Тӏаде балагьун нилъедаса щибниги батӏалъи, тӏокӏлъи, тӏадегӏанлъи жиндилъ гьечӏин кколев, кутакалда гӏадатияв гьав магӏаруласе гӏемераб жо сайгъат гьабун буго Аллагьас.
Сахаватаб ракӏги рикӏкӏен гӏемерал гьудулзабиги!
Гьаб лъабго къоялъул дунялги кӏочон, даимлъиялде гали тӏамизе гвангъараб анищги щулияб тавакалги!
Шангъодаса байбихьун, тӏолабго дунялалде гӏунтӏунги, гӏадамазе кӏвараб кумек гьабизе, ай ракьалда лъикӏлъиялъул, гӏаданлъиялъул, гӏадиллъиялъул хур бекьизе тӏасан, зобалаздасан рекӏелъе тӏураб тӏокӏкӏараб иманги!
Бищунго захӏматаб — хӏисаб гӏелмуялъул борхалъуде вахине ва улкаялдаго къадру цӏикӏкӏараб вузалда мугӏалимлъи гьабизе гӏураб гӏакълуги цӏодорлъиги!
Гьев ккола Гъуниб районалъул Шангъода росулъа Мухӏамад Мухӏамадов
…Дагъистаналъул вундеркинд, космосалъулал формулабазулгун тарихазул хан, рорхатал цӏвабзазул цоялда жиндир цӏар лъурав академик Шамил Гӏалиевас гьев жиндир ученик вукӏанин, амма некӏого учителасдаса цеве анин, разиго мукӏурлъун, кӏудияб къимат кьеялъги бицуна Мухӏамад щиб гьунаралъул, гӏакълуялъул, гӏелмияб даражаялъул чи вугевали.
…Коронавирусилан цӏар чӏвараб ва ракӏалдаго гьечӏого бачӏараб балагьалъул хӏасилалда, гӏемерал гӏадамал унтана ва хвана.
Гьеб захӏматаб заманалда Москваялдаса гӏагараб Дагъистаналде щварав васасдаги гӏумрудул 40 сон гӏадамазул сахлъи цӏуниялъе сайгъат гьабурай эбелалдаги гьоркьоб ккана къокъаб, чӏванкъотӏараб накъит.
— Мухӏамад, дир вас! Жакъа къоялда жаниб тохтурзабазе кумек гьабиялдаса кӏвар цӏикӏкӏараб суал гьечӏо, — ян абуна эбелалъ, угьун хӏухьелги биччан. – Дир гьари, дир тӏадкъай буго дуе гьеб рахъалъ дудаго кӏолеб, бажарулеб кумек гьабе -ян.
Эбелалъул ахӏиялъ, гьариялъ куркьбал гъурав Мухӏамадица гьабураб Гьунар гӏицӏго Дагъистаналда, Россиялда гуребги, тӏолабго дунялалда рагӏана, бихьана, лъана.
Гӏадамазул гӏумру хвасар гьабизе гӏоло хвалил бадиве валагьун къеркьолаго, коронавирусалъ унтарав 650 медхӏалтӏухъанасул сахлъи тӏад буссинабиялъе тӏолалго шартӏал чӏезаруна «Къункъраби» комплексалъул генералияв директор Мухӏамад Хӏабибович Мухӏамадовас. Цониги чиясул яги хӏукуматалъул рахъалдаса капек гьечӏого, жинцаго.
«Тохтурзабазе рецц» абураб ахӏиялда гъоркь дунялалдаго тӏоцебе тӏобитӏараб гьеб гурхӏел-рахӏмуялъул тадбиралъе къимат кьуна рикӏкӏадаб Индиялдаги, Америкаялдаги, Гӏарабустаналдаги, Германиялдаги ва гӏемерал улкабаздаги.
Мухӏамад Хӏабибовичасул цӏаралда рачӏарал баркалаялъул кагътазулги, социалиял гьиназдасагун газетаздаса гӏадамаз профессорасде гьарурал хитӏабалги рехсезе гьаниб я бакӏ, я заман гӏоларо. Амма бицен гьабичӏого рес гьечӏо талат къоялъ «Къункъраби» комплексалда ккараб тарихияб лъугьа-бахъиналъул.
Гьениб рагьана лъабго батӏияб диналъул гӏадамазе – ягьудиязе, бусурбабазе ва насраниязе -«Цолъи» абураб рухӏияб центр.
Бичӏчӏуледухъ абуни, гьанжеялдаса нахъе рехсараб комплексалде хӏухьбахъизе ва сахлъи щула гьабизе рачӏунел рикӏкӏен гӏемерал гӏадамазул рес букӏине буго синагогалда, мажгиталда ва килисаялда жиде-жидер дин гьабизе.
Центр рагьиялда хурхун гьениб тӏобитӏана халкъазда гьоркьосеб гӏелмияб конференцияги. Гьелда гӏахьаллъи гьабуна: Москваялъул муфти, Россиялъул бусурбабазул Рухӏияб собраниялъул бетӏер Альбир хӏазрат Кргановас, Махӏачхъалаялъул ва Грозныялъул архиепископ Варлаамица, Дагъистаналъул ягьудиязул общинаялъул советалъул председатель Валерий Дибияевас, ДУМДалъул председатель Шамил Гӏалихановас, гӏалимзабаз, жамгӏиял гӏуцӏабазул нухмалъулез.
Тадбиралде вачӏун вукӏана ДРялъул Пачалихъияв секретарь Хизри Абакаровги.
Гьеле гьеб гьитӏинабго ракьул бутӏаялда кьучӏ лъуна лъабго батӏияб диналъул гӏадамазул ракӏалги, пикрабиги, къасдалги цолъизарулеб Рухӏияб Централъе.
Роччараб къо бугониги, щивав чиясул бадиб къалъун букӏана рохалил ва талихӏалъул бакъ, балагьаб унтудаса Бетӏергьанас халкъ хвасар гьабиялде божиги хьулги.
Магӏарул гьитӏинаб росулъа цо чияс дунялалъулго халкъазул рекӏелъе лъуна гӏаданлъиялъул, вацлъиялъул ва цоцада божилъиялъул кьо.
Биччанте гьеб букӏине чарангӏан щулияб ва абадияб.
Бетӏер къулун, баркала кьолеб буго дуе, Мухӏамад, унтаразги сахазги.