Намус. Гьеб рагӏи рагӏарабго, щаялиго цебечӏола гӏагараб магӏаруллъи. Намусалъул чирахъалъ гвангъизабун бугеб.

Гьале гьал рорхатал мугӏруз ватӏаналъе кьунщинал гьелъул рокьуе мустахӏикъал васалгун ясал. Гьал согӏал кьурабазда дандерижилъун багъана гьеб рокьул гуч. Гьале гьал кьураби-парсазда гьез ракана цӏаял, жал даим свине гьечӏел. Гьел цӏадул хӏенхӏаллъун жакъаги руго нилъее умумузул цӏаразе мустахӏикъал ирсилаллъун ругел миллаталъул вакилзаби. Гьезул цояйги ккола гьаб макъалаялда бицен гьабулей Парсихӏат Муртазагӏалиева. Гьей гьайбатай магӏарулалъул хӏакъалъулъ некӏого рагӏун букӏана. Амма хъвазе ракӏалде ккана гьабсагӏаталда. Щайгурелъул гьелъул нухмалъиялда гъоркь Москваялда Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб дагъистаниязул «Намус» централда гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ рагӏидал, гъира ккана дир. Жакъа рахьдал мацӏазул рухӏ рагӏалде бакӏарун бугилан киналго нилъ ахӏдолел ругебгӏан заманалда, Парсихӏатица жигар бахъулеб буго гьезие кӏиабилеб хӏухьел кьезе. Ракӏ хӏайран гьабулеб берцинлъиялъул Чӏарада районалда тӏирщана гьелъул намусалъул кьалбал. Гӏатӏиракьалда гьаюрай ва гӏурай магӏарулай абадиялъего ритӏухъайлъун хутӏулей йиго гӏагарал мугӏрузул ахӏиялъе. Гьеб ахӏулъ гьелда батана гӏумруялъул магӏна – цогидазе пайдаяйлъун йикӏине, сверухъ ругезе лъикӏлъи бикьизе, гьаги балаго, рещтӏана гьей ракьалде, миллаталъул бакъул кунчӏарал чӏоразул цояйлъун яхъине йигей магӏарулай.

Щваралда гӏей гьабун

чӏезе бокьуларо

Гьадинаб буго Парсихӏатил къисматалъул ахӏи. Гьеб ахӏиялъул асирлъун йигей магӏарулалъ рекӏел тӏиндасан гьулчун бачӏунеб гӏищкъуялъ бицана дие телефоналдасан жакъа «Намусалда» бугеб ахӏвал-хӏалалъул, гьелъул тӏоцересел галабазул ва жакъа гьелъ бакун бугеб чирахъалъ къалъизарун ругел Москваялдаса дагъистаниязул хӏакъалъулъ.

Гӏемерал соназ нухмалъи гьабулеб буго Парсихӏатица «Намус» гӏуцӏиялъе. Гӏуцӏиялъул аслияб мурад – ватӏаналдаса рикӏкӏад ругел дагъистаниял цолъизари. Ва гьел унго-унголъунги цолъизарулел руго «Намусалъ» — ватӏаналъул махӏги, яхӏги, цӏарги, цӏваги… Гьеб кинабго цолъун лъугьараб квацӏиялъулъ гӏажаибаб берцинлъиялъул тӏугьдуллъун руго Дагъистаналъул миллатал. Щибаб тӏогьол жиндирго тӏанхал. Гьениб бугеб магӏарул тӏогьол цо тӏамахлъун йиго жакъа Парсихӏат. Жиндирго ахӏигун, бухӏигун, рухӏелгун жуяна гьей гьеб гваялъулъе. Ва Парсихӏатица гьабсагӏаталда гьабулеб бугеб хӏалтӏи цӏакъго пайдаяб буго, рахьдал мацӏазда сверухъ къобахъанагӏан ахӏвал-хӏал хӏалуцунеб гьаб заманалда. Чӏегӏераб хьухьикье ккун унеб бугеб бакъ нахъги буссун диего гьимараб гӏадаб асар гьабуна дие Парсихӏатил гьаракьалъ.

«Намусалда» цебе рагьун буго гьатӏан къоялъ лъимал цӏализарулеб школаги. Гьенир малъула Дагъистаналъул киналго мацӏал, ватӏаналъул букӏинесеб кодоб бугел гӏисинал ирсилазул лъай-хъвай гьабула Дагъистаналъул халкъазул маданиятгун адабияталъул, тарихалъулгун, гӏадаталгун гӏамалазул. Малъула централда гӏараб мацӏги.

— Ниж урхъун рукӏуна Ватӏаналъул хӏакъалъулъ рагӏулел лъикӏал харбазухъ. Бокьула лъималазда рихьизаризе щибаб милаталъул вакилзаби. Гьеб мурадалда ахӏула нижехъего гьоболлъухъ шагӏирзаби-хъвадарухъаби, гӏалимзаби, гӏадатиял гӏадамал. Гьединго тӏоритӏула онлайн-дандчӏваял. Щибаб дандчӏваялъ нижее гьабула кӏудияб асар.

Амма шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъулгун букӏараб дандчӏваялъ киналго пана гьаруна. Миллаталде буго жиндирго рокьул цӏурал хулжазухъ магӏаруллъиялъул тӏагӏамги лъун, ячӏун йикӏана гьей нижехъе. Щивасде кьолеб кӏварги, щивасда абизе батулеб недегьаб рагӏиги, киназего бикьанагӏан, гӏемерлъун бачӏунеб гьимиги — гьеб букӏана гӏагараб Дагъистаналдаса гьелъ нижее бачӏараб урхъараб боркьараб салам, — илан ракӏалде щвезабуна Парсихӏатица дагьаб цебегӏан шагӏиралъулгун букӏараб дандчӏвай. Москваялдаса дагъистаниязе Дагъистаналъул рекӏел кӏутӏилъун лъугьинабун буго Парсихӏатица жакъа «Намус».

Гьенибго лъималазда малъула Дагъистаналъул халкъазул кьурдабиги. Гьел лъазаризе хьвадулезул къадарги цӏикӏкӏунеб буго. Гъираялда рачӏунел руго лъимал рахьдал мацӏазул дарсаздеги. Гьединал миллаталъул бакъул чӏоразе канлъи кьолел ирсилал миллаталда ругебгӏан мехалда, божизего бокьизехъин гьечӏо мацӏазул букӏинесеб къисмат къваридаб бугин абураб жоялдаги.

Парсихӏатица гьединго бицана лъималаз гӏахьаллъи гьабулел тадбиразул хӏакъалъулъги. Киса-кирего гьел цере рахъуна, москваялъулазе Дагъистаналъул хӏакъалъулъги бицунаго. Гьеб бихьизабула ретӏараб ратӏлицаги, рикӏкӏунел ва ахӏулел миллиял кучӏдузги, хӏатта кьурдабигицин гаргадула миллиял мацӏазда.

Кинха йохиларей, гьединал харбал рагӏидал. Гьедигӏан нилъ хӏинкъизе ккараб къимат гьечӏин ккола рикӏкӏада Москваялдагицин рахьдал мацӏазул.

Гӏагараб миллаталъул бакъуе хинлъи кьолеб гьелъул чӏорлъунги, гьелъул цӏвабзазе цӏики кьолеб хӏикматаб нурлъунги, гьеб нуралдагицин нур базабулеб кунчӏилъунги йиго жакъа Парсихӏат «намусалъулазе». Гьелъул рекӏел кӏутӏиялъгицин Дагъистанилан ахӏулеб бугин ккана дида, гьелъухъ гӏенеккидал. Бигьаяб иш гуро чӏужугӏаданалъе рухӏияб рахъ загӏиплъулеб, гӏадамазул ракӏал чӏунтулеб, кинабго жо бихха-хочараб гьаб заманалда ресалги ратун, «Намус» цӏуни.

Гьелъги гьелъул нухмалъиялда гъоркь централъул коллективалъ гьабулеб хӏалтӏи цӏакъго тӏадегӏанаб буго. Парсихӏатица ракӏалде щвезавуна централъул цеве вукӏарав нухмалъулев Мухӏамадрасулги. Бицана гьес «Намусалда» тун батараб бечедаб рухӏияб ирсалъул хӏакъалъулъги.

Гӏумрудул сухъмахъаздасан

Парсихӏат Муртазагӏалиева гьаюна ва гӏуна Хасавюрт районалъул Кокрек росулъ. Гӏагараб росулъ школа лъугӏун хадуб гьей цӏализе лъугьана Избербашалъул музыкалияб училищеялде. Гьелда гӏей гьабун чӏечӏо гӏолилай. Цӏалана ДГПИялъул филологияб факультеталда. Къисматалъ гьей ячана Москваялде. Москваялъул №1057 школалда хӏалтӏана гӏурус мацӏалъул ва адабияталъул учительлъун. Гьелда лъазе байбихьана тахшагьаралда ругел ракьцоял. Гьелъ цӏакъго кӏудияб гъираялда къабул гьабуна Россиялъул президентасда цебе бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялъ «Дагъистан» центр рагьизе бугилан абураб хабарги. Ва заманалдасан гьений хӏалтӏизе ахӏула Парсихӏат. 1997 соналда гьей хӏалтӏизе лъугьана централда методистлъун. Ва дагьабги заманалдасан, 2006 соналда – «Намус» централъул нухмалъулей, жакъа къоялде щвезеги. Руго Парсихӏатил шапакъаталги. Масала, Россиялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул Хӏурматалъул грамота. Мустахӏикълъана гьей Централъул «За верность Дагестану» медалалъеги. Амма къисматалъулго бищунго кӏудияб ва тӏадегӏанаб шапакъатлъун гьелъие буго жиндирго кумекалдалъун кунчӏараб миллаталъул бакъул цо-цо чӏоралги, гьел чӏоразул канлъухъе кенчӏелел ругел гӏисинал магӏарулазул талихӏалъул цӏурал бералги. Гьез Парсихӏатил цӏар хъвалеб буго миллаталъул тарихалъул тӏехьалда.

Гьединго Парсихӏатица лъугӏизабуна Россиялъул президентасда цебе бугеб РАНХалъул (Российская академия народного хозяйства) магистратура. Гьей ккола Москваялда учительзабазда гьоркьоб тӏобитӏараб конкурсалъул «Содружество» номинациялъул финалистги.

Гьале гьадинаб буго Дагъистаналдаса Парсихӏат Муртазагӏалиевалъул къисматалъул къиса.