1-3 марталда РФялъул Федерациялъул советалда тӏоритӏана Дагъистан республикаялъул къоял.
Цогидазда цадахъго, нилъер гьаниб медицинаялъул «Хехаб кумекалъул» хӏалтӏи лъикӏлъизабиялъул суалги борхана гьениб.
Гьелда бан 1 марталда «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда гӏахьаллъи гьабуна «Медицина катастроф» абураб централъул нухмалъулесул заместитель Мухӏамадрасул Зиявудиновас.
Гьесда цадахъ гьенире рачӏун рукӏана рехсараб централъул хӏалтӏухъан Артур Даххаев, санавиациялъул тохтур Давид Учуев, Дагъистаналъул медицинаялъул университеталда бугеб «Хехаб кумекалъул» факультеталъул кафедраялъул нухмалъулев Элдар Минкаидов.
ГӏОЛОХЪАБИ ЦӏА ГӏАДАЛ, ХӏАЖАТ РУГО КИДАГО
Мухӏамадрасул Зиявудиновас бицана, бокьараб цогидаб хӏалтӏул бакӏаздаго гӏадин, «Хехаб куме- калъул» хъулухъалъулъги гӏемерал захӏмалъаби ругин. Амма ахираб кӏиго-лъабго соналда жанир лъикӏал хиса-басиялги кканила жидер хӏалтӏулъ. Мисалалъе, лъалаго роцӏцӏун буго хӏалтӏухъабазе хӏажатаб сурсат, хасаб ретӏел-хьит чӏезабиялъул суал, щун руго «Хехаб кумекалъул» цӏиял машинаби. Цохӏо тахшагьаралда гуребги, мугӏрузул районазда ругел гьезул станциязеги щун руго гьел.
— Амма кӏвар буссинабизе ккараб суал буго жакъа «Хехаб кумекалъул» хъулухъ лъикӏал, махщел бугел хӏалтӏухъабаздалъун хьезаби. Хасго гьеб рахъалъ квешаб хӏал бугин абизе бегьула рикӏкӏада ругел росабалъ, гьединго районазда гьоркьор ругел «Хехаб кумекалъул» станциязда. Медуниверситетги лъугӏун гьенире хӏалтӏизе унезул къадарги кӏудияб гьечӏо. Щайин абуни, жакъа гӏемерисезе бокьулеб гьечӏо гьединал бакӏазде хӏалтӏизе ине. Щайгурелъул гьенир тӏалабал цӏакъ кьварарал руго ва кинавго чиясухъа гуро гьеб хӏехьонги бажарулеб, — ин бицана М. Зиявудиновас.
Гьеб рахъги хӏисабалде босун, церегоялдаса нахъе «Хехаб кумекалда» хӏалтӏулел, гьанже ригьалде рахарал гӏадамалцин чӏезарун ругин жидеца хӏалтӏудаян бицана гьес.
«Хехаб кумекалъул» шоферзабазул хӏалтӏуе кинаб къимат дуца кьолебин цӏехана гьесда журналистаз. Гьедигӏанго беццизе ккараб хӏалалда гьечӏониги, ахираб заманалда гьеб рахъги мухъде бачӏун бугин жаваб кьуна Зиявудиновас. Жакъа кинавго чи рулалда нахъаги вугеб, машинабаз занкӏун цӏурал шагьаразда гӏунгутӏаби камун хутӏулел гьечӏин жидер хъулухъалъул шоферзабигиян тӏаде жубана гьес.
Санитарияб авиациялъул тохтур Давид Учуевас бицухъе, 2020 соналъ 185 роржен гьабун буго гьез унтарал гӏадамазухъе. Больницаялде щвезавун вуго 256 чи, гьездаго гьоркьоб — 26 лъимерги.
ЧИЯРАБ БЕРЦИН БИХЬУН, НИЛЪЕРГО ЛЪИКӏАБ КӏОЧОН
«Хехаб кумек» ахӏизе бегьулел гӏузрабиги батӏи-батӏиял рукӏунин бицана Мухӏамадрасул Зиявудиновас.
— Квеш ккараб жо буго пачалихъалда цебе букӏараб лъикӏаб къагӏидаги тун, жакъа бакътӏерхьул улкабазул мисалалда рекъон хӏалтӏулел рукӏин.
Щивав чиясул къаркъалаялъул гӏуцӏи цого бугилан кканиги, унтуда данде къеркьолеб хасият щивав чиясул батӏи-батӏияб букӏуна. Цоясе данде ккараб дару-сабаб цогидасе ккечӏого букӏине рес буго. Гьеб рахъги хӏисабалде босулаан цебе.
Гьанже абуни, кӏиго чи цого къоялъ, цого заманалда унтун «Хехаб кумек» ахӏани, кӏиязего гьабизе цого дару бихьизабун буго. Гьеб лъикӏ гьечӏо, — ян абуна Зиявудиновас.
ЦЕБЕСЕБ ГӏЕЛ ЦӏАЛИЗЕ ГЪИРА БУГЕБ БУКӏАНА
Пресс-конференциялда рукӏа разул цояс гьесда гьикъана дурго хӏалтӏухъабазул махщалидаса рази вугищ мунилан.
— Тӏуванго гьездаса рази вугин абуни, нужги божизе гьечӏо, гьебги гьереси букӏина. Бокьараб цогидаб бакӏалдаго гӏадин, нижер хъулухъалдаги руго гьеб рахъалъ гӏунгутӏаби. Жакъа «Хехаб кумекалде» хӏалтӏизе рачӏунел гӏолохъанал тохтурзабазул гӏемерисел руго жидерго цо хасаб пикруялъул, гӏамал-хасияталъул гӏадамал. Диейин абуни, гьездасаги, советияб медицинаялъул школалъ куцарал тохтурзабигун хӏалтӏизе бигьа букӏуна. Гьединлъидал цӏакъ рекӏекълъула, битӏараб бицани, дир кьералъул хӏалтӏухъаби мустахӏикъаб хӏалхьиялде унеб мехалъ. Гьезул чангиязда гьаризецин гьарула, исанаги инчӏого чӏайин, нужер махщел цӏакъ хӏажат бугин абун.
Киназдаго ракӏалда батила, араб гӏасруялда нилъер республикаялъул мединституталъ къватӏире риччалел махщелчагӏазул букӏараб къимат. Махщалил даражаялъул рахъалъ тӏубараб союзалдаго ункъабилеб бакӏалда рукӏана нилъ. Щайгурелъул доб мехалъул гӏел цӏализе гъира бугеб букӏана. Дунги, дир курсцоялги кидаго рукӏунаан цӏияб тӏехь бала- гьулел, цо щиб букӏаниги цӏияб жо тӏаде лъазе кӏвелародайилан къеркьо- лел. Бахчиларо, жакъаги хӏалтӏудаса рокъове щун хадубги чанго сагӏат дидаго тӏад хӏалтӏизелъун хвезабула дица. Гьанжесеб гӏел гьединаб гьечӏо, гьезие цӏалдезе бокьуларо. Гьанже кинабго баян интернеталда, гад- жетазда, смартфоназда букӏиналде ругьунлъун, гьелда гӏей гьабун чӏун руго гьел, — ин рикӏкӏунеб буго Мухӏамадрасул Зиявудиновас.
Амма бугониги, ахираб кӏиго соналда жаниб гьеб рахъалъги иш лъикӏлъулеб бугин тӏаде жубана гьес хадубги. Гьабсагӏат мединституталда цӏалулезда гьоркьор дагьал гьечӏо жидерго лъай бечед гьабизе бокьарал гӏолохъаби.
— Нилъ киналго ругьунлъун рукӏана, Дагъистаналъул мединститут лъугӏарал гӏолохъаби, хӏалтӏи тӏалаб гьабун жидехъе раккугеян, Россиялъул шагьаразда игӏланал чӏван ругин абураб хабаралде. Амма гьел рукӏана гӏадамаз ургъунго риччарал хабарал.
Гьедин хӏисаб гьабуни, гьелго тӏалабал Россиялъул цогидал регионазда цӏаларал тохтурзабаздеги рухьинаризе бегьулаан. Гьезулги махщалил даража нилъераздаса цӏакъаб букӏинчӏо. Гьедигӏанго ярагьунарел сахлъи цӏуниялъул хӏалтӏухъаби рукӏинчӏо ва жакъаги гьечӏо нилъер. Гьезул чангиял жакъаги Россиялъул батӏи-батӏиял шагьаразда, медицинаялъул идарабазда дарсал кьолелги руго, — ян бицана М. Зиявудиновас.
Ашахан ЮСУПОВ