Чӏохъа Манижалазул Мусаясул Халилбег ватӏан тун къватӏиве аралдаса исана нусго сон тӏубала.
Тахо—Годил цӏаралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялъ гьал къоязда рагьана художникасул квералъ рахъарал ва фотоаппараталъ гьесул жиндирго рахъарал суратазул выставка. Халатккун гьенир цӏунизелъун музеялде гьел кьуна Халилбегил ирсалъул тӏалаб гьабулеб фондалъул директор Хадижат Мусаевалъ.
Художникасул вацасул васал Гӏумаргун Мухӏамад сабаблъун республикаялъул Миллияб музеялда Халилбегил суратазул тӏоцебесеб выставка бихьизабуна 1999 соналда.
Гьел кӏиязухъего Халилбегил лъади, баронесса Мелани фон Нагель-Мусаевалъ гьебго соналъ кьун рачӏарал суратал кколаан гьел.
1992 соналда СШАялда Меланихъ гьоболлъухъ рукӏарал Расул Хӏамзатовасгун гьесул лъади Патӏиматицаги рачӏун руго Халилбегил суратал.
Доб мехалда изобразительныял искусствабазул музеялъул директорлъун йикӏарай Патӏиматица музеялда лъун букӏана 1970 соназда Америкаялдаса бачӏараб Халилбегил щуго суратги.
Хадурго Грузиялдасаги сайгъат гьарун рачӏун руго гьенире Германиялде иналдего Халилбегица рахъун рукӏарал цо—цо суратал.
Живго Мусаясул Халилбегил хӏакъалъулъ хъвараб, доба—гьаниб басмаялда бахъараб материал дагьаб буго.
Эркенлъи хириял умумузул ракьалда тӏалъи хисидал, 1921 соналда цӏализе арав гьев тӏокӏалъ тӏадвуссине хъван букӏун гьечӏо къисматалъ. Гьесул гӏумру ана цин Германиялда, хадуб Америкаялда. Вукъунги Нью—Йоркалда вуго.
Тӏоцебе Халилбегилъ суратал рахъизе махщел загьирлъиялъе сабаблъун ккун вуго Щуланиса Исмагӏил. Гьев кколаан жиндилъ карамалъи бугилангицин абулев вукӏарав гӏалимчиги, ганчӏида накъищал рахъун, занал къачӏалев кутакалда лъикӏав устарги. Халилбегил инсул заниги гьес къачӏан буго.
«Исмагӏилил мастерскаялде—нахъе гӏемер щолаанила Халилбег. Цинги гьесул кӏудиял вацал Мухӏамадидагун Къагьирида халлъун буго гьитӏинав вацасул гьунар. Гьедин тӏоцере гьез росун руго гьесие къалмалги релъеналги», —ян бицана газеталъе Хадижат Мусаевалъ.
Гьабсагӏаталда Тахо—Годил цӏаралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялда рагьараб Халилбегил выставка 30 июналде щвезегӏан халатбахъине буго.
Гьелда тӏасан гьадин бицана Тахо—Годил цӏаралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялъул директорасул заместитель Джамиля Дагировалъ «Хӏакъикъат» газеталъе:
-Гьабсагӏаталда Миллияб музеялда буго Халилбегица бахъараб 50 сурат. Хутӏарал – Германиялда, Америкаялда ва хасал гӏадамазухъ кодор руго.
Гьаб выставкаялда лъуна Мусаясул Халилбегил фондалъул бетӏергьанлъиялда бугеб 93 сурат. Къотӏи-къаялда рекъон, фондалъ гьел музеялде кьун руго халатккун заманалъ цӏунизелъун.
Суратазухъ балагьун, кутакалда гӏемерал суалалги руго рижулел, цо-цо хӏужабиги руго загьирлъулел. Халилбегил биографиялъулъги цӏикӏкӏун руго лъаларел жал. Гьединлъидал доба-гьаниса кӏвараб материал бакӏарун, дандекколеб буго нижеца.
Халилбегил цӏаралда сверухъ лъалебги лъаларебги бицунел чагӏиги дагь гьечӏо. Масала, Франц Руболгун гьесул гьудуллъи букӏанин абула цо-цояз. Букӏинчӏо. Халилбегил суратал Метрополитен-музеялда (Нью-Йорк) рихьизарунинги бицуна. Гьаричӏо. Гьеб гьедин букӏун батани, гьелъие хӏужа бихьизабизе ккола.
Дица Халилбегил творчествоялда тӏасан лекция цӏализехъин бугин сайталда лъураб лъазабиялда гъоркьги тӏубараб карщ гьабун батана. Масала, гьев фашистазул рахъалда вукӏанилан хъвалеб бугоан цояс. Гӏемер дандчӏвалеб пикру буго гьеб. Амма киб бугеб гьелъие далил?
-Гитлерилгун гьудуллъи букӏун бугиланги рагӏана бицунеб. Мюнхеналда художествияб академиялде цӏализе лъугьунелъул лъан ругила гьел цоцада.
-Гьедин хъвараб бакӏ киб бугеб? Цо хасал чагӏаз риччарал харбал ккола гьел. Гьеб мехалда Гитлер вукӏун ватула къисматалда рекӏекълъарав гӏолохъанчи.
Фашистазул рагъулаб ратӏлил эскизалги Халилбегица рахъулел рукӏун ругилан чӏола цо къокъа. Немцазул модельерал рукӏинчӏогодай? Гьединаб кӏвар бугел ишазда гъорлъе цогидал миллатазул чагӏи риччалел рукӏанадай гьез?
Гьединго доб заманалдаги дол шартӏаздаги гӏумру гьабе цин гьедин гӏайиб чӏвалелде цебе. Хӏакъикъаталда абуни, чи бахиллъилеб гӏадаб къисмат букӏинчӏо гьесул: советияб низамалдаса рикӏкӏалъарав гьев фашистазул низамалде ккана. Амма киве кканиги, магӏаруллъи биличӏо гьесулъа.
Ричизе сураталги рахъулел рукӏун руго Халилбегица. Гьедин заказазда рекъон рахъаралги цогидалги гӏезегӏан суратал рухӏун руго рагъул заманалда. Самолёталъ рехараб бомба гьесул минаялдаги щун, тӏатӏала ккун буго художникасул мастерская. Хвасар гьаризе кӏварал хӏалтӏаби Халилбегица Америкаялде росун руго.
1970-абилел соназдаса байбихьун гьесул лъади Меланица хӏалбихьун буго Халилбегил гӏагарлъиялъулгун бухьен гьабизе (художник хвана 1949 соналда -ред.). Амма заман батӏияб букӏиндал, гьелъул хӏасил ккун гьечӏо. Нилъер улкаялда Халибегил цӏар бахъизеги бегьулеб букӏинчӏелъул.
Гӏицӏго 1990-абилел соназда бажарана Меланихъа нилъехъе гьел ритӏизе.
Гьелде рачӏинегӏанго нижер музеялдаги букӏана Халилбегил хӏалтӏабазул дагьабго къадар. Гьел рукӏун руго бакӏ-бакӏалда цӏунун хутӏарал, Къоркъмасовас ричун росарал гьесул суратал. Октябралъул революция ккун 10 сон тӏубаялде Москваялда тӏобитӏулеб «Искусство народов СССР» абураб выставкаялдаги лъун рукӏун руго гьезул цо-цоял.
-«Красный суд в Дагестане» абураб суратги бихьана гьаниб къеда чӏван. Гьединаб магӏнаялъул суратал гьесул ратилин ккунго букӏинчӏо.
-Буго. Амма копоего бахъараб гӏадаб сурат буго гьеб, гьелъулъ загьирлъулеб буго доб гӏуцӏиялдехун художникасул букӏараб бербалагьи – дагьабго тӏад велъи, цо-цо жал тенкезаризе лъугьин.
1917-1918 соназда Мугӏрузул республика гӏуцӏараб заманалда Халилбегиеги батӏаго квеш букӏинчӏо гьаниб. Гьев хӏалтӏулев вукӏана «Танг-Чолпан» журналалда, Мавраевасул басмаханаялда, Лансереда цадахъ гьес дарсал кьолаан реалияб училищеялда, Мугӏрузул улкаялъе байрахъги ургъана гьес.
Дагьалъ чӏун Халилбегида бичӏчӏана гьанив жив хӏебтӏулареблъи, жиндие гьеб низам данде кколареблъи. Гьединлъидал махщел камил гьабизе, хадувккунги цӏализе кколин багьанаги батун, Халилбег гьаниса ана. Амма советияб власталъ цӏалухъ кьезе байбихьуда гӏарацгицин битӏулеб букӏана гьесие.
Республикаялдаса къватӏиве ине Халилбегица хӏалбихьулеб букӏана 1919 соналдаги. Владикавказалдасан Тифлисалдеги ун, гьенисан Чӏегӏерралъдалъан Турциялде унаан доб мехалда. Шапи Казиевасул тӏехьалда хъвалеб буго гьедин.
1921 соналда кӏиабизеги хӏалбихьула Халилбегица республика тун ине. Гьеб мехалда искусствоялъул рахъалъ гӏуцӏараб наркомпроссалъул отделалда хӏалтӏулев вукӏана Халилбег. Гьес къачӏалаан хӏурматиял, кӏвар бугел данделъаби тӏоритӏулел залал.
Гьедин пачалихъалъул заказ тӏубазе релъенал хӏажат ругиланги абун, Халилбегица Бакуялде нух босула. Гьениб паспортги гьабун, Турциялде уна. Гьенив (Самсуналда) гьев дандчӏвала кӏудияв вац Мухӏамадгун. Цинги гамидаги рекӏун Варнаялде, хадув поездалдаги рекӏун Мюнхеналде уна. Гьенир гӏемер пайдаял лъай-хъваял ккола гьесул. Амма гӏумру гьабизе захӏматаб букӏанин хъвалеб буго гьес жинцаго.
Халилбегил 24 сон букӏана улка тун къватӏиве унеб мехалда. Эркенго хӏалтӏизе рес кьурабани, кутакалда цеветӏезе вукӏана гьев. Амма я жиндирго ватӏаналда советияб гӏуцӏиялъ, я доб заманалъул Германиялда гьединал ресал щвечӏо художникасе. Германиялда, масала, хӏатталдаса ун гӏемерал гӏорхъичӏваял гьарулаан доб мехалда художниказе.
-Гьесул хӏалтӏабазухъ балагьун, махщел цӏубараб мех лъазе бажарулищ? Масала, кинаб ригьалда рахъарал суратал лъикӏал ругел?
-Диего рокьула гьес гӏолохъанлъуда Дагъистаналда вукӏаго рахъарал хӏалтӏаби. Гьеб мехалда сунцаниги квекӏен гьабун гьечӏоан хӏалтӏизе – я идеологиялъ, яги ватӏаналъухъ чӏалгӏеналъ.
Ватӏаналъухъ рухӏ бецӏулеб букӏаниги, хадубккун Германиялда гӏумру рукӏалиде бачӏун буго художникасул. Хасго Меланигун дандчӏвайдал. Гьел кӏиялго рукӏун руго цоцазе къваригӏарал чагӏи.
-Гьелъул сураталда гъоркь Сагӏадат абун хъван бихьана Халилбегица. Гьелъул магӏна щиб?
-Дагъистаналда вугеб мехалда Сагӏадат абурай яс йокьулей йикӏарай къагӏида гьесие. Гьединго Темирхан-Шураялда Абуладзе абурав машгьурав фотографасул ясалъулгунги букӏанин гьесул рокьиян хъвалеб буго.
-Интернеталда гӏемер дандчӏвала Зайнаб Дайитбеговагун цадахъ чӏун бахъараб Халилбегил суратги. Гьей щий?
-Гьей кколаан Темирхан-Шураялдаса Махӏачхъалаялде нух бахъарав инженер, бечедав чи Гӏадилгерей Дайитбеговасул яс. Москваялда тохтурлъиялъеги цӏалун, Дагъистаналда руччабазда гьоркьой тӏоцеесей хирурглъун яхъана гьей. Халилбегил лъикӏаб бербалагьи букӏана гьелдехун. Квералъ гьелъул суратги бахъана гьес, гьелде кечӏги хъван букӏана.
Доб заманалда церетӏурал дагъистаниязул къокъа букӏана цоцалъ гьудуллъи бугеб – Тахо-Годи, Ахундовал, Къоркъмасовал, Дайитбеговал, Халилбег ва цогидал.
-Кьер гьечӏеб къалмица рахъарал бихьиназул сураталги рихьана выставкаялда.
-Гьенир руго Дагъистаналдаса эмигрантазул тӏоцебесеб кьералда гъорлъ рукӏарал гӏадамал. Халилбег гьелгун дандчӏван вугоан Тифлисалда. Масала, имам Шамилил васасул вас Сагӏитбегги вуго гьенив.
Гьединго «Хвалил макьу» абураб суратги буго гьениб. Дие цӏакъ асар гьабуна гьелъ. 1949 соналда бахъараб гьелъулъ загьирлъулеб буго Халилбегида жиндирго хвел гӏагарлъулеб букӏин лъалеблъи.
-Суратазда лъураб хасаб ишара яги мугьру бугищ гьесул?
-Халилбегица цин гӏурусалъ хъвалеб буго суратазда гъоркь жиндирго цӏар. Хадуб байбихьана гьеб гӏажамалъ хъвазе, гьелдасаги хадуб -латин хӏарпаздалъун. Цо заманалда гьес суратазда лъолаан жидерго тухумалъул мугьру гӏадаб ишараги.
Палхӏасил, Халилбегил хӏакъалъулъ хӏакъикъат рагьизе жеги анцӏ-анцӏ сонал къваригӏина. Дораса-гьаниса биценал рагӏун гурони, чӏванкъотӏун данделъарал хӏужаби цӏакъ дагьал руго.
Диего Халилбегица гьабулеб асаралъул бицани, аслияб жо буго цо -магӏарухъа вачӏун шагьаралдегун гӏадатияв дагъистанияс жиндирго цӏарги махщелги халкъазда гьоркьосеб даражаялде бахинаби.