Гьал къоязда Дагъистаналде рачӏун рукӏана «Вместе. РФ» абураб федералияб (федерациялъул советалъул) телеканалалъул мухбирзаби Артем Пашнин ва Михаил Чупрасов. Гьезул масъала букӏана Федерациялъул советалда тӏоритӏизе ругел «Дагъистаналъул къоязде» республикаялъул социалиябгун экономикаялъул гӏумру бихьизабулеб программаялъе материал хӏадур гьаби (передачаби рихьизаризе руго ОРТ ва Россия-24 каналаздасанги). Гьел щвана Гъарабудагъкент, Хъунзахъ, Бабаюрт, Гъуниб районазде.

Салтӏа росулъе букӏараб нижер цадахъаб сапаралда гьез лъай-хъвай гьабуна росулъе цӏи гьабураб нухалъулгун. 7,5 км. манзилалъул гьеб 130 млн. гъурущ харжги гьабун, республикаялъулаб программаялда рекъон къачӏана 2,5 соналда жаниб. Щвана школалде. 5 млн. гъурущ гӏарацги харж гьабун гьеб къачӏана «100 школа» абураб программаялда рекъон. Балагьана тӏабигӏияб газ бачине ругел ресазухъ. Хважалмахьи-Хъуппа мухъдасан гьеб Салтӏе щвезе бегьула исана соналъул ахиралда. Сапаралдаса хадуб чанго суалалъе жавабги кьуна А. Пашниница.

— Кин нужеда бихьараб Махӏачхъала?

— Нижеда бихьана Махӏачхъала къадги къасиги «кьижулебго» гье чӏеблъи. Киса-кирего рекӏарал чира хъаз, хьвадулеб транспорталъ шагьар букӏана гвангъизабун ва гьеб рахъалъ Махӏачхъала цӏакъго релълъун буго Москваялда. Хадусеб къоялъ нижеда бихьана гьелъул тӏубараб чӏаголъи — къватӏахъ руго цӏакъго гӏемерал гӏадамал ва машинаби, кире балагьаниги бихьулеб буго тӏадбан унеб хӏалтӏи, магӏишаталъул багъа-бачари. Дун гьаниве щвечӏого араб щуго лъагӏалида жаниб цӏакъго хисун буго тахшагьар — ран руго гӏемерал минаби, лъикӏлъун руго нухал. Гӏадамазулъ буго роцӏцӏин, ракӏрагьи, гӏодоре риччай, гьечӏо хӏалуцин.

— Гьале нуж щвана Салтӏа росулъе. Кинаб асар гьабураб бихьара-таралъ?

— Рагӏабаздалъун загьир гьабизе кӏоларебгӏан лъикӏаб асар гьабуна, тӏабигӏаталъул хӏакъалъулъ бицун пайдаго гьечӏо. Росулъе щведал ниж тӏуранго тамашалъана. Росулъе унеб нух буго хъилги тӏун лъикӏаб даража- ялда къачӏараб. Росдал гӏуцӏиялъулъ цӏунун буго некӏсияб, нужее хаслъи бугебги, сундулъго буго цӏияб, зама- налъул тӏалабазда рекъарабги. Ниж гӏажаиблъизаруна росдал жакъасеб къоялъ, букӏинеселде ругел планаз ва гьел тӏураялъе гӏадамазул бугеб гъираялъ. Гӏадатияб росуйин гьалда абизе захӏмат буго, гьаб буго риидалги кьиндалги туристал хьвадизе киналго ресал ругеб бакӏ.

— Цо чанго къоялдасан нуж тӏад руссине руго Москваялде. Бокьилаанищ цоги нухалъ Дагъистаналде щвезе?

— Лъиениги балъголъи гуро, гьанире рачӏине бокьаралгицин чӏола беркъан, гьезулъ жеги хутӏун буго цересел соназда букӏараб хӏинкъиялъул асар. Амма нижеда бихьаралда, дандчӏваралда рекъон, гьабсагӏаталда гьелъие кинабгӏаги кьучӏ гьечӏо. Гьаниб буго берцинаб, гӏодобе биччараб ахӏвал-хӏал. Рес ккун хадуб нижги рачӏина (дие бокьилаан риидал вачӏине), гьебго абила нижеда лъалездаги.

Чанго рагӏи тӏаде жубана М. Чупрасовасги.

Дун щвана Европаялъул, Азиялъул ва Югалъулаб Америкаялъул 40-гӏанасеб пачалихъалде, Россиялъул гӏемерал регионазде. Дагъистан бугин ккола дида гьел киназдагоги релълъараб ва цонигиялдаги релълъинчӏеб, гьезул цо-цо бутӏа жиндилъ бугеб, лъилниги гьечӏеб хаслъиги бугеб регион.

Кӏиабизе, щивасе бокьула живго гӏураб бакӏ, Ватӏан. Амма гьединаб рокьиялда цадахъ нужер гьаниб гӏадамазда мухӏканго лъалеб буго жидерго росу-ракьалъул тарихги, жакъасеб гӏумруги, гьезулъ буго букӏинеселъул ургъелги.

Лъабабизе, гӏемерал соназ Москваялда вугониги, дун гьавуна ва гӏуна Сибиралда. Бугеб хӏалалда абуни, Москваялдаги Сибиралдаги дида лъалезда гьоркьоб буго Дагъистаналдехун ва дагъистанияздехун тӏубараб божилъи гьечӏолъи, хӏинкъи, гьанире рачӏине кӏоларого рукӏин. Гьеб буго гьаниб бугеб хӏакъикъат лъаларого букӏиналъул хӏасил. Цо нухалда гьанире щун, кинабго бихьун хадуб лъугӏула гьебги, бокьула цоги нухалда рачӏинеги.

Гӏ. ГӏАБАШИЛОВ