Нилъерго тарих лъачӏони, жакъаселъе къимат кьезеги букӏинеселъул хӏисаб гьабизеги расги бигьаго букӏунаро. Кинха гьеб лъазе бугеб? Тарихчагӏазул, археологазул кумекалдалъун. Гьединазул цояв ккола тарихиял гӏелмабазул кандидат, РАНалъул ДФИЦалъул историялъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул кӏудияв гӏелмияв хӏалтӏухъан, «Дарс»» НПЦялъул генералияв директор, «МавраевЪ» басмаханаялъул нухмалъулев, Буйнакск районалъул Дурангъиса Рабадан Мухӏамадов. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.
— Рабадан, мун 40-гӏанасеб соналъ вуго археологиялда хурхараб хӏалтӏуда…
— Некӏсиял гӏадамазул гӏумру, гьезул рукӏа-рахъин, магӏишатгун культура лъазе ккани, ракьги бухъун ралагьизе ккола алаталгун тӏагӏелал. Хасал шартӏал гьечӏони, цӏулал, ххамил, тӏомол алатал халатккун цӏунун хутӏуларо. Абадиялъго цӏунун хутӏула гамачӏ, щегӏ, ракьа, цӏер. Гӏемерал баяназгун хӏужабаз бицуна умумузул гӏумру тӏабигӏаталда хурхараб, гьелда рекъон унеб бу- кӏараблъиялъул. Дун вуго мазга- рул гӏасруялъул специалист. Гьеб заманалда Дагъистаналда букӏана Гӏагараб Бакъбаккул даражаялда бащалъулеб, цӏакъго цебетӏураб культура. Гьелдаса хадуб байбихьана нилъ кутакалда нахъе ккезе. Мисалалъе, пачалихълъи, хъвай-хъвагӏай нилъер гьаниб баккана кӏиазарго соналъ цебе (Гӏагараб Бакъбаккуда – щуазарго соналъ цебе). Гӏезегӏан рачине бегьула гьединал мисалал.
— Тарихалъул щиб гъварилъуде гьанжелъизегӏан нужеда раккизе кӏварал?
— Нижер институталъул гӏалимзаби бищун гъварилъуде раккизе кӏвараб болжал буго 2 млн соналъ цебе бугеб заман. Гьеб заманалда (ганчӏил гӏасру) гьал нилъер мугӏрул ругеб бакӏалда букӏана ралъдал гьумералдаса 400 метралъул борхалъуда бугеб цӏан битӏараб авлахъ. Гьенир рукӏана хинал улкабазда букӏунеб гӏурччинлъиги гьелда рекъараб рухӏчӏаголъиги. Гӏахъуша районалъул Усиша росдал Айникиб авалалда ругел мугӏрузда, гӏалимчи Хизри Гӏамирхановасул гӏелмияб къокъаялъ гьабураб хӏалтӏул хӏасилалда загьирлъана гьеб заманалдаго инсанас гьениб гӏумру гьабулеб букӏараблъи. Инсанасул хутӏел батичӏо гьениб, амма ратана гьесул хӏалтӏул алатал. Инсанасул квер кӏутӏараб, гьелдаса некӏсияб бакӏ Россиялдаго гьечӏо. Нилъер гьанир ратизе бегьула гьединал бакӏал, амма гӏалимзаби жеги гьезде тӏаде ккечӏо.
— Гӏемер бицуна «Гинчинская культураялъул» хӏакъалъулъ. Дур гӏелмияб хӏалтӏиги буго гьелда хурхараб. Гьелъул хӏакъалъулъ бицани бокьилаан.
— Гӏелмияб, археологияб хӏалтӏи гьабулаго ратарал культурабазе цӏарал кьола аскӏор ругел росабазда, бакӏазда рекъон. Гӏинчӏи-кули буго Шамил районалъул Тӏидиб росдада аскӏоб. Гьенир ратана 5,5-6 азарго соналъ цебе инсанас гӏумру гьабулеб букӏараб бакӏалъул хутӏелал. Гьеб культураялъул гӏаммаб авалалде гьоркьоре унаан нилъер магӏарухълъи ва Чачан ракь.
– Захӏматаб масъалалъун лъугьун буго, гӏелмияб хӏалтӏуе квалквалалги гьарун, тарихиял памятниказда хадур лъугьарал «чӏегӏерал археологаз» гьел пасат гьарулел, гьенир ратарал алатал- тӏагӏелал ричулел рукӏин. Гьеб рахъалъ щиб абилеб?
— Журналистаз лъураб «чӏегӏерал археологал» абураб цӏар ккола гьезул къадру гьаби, гьезие лъикӏаб къимат кьей. Гьеб кутакалда мекъи буго. Хӏакъикъиял археологазулгун кинабгӏаги бухьенги гьезул гьечӏо. Гьел руго «тарихалъул нухазда ругел хъачагъал». Нилъер тарихалъул, гьеб цӏуниялъул ургъел бугел чагӏиги гьел гуро. Гьезул мурад буго цо – некӏсиял хобалги щущазарун, гьенир ратарал тӏагӏелал ричи. Нилъер умумул рукӏана цӏакъ мискинал гӏадамал, скифазул ялъуни сарматазул гӏадин месед ва цогидаб бечелъи букӏунароан гьезул. Гьезул рукӏунаан маххул, мазгарул, цо-цо гӏарцул, цӏакъго къанагӏат меседил тӏагӏелал, курхьен-баргъичал, ярагъ. Росу букӏараб бакӏалда ратуларо гьел, аслияб куцалда ратула хабалазда. Гьениса гьел рикъула, хъамула дол «хъачагъаз».
— Халкъазда гьоркьосеб грантги щун, чанго соналъ хӏалтӏана мун СШАялда, Азербайжаналда…
— Бостон шагьаралда аскӏоб бугеб Уэлсли колледжалда, профессор Филипп Колил нухмалъиялда гъоркь, хӏалтӏулеб букӏана археологиялъулаб къокъа. Тӏоцере гьел хӏалтӏана Эрмениялда, Гуржиялъ, хадуб гьеб хӏалтӏи байбихьана Дагъистаналдаги. 1994 соналда нижер цадахъаб хӏалтӏи букӏана Юждагъалда, Великенталда. Нижеца лъазабулаан Дагъистаналъеги Северияб Азер- байжаналъеги гӏаммаб, щуазарго соналъ цебе букӏараб «Великент- ская культура». Чачаналда рагъ байбихьидал, нилъер гьанире рачӏине долги хӏинкъун, ниж (дун, Хӏажиев Муртузагӏали, Азербайжаналъул гӏалимзаби ва колледжалдаса 7-8 студент) ана Азербайжаналде. Хадуб, Фулбрайтил фондалъул гранталда рекъон, ниж хӏалтӏана США- ялда, Уэлсли колледжалда. Доба нижер букӏинчӏо археологиялъулаб хӏалтӏи, гьарулаан Дагъистаналдаги Азербайжаналдаги гьабураб цадахъаб хӏалтӏул хӏасилал, хъвалаан гӏелмиял макъалаби.
— Машгьурав гӏалимчи Рауф Мунчаевасул нухмалъиялда гъоркь Сириялде ун букӏараб экс- педициялда гьоркьовги вукӏана мун…
— Доб мехалда дун вукӏана битӏахъе кӏийиде викьун – риидал хӏалтӏулаан америкаялъулалгун Дагъистаналда ва гьебго заманалда (хаслихъе) унаан Сириялдеги. Гӏиракъ-Иран-Сирия-Ливан- Гӏизраил-Турция-Иордания мухъалда («Полумесяц плодородия»), Евфрат-Тигр-Нил гӏоразда сверухъ рукӏана кутакалда церетӏурал, некӏсиял культураби. Гьезул цояб, Шумера абулеб культура букӏана нижеца лъазабулеб. Ниж рукӏана Сириялъулги, Гӏиракъалъулги, Турциялъулги гӏурхъи цолъулеб бакӏалда, Сириялъул Аль-Хасека провинциялда. Доба рагъ ккезегӏан гӏемерал экспедициял рачӏунаан, букӏана сон цо заманалда 68 экспедиция хӏалтӏулебги. Гьезул баянал лъазарун, суратал рахъун гурони цо алат-тӏагӏел босизе бегьулароан добаса, кинабго унаан музеязде. 11 соналъ тӏатӏалаго ана дун дове, руго хъварал макъалабиги, рахъарал тӏахьалги. 2010 соналда рагӏалде щун букӏана нижер хӏалтӏи, хадуб байбихьана рагъ, нижги тӏокӏалъ инчӏо доре. Террористазул къокъабаз бухӏана доба нижер букӏараб базаги, гьабуна гӏемераб цогидаб пасалъиги.
— Рабадан, мун ккола «МавраевЪ» басмаханаялъул учредитель-директор. Нужеца къватӏире риччала тӏахьал. Гьезда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола «Росабазул тарих» абураб сериялъ. Кинал ругел гьеб ишалъулъ дандчӏвалел масъалаби, бугищ тӏахьазул тӏалабго?
— Тӏоцебе гьеб рагьидал, гьелда цӏар букӏана «ДИНЭМ» абун. Хадуб битӏараблъун бихьана «МавраевЪ» абун цӏар лъей. Мухӏамадмирза Мавраев ккола квералъ хъван гуреб, Дагъистаналда, Северияб Кавказалда тӏоцере тӏахьал басмаялда кьабурав чи. Гьаб буго гьитӏинаб басмахана. Нижер гьечӏо гӏарцулаб къуват, щоларо пачалихъалъул кумек, къанагӏат гурони бергьунаро тӏоритӏулел тендеразда, заказал ралагьизе ккола нижецаго. Цо рахъалдасан интернеталъги хвезабулеб буго тӏахьазул къимат, дагь гьабулеб буго гьел росулезул къадар. Цогидаб рахъалдасан балагьани, гӏемерисезул рес гьечӏо тӏахьал росизе. Байбихьуда ракӏалда букӏана гӏелмияб литература къватӏибе биччазе, художествияб къанагӏат гурони биччаларо. Кӏиабилеб рахъ буго, росабазул тарихалъул тӏахьал басмаялда рахъи. Гьанжелъизегӏан къватӏибе биччана 20 росдал тӏехь. Гьеб суалалъулъ буго гьадинаб масъала – гӏемерисел авторал тарихчагӏи, гьеб ишалъул хӏалбихьи бугел чагӏи гурелъул, гьезулгун гьабизе ккола гӏемераб хӏалтӏи. Лъикӏав журналист, филолог, редактор Дибиргӏали Хазамов гьанив хӏалтӏулев вукӏинчӏевани, бигьалъизе букӏинчӏо гьеб хӏалтӏиги. Буго кӏвар буссинабизе бокьараб цоги масъалаги. Кӏванагӏан хехго къваригӏун буго росабазул баянал къалмиде росизе, тӏахьал къватӏире риччазе. Гурони, тӏаде гӏолеб гӏелалъе бигьалъизе гьечӏо хӏакъикъияб, добе-гьанибе сверизабичӏеб тарих цӏунизе.
— Цогидазул тӏахьал къватӏире риччай гуребги, дуцагоги хъвала кучӏдул, магӏарул мацӏалде руссинарула гӏурусазул поэтазул асарал…
— Нижер тухумалда гьечӏо машгьурал поэтал, хъвадарухъаби. Амма гӏезегӏан рукӏана кӏалзул гьунар бугел, бачӏинахъего кочӏол мухъал хъван бажарулел, пасихӏал гӏадамал. Дирги кучӏдуздехун цӏайи бачӏана жеги гьитӏинго. Дун росдал школалда цӏалулаго, дидаса 2 соналъ кӏудияй яц цӏалулей йикӏана цогидаб росулъ. Махсара хӏисабалда цоцахъе кагътал нижеца хъвалаан кучӏдуздалъун. Гьебги лъикӏ бихьун, дие кумек гьабуна учительницаялъги. Хъварал кучӏдузул цо тӏехь буго гьанжелъизегӏан дица къватӏибе биччараб. Гьабсагӏаталда хӏадурулеб буго 25 гӏурус поэтасул магӏарул мацӏалде руссинарурал асаразул тӏехьги. Гьелда тӏубан ракӏ рекъонги гьечӏо дир, парахатго тӏад хӏалтӏизе заманги гӏолеб гьечӏо.