Бетӏергьанас кинабго

Бижун бугеб камилго

— Мунги, дунги, дунялги,

Зобги ракьги, рокьиги.

Расул ХӏАМЗАТОВ

Мугӏрузда гӏурал гӏемерисел руччабазул хасияталъулъ бессун батула лъадарараб чаранги, ракӏ биунеб недегьлъиги. Жидеда бихьулеб къоялъул пикру гьабичӏого, бихьинчиясул къадру борхизабулеб, цо батӏияб пахрулъиги букӏуна гьезулъ. Мисалалъе букӏине гьаниб бицина Шамил районалъул Гьентӏа росулъ ккараб гьитӏинабго лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ.

Дадинибе тӏун щарги тун ун йиго чӏужу магъилъе. «Жакъа чӏужу йохизаюн лъикӏ», — инги абун, копоего чӏван, буссинеги гьабун тола росас щар. Къаси рокъое щведал рукъалъул ишалги тӏуран, чӏужу жуяла щар чӏвазе. «Вахӏ, гьалъул сас буссараб гӏадаб гурищ бугеб?» — инги абун, дадиние як- кидал, тӏад нахги ккун батула щар. «Вай, щийгӏаги ячӏун йикӏарай жакъа нилъехъе гьадигӏан лъикӏаб иш гьабизе», — йин гьикъула гьелъ росасда. Гьесги, велъулаго жаваб кьола, щийниги ячӏун йикӏинчӏин, чӏалгӏадего чӏван жинца буссинабунин. «Ия, щибжо-я? Унго, батиларо?! Росас чӏвалеб жойищ щар, росдадаго суриларищ нилъ?! Цеве чӏезавеха щар чӏвалев бихьинчи! Валлагьги хӏалтӏизабиларо дица гьаб кваниеги, хӏайваналъецин кьеларо!» — ян ахӏулаго, къвалакь дадги ккун, рагьдухъе уна гьей.

«Йо, чӏужу, мун гьаглъунищ? Нахцин тӏаса босичӏеб щар кибе дуца тӏолеб?» — ин ахӏула росас.

«Гьале гьанибе, мичӏчӏилъе! Нах бокьун букӏун батани чӏвачӏого тезе кколеб букӏана. Киндай вукӏана дадида нахъа, ва-гьа-гьай».

Гьале гъой чаранги хӏулиги рекӏелъ бугей магӏарул чӏужу гӏадан. Гьединал улбуз гӏезарурал васалги пахруял рукӏинарищха.

ЦОЦАЙ КЪУВАТ КЬОЛЕБ ЗОБГУН РАКЬ ГӏАДИН

Цо нухалъ Гьентӏе щварав чи, макъратӏисалъ махх гӏадин, кӏиабизеги цӏцӏала гьениве. Жалго рокьизарулеб гӏаданлъиги, гӏадатлъиги, рекӏел гӏатӏилъиги буго гьезул гӏадамазулъ. Бищунго тату кьола гьезул харабазулгун накъиталъ.

Гьалбал тӏаде рачӏун бугеб рохел загьир гьабулаго щобил бакъан биччана нижее цо нухалъ, ункъоялда анкьилъе яхарай Дабдил Ахӏматӏил Патӏиматица.

— Ворея, тӏадчӏвая мунги, — ян абуна гьелъ, къан дир кверги ккун.

Бажари бугей гӏадай жо йихьулей йигин мунилан тӏадеги жубана.

-Эбел, гьай гьоболалъ кечӏ ахӏуларо, ахӏулезе хъвала, — инги абун, дун хвасар гьаюна гьелъул кӏудияй яс Патӏиматица. – Ва, гьеб жеги цӏакъаб гьунар, — инги абун, дир квер кӏобокӏана гьелъ.

Ригь арай Патӏиматица биччалеб бакъан камилаб бугониги, рагӏабазул мухӏканлъи гьечӏоан. Цо чанго соналъ цебе ккараб инсульталдаса хадуб, лъимер гӏадин цӏидасан кӏалъазе, галаби тӏамизе ругьунлъана гьей. Какилъ къосинчӏого йикӏине дугӏа-алхӏамги бугоан чӏахӏахатӏалъги хъван, Патӏиматида цебе къеда седон. Унтун хадуй Патӏимат лъималазухъ чӏечӏо, росасде, мина-къаялде мугъ рехун шагьаралда йикӏине бокьичӏолъиялъ.

— Тӏад абизе рагӏи гьечӏеб, росуго берцин гьабулеб хъизан буго Магьдилазул Гъазимухӏамадил, — ин абула гьентӏасез.

Гьитӏинго Чачаналде гочинарун, гьениса магӏарухъе тӏад руссарал, рагъул заманалъул хъачӏлъи лъимерлъудаго лъарал, анкьго лъимер гӏезабулаго гӏемераб гӏетӏ тӏун магӏишат гӏуцӏарал гӏадамал руго гьел.

Намусав, калам дагьав Гъазимухӏамадги аваданай, рагӏи бегӏерай Патӏиматги цоцае къуват кьолеб зобгун ракь гӏадин руго.

Берцинго къачӏараб ахгун бахча, узданго сокӏкӏарал найил тӏалаби — бахилаб чӏаголъиялда цӏунун буго магӏишат, ункъоялда щуйилъе вахарав Гъазимухӏамадица. Магӏарухълъиялдаса тӏун рукӏине кӏоларел, росу-ракь къиматал гьезул лъималазги ризго бухьуна сапар эбел-инсухъе.

ЖАЛГО ХЕРЛЪАНИГИ, РАКӏАЛ ТӏЕГЬАРАЛ

Иргадулаб нухалъ гьезухъе гьаболлъухъ уней дихъ буго ахикьа бакӏарараб гьайбатаб тӏогьол квацӏи. Жалго херлъаниги, ракӏал тӏегьарал рос-лъади данделъаралдаса 60 сон тӏубай барки буго гьаб нухалда дир мурад.

Гьезул авал-къоноялдаса буго берцинго ахӏулеб мавлидалъул сас. Радалго райцентралде-нахъе гӏедегӏун хьвадулеб, росдал щибаб авалалде щун кинабго кавудахъ лъалхъулеб бихьулеб буго Гъазимухӏамадил хъахӏаб «Нива» машина. Мавлидалде рачӏине бажаричӏел росуцоязул щибаб гъасде жинцаго щвезабулеб буго гьес садакъа.

— Гьадинаб къагӏидаялъ гьабун лъикӏин ккана дида ниж данделъиялъул юбилей, — ин абуна Гъазимухӏамадица дир баркиялъе жавабги гьабулаго.

Бечедаб тӏутӏ буго рокъоб гьалбадерие тӏибитӏун, нух битӏулаго щивасул кодоб лъолеб буго нигӏматазул къвачӏа. Кигӏан ресалда ругониги, лъималазул гъурущ гъорлъ жубазеги биччан гьечӏо гьез.

— Жакъа гӏемерал гӏадамал рихьана, ракӏ цӏилъана, рохел буго кӏудияб, — ин абулеб буго гьалбал къиматай Патӏиматица разиго. – Гьалбал кваназаре, кодобе садакъа кье, — ян киназулго рагъа-ракариялда хадуб халкквейги бугоан гьелъул.

Гӏемер захӏмат бихьун берцинаб яшав гӏуцӏарал гӏадамал руго гьел. Лъималги куцана захӏмат бокьулеллъун. Чӏужуялъе недегьав вугониги, лъималазе Гъазимухӏамад вукӏана кьварарав. Гьесул васаз гьанжеги бицуна рукъалъул къед гьабулеб гамачӏ лъарахъ чуризе инсуца жалго тӏамиялъул. Школалдаса рачӏун хадув щивав васасда тӏад лъураб къадар ганчӏил щибаб батӏа-батӏаго чурун инсуда аскӏобе щвезабулаан.

Гъоб заманалда росабалъ къанагӏатаб маххул кварил хьури (сетка) хьухьунеб станок букӏана Гъазимухӏамадил рокъоб. Ясал, васал батӏалъи гьечӏого, киналго лъималазда тӏад лъураб план букӏунаан сетка хьухьизе. Школалдаса рачӏингун гьеб тӏадкъайги щивас тӏубалаан.

— Бищун чӏахӏиялги рукӏун, сетка хьухьиялъул цӏикӏкӏун хӏал Мухӏамадидеги дидеги кколаан, — ин ракӏалде щвезабула Гъазимухӏамадил кӏудияй яс Патӏиматица. — Дирго планги тӏубазабун, магъилъе, колохъе ине гъира балаан.

Захӏматалъ черх лъадарарав Гъазимухӏамад пашманго валагьулев вуго гьанжесеб гӏелалъул гӏунгутӏабазухъ.

— Телефоналде руссун лъимал рихьидал цӏакъ ракӏ унтула дир. Хӏалтӏизе ругьун гьарулел гьечӏо гьел эбел-инсуца. Щиб малъунги гӏадада тезе бегьуларо лъимал. Гӏолилал лъугьунел руго къо хӏехьоларел, захӏмат баччуларел. Гьелъ цӏикӏкӏунел руго гӏуцӏун рахъиналде риххулел хъизамалги. Гьаб гьарзалъиялъул къимат лъаларел наслаби гӏолел руго. Нижер гӏелалъул гӏумру захӏматаб бугониги, рекӏелъ цӏа, чорхолъ жан, жавабчилъи бугеб букӏана.

Армиялда хъулухъ гьабизе Украинаялде ккарав кӏудияв вас Мухӏамад, цӏализеги Одессаялъул университеталде лъугьана. Гьес хадур цӏан хутӏарал вацазги тӏадегӏанаб лъай Украинаялда босана. Гьенир цӏалулаго, къецазда гӏахьаллъун, Магьдиевазул васаз росана спорталъулъ чӏахӏиял бергьенлъаби. Вацазул лъабгояз яшав Украинаялдаго гӏуцӏана. Гьезул кӏудияв, халкъазда гьоркьосеб «Мангуст» спорталъул премиялъул учредитель Мухӏамад Магьдиев цӏар рагӏарав чи вуго. Гьесул хъулухъалъул, машгьурлъиялъул бажариялъул хӏакъалъулъ хадусеб нухалъ бицине тела. Къокъго абуни, эбел-инсул рокъор кьварараб низамалъ лъадаризарурал лъималаз жалго ругеб бакӏ берцин гьабулеб буго нилъер улкаялдаги гьеб бахун къватӏибги. Гьеб буго эбел-инсул анищ тӏубай. Магӏарухъ гьединал хъизамал гӏемер дандчӏвала. Кинаб заман бачӏаниги, как течӏел, жидер ракьалъул бакънал кӏочонарел, годекӏаниб гьуинаб накъит цӏунарал — гьединал гӏадамал ругебгӏан мехалъ букӏина росдал гӏумруялъул тату.

Патӏимат ГЬИТӏИНОВА