалъ хасаб данделъи. Гӏаммаб куцалда босун, нижер хӏалтӏул буго 12 рахъ (рохьал, кьищни, ччугӏа ва гь. ц), гьезде буссинабун буго кинабго хӏаракатги кӏварги.

— Росабазул бегавулзабазулгун, районазул нухмалъулезулгун кинаб гьоркьоблъи бугеб? Гьезда бичӏчӏулищ нужеца гьабулеб хӏалтӏи?

— Цо-цоязда бичӏчӏула, жалго цадахъ рахъунги, цогидал чагӏи ритӏунги кӏудияб кӏвар кьола нижер хӏалтӏуде, яхӏ бахъула рихьизарурал гъалатӏал ритӏизаризе. Гьебго заманалда камуларо хӏалтӏул квешал рахъал къватӏир чӏвазарулел ругинги абун, нижее квалквалал гьарулелги.

— Гьал къоязда нуж унел руго Чӏарада районалде. Гьеб «унти» (хасал операторазухъе кьун бугин гьеб хӏалтӏи абун, росабалъа баччулеб гьечӏо кьищни) буго киналго районазе хасиятаблъун ккараб гӏузру. Щиб гьелъул ккезе бугеб, батизе бугищ сабаб?

— Районаздаса ва шагьараздаса рищни баччизе гӏуцӏун руго регионалиял операторал (тӏоцебе букӏана 4, гьабсагӏаталда буго 6). Гьел оператораздаги муниципалиял гӏуцӏабаздаги гьоркьор хъвазе кколаан къотӏи-къаял. Законалъул тӏалабазда рекъон, щибаб росулъ хӏадуризе ккола хасал майданал, гьенир лъезе ккола рищни бакӏаризе контейнерал. Гьениса гьеб заводазде баччизе ккола оператораз. Набиюла Гъарачаев ана Москваялде ва изну тӏалаб гьабуна росабалъа бакӏарараб кьищни заманаялъ цӏунизе рес кьолел майданал (накопители) щибаб районалда разе. Жакъа къоялде жеги тӏубачӏо гьеб суал. Гьелъие гӏарац гӏолеб гьечӏин абун росабалъ хӏадурулел гьечӏо кьищниялъе контейнерал лъезе бакӏал. Тӏолабго Дагъистаналда 2 (базе кколаан 3-4) гурони гьечӏо рищни къачӏалеб завод (Гъизляралда ва Избербашалда). Операторазги низамалда гьеб нахъе баччулеб гьечӏо, баччизе ва базе бакӏ гьечӏинги абун.

Цебе кьищни бакӏариялъухъ гӏадамаз кьезе кколеб гӏарцул тариф букӏана щибаб муниципалитеталъ жидецаго чӏезабун. Гьабсагӏаталда гьеб буго киназулго гӏаммаб (тарифал чӏезарулеб хъулухъалъул тӏалабалда рекъон), ай щибаб моцӏалъ чиясухъа 78 гъурущ. Гьелда сверухъги буго ахӏи-хӏур. Тӏуразе захӏматал ругониги, гьел масъалабазде квер хьвагӏунги чӏун гьечӏо ниж.

— Бихьулеб буго рахӏат толареб масъалалъун рохьазда сверухъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал букӏинги…

— Нилъеда ккола Дагъистаналда гӏемерал рохьал ругин абун. Амма гьедин гьечӏо. Хӏалтӏи байбихьулаго, нижехъе бачӏана Гъизилюрт районалъул Нечаевка росдал жамагӏаталъул рахъалдасан хъвараб гӏарза. Гьезул букӏана жидер росдал рагӏаллъуда бугеб рохь къотӏун лъугӏулеб бугин абураб ахӏи. Гьелдаса нахъе байбихьана рохьазул ахӏвал-хӏал лъазабизе, аслияб куцалда хӏалтӏиги ана Хасавюрталъул рохьихъанлъиялда сверухъ (гьелда гьоркьобе уна Хасавюрт шагьар ва район, Гъизилюрт район). Гьеб мухъалда къотӏун ратула лъикӏаб тайпаялъул гъутӏби, рухъун гундбигун гьабулеб буго цӏулал тӏурччи ва баччулеб буго Москваялде гӏунтӏун. Гьеб ишалъул буго кӏиго заралги. Тӏоцебе гьелъие хӏалтӏизабула бортараб, бекараб, гъоркь хутӏараб гуреб, лъикӏаб, къиматаб тайпаялъул цӏул (гьелъул гурони лъугьунаро лъикӏаб тӏурччи). Кӏиабизе, тӏурччи гьабулаго хола гӏемераб ракь. Гьениб гьабуна нижеца кӏудияб хӏалтӏи, нахъе рачахъана гьеб пишаялда ратарал гӏадамал, жаниб цӏезабуна 500-гӏанасеб гвенд. Гьеб хӏалтӏулъ нижее кӏудияб кумек щвана рохьил магӏишаталъул комитеталъул нухмалъулев Вагьаб Гӏабдурахӏмановасдасан. Гьесул хӏукмуялдалъун исана гьукъана къвакӏараб тайпаялъул цӏул (микк, акация ва гь. ц) къотӏизеги.

Буго цоги кӏвар бугеб масъала. Законалда рекъон рохь кьезе бегьула ижараялъе. Закон лъангутӏиялъги, цогидал гӏиллабаздалъунги цо-цо ижарачагӏаз гьеб хӏалтӏизабулеб буго жидеего бокьахъе – къотӏун гъутӏбигун гьенир ралел руго минаби, кафеял, фермаби. Гьеб хӏал гӏемер дандчӏвала Хасавюрталъул рохьихъанлъиялда, Дербент ва Гъуниб, Казбек районазда. Хасавюрт ва Гъизилюрт районазул цо-цо росабазул бутӏруз рикьулел, ричулел руго росабазул гӏорхъода ругел, муниципалитетазда гьоркьорего унарел рохьазул ракьал (гьел ккола рохьил магӏишаталъул комитеталъул ихтияралда ругел ракьал).

— Дуца рехсана рохьал цӏуниялъул рахъалъ бугеб лъабго аслияб масъала. Гьездаго гьоркьобе унарищ изну гьечӏого магӏарухъ къотӏулеб рохьил суалги?

— Гьенибги камун гьечӏо низам хвезаби, амма доб тӏурччи бахъизелъун къотӏулеб, хвезабулеб рохьалъул даражаялде бахунеб масъала гьеб гуро. Дагьаб цебеги мина базе магӏарухъ къотӏулаан рохь, гьабсагӏаталда гьеб гьечӏо, киназго босула къачӏараб, хӏадурараб цӏул. Хинлъиялъеги гӏемерисез хӏалтӏизабула ток.

— Гьеб хӏалтӏи тӏубалаго кинаб гьоркьоблъи букӏунеб рохьил магӏишаталъул комитеталъулгун? Тӏабигӏат хвезабулел, низам цӏунуларел ижарачагӏазулгун гӏаммаб мацӏ батизе бигьалъулищ?

— Комитеталъул нухмалъулесда нижер хӏалтӏиги нижги ричӏчӏула, гьесул квербакъиги букӏуна. Амма комитеталъул цо-цо хӏалтӏухъаби рухьун руго гӏадлу-низам хвезабулел гӏадамалгун, ижарачагӏигун, гьезул рукӏуна цадахъал ишалги. Гьеб хӏужа кӏудияб балъголъи гуро, гьелъ гьарула нижее гӏемерал квекӏеналги. Ижарачагӏазул бицани, гьезул букӏуна дандчӏей, камуларо кьолел хӏинкъаби, ккана хӏужа ярагъгун нижеде данде рахъиналъулги. Гьебго заманалда гӏезегӏан ккана ришватал кьун ниж кверде росизе яхӏ бахъиялъул хӏужабиги.

— Гӏемер бицуна ралъдалъ чӏахӏияб ччугӏа тӏагӏинабулеб букӏиналъул. Дуца щиб абилеб?

— Гӏемер рикӏкӏаде ун щай, гьале нилъеда аскӏоб бугеб Ак-Гель хӏор. Кӏиго-лъабго нухалъ ккана гьениб гӏемераб ччугӏа хвеялъул хӏужаби. Цебе ччугӏа гӏезабулаан нилъер гьаниб, тӏинчӏ биччалаан ралъдалъе. Гьабсагӏаталда гьеб гӏезабулеб бакӏго гьечӏин абизе бегьула. Гьеб суалалда хурхунги министрасулгун букӏана дандчӏвай. Гьес бицана жинда гьеб масъалаги лъалин, гьелда тӏад хӏалтӏулелги ругин абун.

— Ралъдал рагӏаллъуда ругониги, кваназе ччугӏаги гьечӏого хутӏиладай нилъ гӏагараб заманалда?

— Гьаб хӏалалда (ралъдалъе унеб канализация, гӏурумухъазде балеб кьищни, ралъдалъегун хӏоразухъе биччалареб ччугӏа) иш ине тани, хадубккун буго гьединаб хӏинкъи. Тӏаде бачӏунеб гьечӏони, тӏаса инчӏого букӏунарелъул.