Гьале исанаги их рещтӏунеб буго нилъер щивасул рекӏелъе рогьелги, рохелги, гьогьенги гьурщулаго. Дида чӏвалеб буго магӏаруллъиялъул махӏ. Мугӏрузда гӏадаб берцинаб ихги кибго букӏунеб батиларо. Гьелдаго цадахъ чӏвалеб буго лъимерлъиялъул махӏги. Ясазул къокъагун цадахъ марталъул байбихьудаго унаан дерец тӏугьдул ралагьизе. Дица хӏаракат бахъулаан бищунго цее ккезе ва, квераз гӏазуги нахъе гьабулаго, дерец балагьизе. Дун цӏакъ божулаан эбелалъ бицунеб букӏараб дерец тӏегьалъул къисаялда. Гьелъул талихӏаб ахирги букӏана: тӏоцебе дерецалда берчӏварав чи гьеб соналъ бищунго талихӏав вукӏунилан аби.
Гьабсагӏаталдаги ракӏалде щола дида эбелалъ сайгъат гьабун букӏараб дерец. Гьебги дихъе кьолаго, магӏил гаралги гирана гьелъул бадиса ва, зобалазде квералги ритӏун, Тӏадегӏанасда гьардана гьей жиндир ясалъе талихӏ кьейиланги абун. Гьеб дерец жеги цӏунун буго дица, пакеталда жанибги лъун. Бакъвараб гьеб чӏаголъулеб гӏадаб асар гьабула дир рекӏее, ихдалил ругьел щведал. Ракӏалда буго, дерец батараб мехалда, рикӏкӏунел рукӏарал жалги. Магӏнаги лъаларооан, лъачӏониги, рохунги рукӏунаан:
— Ясал цӏилъун, цӏихер бижун, Дерец гӏинкълъун, гӏин цӏодорлъун…
Ихалда цадахъ нилъер гӏумруялъул гӏидраялдаги рещтӏуна роцӏарал пикраби.
Ихдалил цӏилъиялъ рекӏел хӏалги хӏайран гьабула. Хасалил хъахӏаб тӏимугъалъулгун къо лъикӏ гьабулаго, тӏабигӏаталъ къабул гьабулеб буго ихдалил ретӏел. Лъикӏаб хӏалалда цӏабуцӏинеги цӏабуцӏун, тӏабигӏаталъ тӏубанго тӏаса рехулеб буго хасалил форма. Ва гьале жиндирго кверщаликье ккараб тӏабигӏаталъул каранда ихалъ ретӏунеб буго, гӏурччинал маржаналги рекьун, чӏухӏизабураб гурде. Гьелда ругелщинал гӏаламаталги. Гӏурччинаб гӏидраги гьениб, гӏидраялда расандулел кьагӏазул гъадиги рагӏула гьениб, гьанжего гьанже тӏегьазе хӏалбихьулел кьер-кьерал тӏугьдузул нуралги гьенир, лъил каранда сунареб цӏа лъезедай жиб инейилан ургъулеб бугеб рокьул сариназул гучги гьениб, гьелчолеб талихӏалъул махӏалги гьенир…
Абулаан их магӏарухъе, оцазул лълъурдуздаги бухьун, бачӏунилан. Гьелъул магӏна батила, ихдал рекьи оцаз гьабулеб заманалда, ракь рекьиялъухъ гӏащикълъун бугин абураб.
Цӏияб их цӏияб талихӏгун ва цӏияб сахаватлъигун рещтӏун батаги. Нилъер киназулго анищалги цӏилъаги, пикрабиги цӏурайги, ихдалил сариназул сасги тӏагӏунгеги гӏумруялъул гӏидраялдаса.
Хӏурматиял руччаби! Гьале исанаги бачӏунеб буго их, нилъее жиндирго нигӏматалги росун.
Дидани, тӏоцебесеб иргаялда, ракӏалде рачӏана Хӏамзатил Расулил рагӏаби:
— Щибаб март бачӏингун, магӏарул чӏужу,
Махӏмудил хабада лъе ихдалил тӏегь.
Цеве чӏолев вуго, гӏодизе магӏарул пандурги гьабун, чӏужугӏаданалде кучӏдул ахӏулев шагӏир.
Мугӏрул чӏужугӏадан! Дуде кечӏ хъвачӏев шагӏирго вугодай. Мун кӏодо гьаюлаго, тӏирщана берцинал гьезул шигӏраби. Дур берцинлъиялъухъги яхӏ-намусалъухъги гурищ жакъаги магӏу тӏолеб магӏарул тӏармил чӏвабзаз.
Ихдалил тӏабигӏат гӏадин, цӏилъиги чӏван, цӏаюцӏун ячӏуней йигей мун релълъун йихьула сверухълъиялъе берцинлъи кьолеб тӏогьол нуралда.
Хъизамалъул гъасда бакараб цӏаялъул бищунго хинлъи кьолеб хӏенехӏги мун, гӏумруялъул захӏмалъаби кӏигъеж гьарун раччизе кӏолеб жанги дур, кинаб букӏанигицин къуваталда къезабизе кӏолареб намусги дур, намусалъ бекӏкӏараб къисматги дур.
Магӏарухъ роол гӏидраялда бижараб, дангъва тӏадегӏанаб тӏегьги мун, хасало гӏаздакьан баккараб дерецги мун, къисматалъул бакъул бищун кунчӏараб чӏорги мун.
Гьеле гьединай йиго мун, мугӏрул чӏужугӏадан, эбелги, яцги, ясги, гьудулги, лъадиги цолъун лъугьараб гӏумруялъ буцӏцӏараб квацӏи.
Ихдалил байрамгун, хӏурматиял руччаби.
Ш. ХЪАЗАНБИЕВА