Ковидалъул пандемия тӏибитӏараб заманалда «Багӏараб зонаялда» хӏалтӏулаго анцӏ-анцӏ унтарасда аскӏой яхъун чӏарай, гьезие бажарараб кумек гьабурай гӏадан ккола «Рахунел унтабазул, профилактикаялъул ва СПИДгун къеркьеялъул республикаялъул централъул» 3-абилеб ва 4-абилеб госпиталазул начальник Разият Мухӏамадова. Гьелъул бахӏарчияб хӏалтӏуе къиматги кьун, ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министрас гьелъие кьуна Баркалаялъулаб грамотаги.
Разият ккола Хунзахъ районалъул Гӏободаса хирург Асадулагьил ва Гумбет районалъул Мелъелтӏаса Гӏазрал яс. Разиятица бицана тохтурасул махщел тӏаса бищиялъе гӏилла кканин инсуда берцин йихьи, ай гьев рази гьавизе бокьи. Гьесие цӏакъ бокьун букӏанила жий тохтурлъунги яхъун, гӏадамазе пайдаяй гӏадан лъугьине.
Тӏокӏлъиялда школа лъугӏарай Разият, Дагъистаналъул медицинаялъул академиялде цӏализе лъугьана. Студентлъиялъулал соназда гьей жигаралда гӏахьаллъулаан фармакологиялъул ва анатомиялъулгун физиологиялъул кружоказда, гӏелмиял докладалгун цее яхъунаан конференциязда.
Цӏали лъугӏун хадуб Разият 20 соналъ терапевтлъун хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул тӏоцебесеб больницаялда.
2017 соналда гьей хӏалтӏизе ахӏана Республикаялъул рахунел унтабазул централде. Гьелъул лъайги, махщелги, хӏалтӏи гӏуцӏизе бугеб гьунарги бихьун, заман балелдего Мухӏамадова тӏамуна госпиталазул начальниклъун. Гьелъул хӏакъалъулъ хабар ккедал, цадахъ хӏалтӏулез абуна: «Разият йиго гурхӏел-рахӏму цӏикӏкӏарай тохтур, лъикӏлъиги, гӏаданлъиги, берцинаб гӏамалхасиятги кьун Аллагьас кӏодо гьаюрай гӏадан», — ан.
Госпиталалда бугеб къимат кьеялъул ва суалал цере лъеялъул тӏехьалда руго сах гьарураз Разиятил хӏакъалъулъ хъварал гьадинал рагӏаби. Масала, Гӏалиева Умаца хъвалеб буго: «Ковидалъ тамах гьаюрай дица, гӏумруялъулгун къо-лъикӏ гьабун букӏана. Сах гьаюн унаго, хвалил квачӏикьа дун яхъарай Разиятил кверазда дица, бетӏер къулун, баана. Ракӏ-ракӏалъ баркала кьуна гьелъул тӏолабго коллективалъе. Нужер щивасул цӏарал дида хвезегӏан кӏоченаро», — ян.
Тарумовкаялдаса Сагӏидова Мадинаца хъвалеб буго: «Ковидалъ захӏматго унтарай дун, госпиталалда гьабураб тӏадчӏараб хъулухъалдаса хадуй хвалдаса йорчӏана. Дида хвезегӏан кӏоченаро Разиятил кверазул тамахлъи, гьимиялъул берцинлъи, тохтурасулаб лъаялъул ва махщалил камиллъи», — ян.
Лъикӏал чагӏазе Аллагьас талихӏ кьолин абула. Разиятил буго унгоунголъунги талихӏаб хъизан. Гьелъ жинцагоги абула: «Лъикӏав росги, малъараб гьабулел лъималги кьун, Аллагьас кӏодо гьаюрай гӏадан ккола дун», — ан.
Гьелъул рос Шамил ккола налогазул инспекциялъул инспектор, яс Патӏимат — экономист, вас Марат — экономист-программист.
Пандемиялъул заманалда букӏараб ахӏвал-хӏалалъул ва дандчӏварал захӏмалъабазул хӏакъалъулъ бицун, Р. Мухӏамадовалъулгун нижеца гарачӏвариги гьабуна.
— Разият, кинаб къимат дуца кьолеб бищунго захӏматал къоязда госпиталазда букӏараб ахӏвал-
хӏалалъе?
— Бищунго захӏматал рукӏана пандемия байбихьарал тӏоцересел къоял. Гьеб мехалъ дун хӏалтӏулей йикӏана ковидалъ унтарал сах гьаризе медицинаялъул хӏалтӏухъаби ругьун гьариялда тӏад, 17 августалдаса нахъе байбихьана «Багӏараб зонаялда» хӏалтӏизеги.
Лъугьун букӏараб ахӏвал-хӏалалъе цо рагӏудалъун къимат кколеб бугони, «лъангутӏи, баян гьечӏолъи» абун абизе бегьила. Лъалеб букӏинчӏо унти кин унебали, цебетӏолебали ва хисулебали, гьединго кин гьебгун къеркьезе кколебали.
— Гьеб заманалда кинаб букӏараб дур хӏалтӏул къоялъул низам?
— Захӏматал рукӏана гӏемерал унтарал рачӏунеб къо, бигьаяб — сахлъун гьел унеб къо. Жеги захӏматал рукӏана занкӏун цӏурал госпиталазда бакӏ гьечӏин абун, унтарал къабул гьаризе рес гьечӏел къоял. Пандемия байбихьараб лъабго моцӏида жаниб ниж, гӏумру гьабун, госпиталалдаго рукӏана.
— Пандемиялъул заманалда госпиталазда чан тохтур ва медсестра хӏалтӏулел рукӏарал?
— «Багӏараб зонаялда» тохтурзабазул ва медсестрабазул хӏалтӏуца ниж хӏайранлъизарун рукӏана.
— Ковидалдаса цо-цо унтарал цӏакъго хӏинкъулел рукӏана…
— Социалиял гьиназдасан тӏибитӏизабун букӏана ковидалъ гӏемерал чагӏи холел ругин абураб хабар. Гьединлъидал унтаралги цӏакъ хӏинкъун рукӏана. Ковидалъул гӏаламатал рукӏин лъайдал, цо-цо чагӏи цӏакъго хӏинкъун лъугьунаан. Гьединаб мехалда унтиги жеги захӏмалъулаан.
— Жакъа Дагъистаналда ковидалъул рахъалъ кинаб хӏал бугеб?
— Унти багъарун заман иналде, тохтурзаби ругьунлъана ковидалъ унтарал сах гьаризе. Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъ гӏураб къагӏидаялда чӏезаруна ИВЛаппаратал ва дараби. Гьеб киналъулго хӏасилалда унтулезул къадар дагьлъана. РИБЦалъул нухмалъулей Равхӏаният Мирзаевалъухъа букӏинеселъе цебеккунго къимат кьезе бажариялъул хӏасилалда, «ковидалда дандечӏеялъе» нижер лъикӏаб хӏадурлъи букӏана, гьелъул лъикӏаб хӏасилги ккана. Къокъго абуни, тохтурзабазда кӏвана республикаялда ковид унти къезабизе.
— Разият, гара-чӏвариялъул ахиралда магӏарулазда щиб абилеб ва кинаб малъа-хъвай гьабилеб?
— Лъица щиб бицаниги, чара гьечӏеб ишлъун ккола щивав чияс вакцина гьаби.
Ковидалъул гӏаламатал тӏатани, мадар лъугьинегӏан хӏалтӏизаризе ккола аскорбин, интерферон, арбидол дараби, унти цӏикӏкӏине лъугьани, гӏедегӏе больницаялде.
Ковидалъул вирусазе бокьуларо бацӏцӏадаб, бухӏараб лъим. Гьединлъидал кӏварабгӏан гӏемер гьекъезе ккола лъамалъи.
«Хӏакъикъаталъул» редакциялъул хӏалтӏухъабаз Разиятида ва гьелъ нухмалъи гьабулеб коллективалъул руччабазда баркула тӏаде щолеб бугеб ихдалил гьайбатаб 8 марталъул байрам. Гьарула киназего талихӏ, рохел ва сахлъи.
Нури НУРИЕВ