Магӏарулазул халкъияв хъвадарухъан Муса Мухӏамадов хваралдаса 28 февралалда тӏубана 24 сон. Исанасеб сон ккола гьесул юбилеялъулаб лъагӏеллъунги. Магӏарулазул гьунар тӏокӏав классик гьавуралдаса исана тӏубала 95 сон.
Гьелъие байбихьи лъураб гьитӏинабго тадбир тӏобитӏана, 1 марталда хъвадарухъанасул ватӏаналда — Шамил районалъул Гьандихъ росулъ.
Кинав чи Муса вукӏаравали магӏараулазе хас гьабун жакъа бицине ккеларо. Тӏубараб гӏумруялъ гьес хъварал, бечедаб, пасихӏаб мацӏалъул асаразда гъоркь гӏуна чанго батӏияб гӏел. Цоцахъе кьун цӏалулел рукӏарал Мусал гӏемерисел тӏахьал жакъа кодоре щолелцин гьечӏо. Амма гьесул цӏарги, гӏалам бахил гьабураб гьунарги хутӏана нахъе.
Къисабигун харбал хъвазе кутакаб гьунар гуребги, гьел асарал цӏаларал гӏадамал гӏаммаб пикруялъ гӏагар гьаризеги, гьезие живго вокьизавизеги кӏванин Мусадаян абуна, гьесул цӏаралда бугеб музейги гӏуцӏарав, гьесул цӏаралда бугеб школалъе нухмалъиги гьабулев Мухӏамад Гъазалиевас.
— Кӏиго чияс машгьур гьабуна нилъер Гьандихъ росу. Тӏарикъаталъул устар Хӏумайд афандиясги, 70-гӏанасеб прозаялъул тӏехь хъварав Муса Мухӏамадовасги. Гьев гӏадин ракӏ батун, кӏвахӏ тун хъвадарулев чиго вукӏанадай нилъер хъвадарухъабазда гьоркьовилан ккола дида. 71 сон бараб мехалда ана гьев гьаб дунялалдаса. Жакъа гьесул кьералъул цо-цо гӏадамал чӏаго руго. Муса хехго ана. Ана бугеб рухӏги жанги кьун бокьулеб иш, адабият цебетӏезабизе бахъараб жигаралъ, жиндирго сахлъиялда барахщичӏого гӏемер хӏалтӏулев вукӏиналъ. Гьединал гӏадамал къанагӏат гурого рукӏунаро, — ян абуна М. Гъазалиевас.
Кӏудияб адабалда гьеб къоялъ ракӏалде щвезавуна кӏиго моцӏалъ цеве нилъедаса ватӏалъарав Мусалги Фазулги вас Мухӏамад (Махӏач) Мухӏамадовги. Гьунар бугев литератор, таржамачи, цӏакъ гӏамал берцинав инсан вукӏанин гьевилан бицана М. Гъазалиевас.
Гьандихъ тӏобитӏараб тадбиралда школалъул цӏалдохъабаз цӏалана Мусал асаралдаса цо-цо кескал, рикӏкӏана гӏолохъанлъуда гьес хъварал кучӏдул.
Магӏарулазул машгьурав хъвадарухъанас 95 сон тӏубаялда хурхун кӏудияб тадбир тӏобитӏизе буго исана риидал Гьандихъ. Аллагьас хъван батани, гьелда гӏахьаллъи гьабизе буго «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъабазги.
А. ЮСУПОВ