Тукада хвараб къайи ялъуни заман араб нигӏмат бичани, кафе-рестораналда тӏагӏам гьечӏеб квен кьуни, бацӏцӏад гьабизе химчисткаялде кьураб ратӏлил ва цогидалъул кьер инабун батани, гӏемераб заманалъ хинлъи гьечӏого мина-рукъ тани, почалдасан битӏараб посылка жиндир заманалда щвезабичӏони, щиб гьабизе кколеб? Гьезие жаваб кьезе кколел идарабазул цояб ккола потребителазул ихтиярал цӏунулеб комитет. Гьелъул нухмалъулевлъун вуго Чӏарада районалъул Улъухъ росулъа Гӏали Гӏалиев. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвариги.

— Гӏали, дуца нухмалъи гьабулеб комитет гӏуцӏаралдаса ана 30 сон. Гьеб гӏуцӏиялъе щиб хӏажалъи букӏараб?

— Советияб заманалда шагьаразул ва районазул исполкомазда цере рукӏана гӏадамазул къварилъи- гӏатӏилъиялда хурхарал суалал тӏуралел отделал. Пачалихъалда хиса-басиял байбихьарал соназда хисана гьеб низам, къана отделал ва гьеб хӏалтӏи тӏаде ккана жалго гӏадамазде, жамгӏиял гӏуцӏабазде. Гӏемераб заманалда халкъияб халгьабиялъул идараялдаги хӏалтӏарав, хӏалбихьиги бугев Хӏажимурад Данияловас ва цогидал хӏаракатчагӏаз 1991 соналда гӏуцӏана гьеб комитет.

Хӏ. Данияловасда цадахъ хӏалтӏана дун 10 соналъ. Дица лъугӏизабуна ДГУялъул дармилаб факультет, хьвадана экспертазул курсазде, буго жеги лъугӏизабичӏеб юридикияб цӏали.

— Щиб иш нужеца тӏубазабулеб? Республикаялда гӏемер ругищ нужер гӏадинал гӏуцӏаби?

— Нижеца цӏунула къварилъиялде ккарал, махсараде ккурал потребителазул ихтиярал. Дир руго заместителал, вуго 3-4 инспектор. 14 районалда рукӏана нижер вакилзаби, гьабсагӏаталда вуго 7-8 чи. Гьел лъикӏ хӏалтӏула Дербенталда, Хасавюрталда, Гъизилюрталда, Избербашалда, Буйнакскиялда, Болъихъ. Батӏи-батӏиял цӏаразда гъоркь гӏезегӏан руго нижерго гӏадинал, амма уставалда рекъон хӏалтӏуларел гӏуцӏабиги. Юстициялъул министерствоялъ 3-4 гьединаб гӏуцӏи къана, амма къаниги щиб, заманалдасан цӏи-цӏиял загьирлъула. Цохӏо нижер комитеталъул буго Роспотребнадзоралъулгун цадахъ рекъон хӏалтӏи гьабиялъе гьабураб къотӏи-къай. Нижеда цадахъ буго «Гарантия безопасности прав потребителей» абураб цогидаб гӏуцӏиги.

— Щал нужехъе рачӏунел, аслияб куцалда кинал гӏарзал гьезул рукӏунел?

— Къваригӏанщинаб лъазе, хӏажатал баянал ралагьизе ресалги сурсаталги ругониги, гӏадамазда лъалел гьечӏо жидерго ихтиярал, гьезие гӏолеб гьечӏо юридикияб лъай. Гӏарзалги цӏикӏкӏунел руго, амма гӏемерисезе бокьулеб гьечӏо суал судалде ккезе. Гьелъие гӏиллаги батилин ккола нилъер гӏадатгӏамалалъул хаслъи. Гӏемерал гӏарзал рукӏуна туризмалда хурхарал суалазда тӏасан, гӏодобегӏанаб даражаялда руго жалго бетӏергьанал медучреждениязул хъулухъал, цӏикӏкӏунеб буго косметологиял кабинетазул хӏалтӏудаса рази гьечӏолъи. Цӏакъго гӏемерлъун буго гьересияб къайи-цӏа, гӏемераб ретӏел холеб буго химчисткабазда, рокъоб хӏалтӏизабулеб техника батулеб буго даража гьечӏеб. Гьабсагӏаталда хӏалтӏизе биччалеб буго цӏияб, гӏемерисезда жеги лъалареб «Честный чек» абураб программа. Щибаб къайиялда тӏад букӏуна код ва гьелда рекъон кьола чек. Нагагьлъун чекалъ гьеб босичӏони, къайи ккола гьересияб. Гьединаб чекал- де дандекколедухъ кинабго къайи жеги хӏадурун гьечӏо, амма хӏалтӏи гьабулеб буго. Ниж хӏалтӏула «Общественно-государственный фонд по защите прав вкладчиков и акционеров РД» абураб гӏуцӏигунги. Гьединлъидал нижехъе гӏезегӏан ккола махсараде ккурал дольщикал ва гьеб тайпаялъул цогидал гӏадамал.

— Потребителазе бигьаго букӏунарищ, гӏарзалъ нужехъе рачӏин чӏого пачалихъиял идарабазде ине?

— Пачалихъазул идарабаздеги (Роспотребнадзор) ине бегьула, амма гьединаб мехалда, судалде щвезегӏан нижеца гьесие гьабулеб хӏалтӏи, гьес гьабизе ккола жинцаго. Гьеб идараялъулгун лъикӏаб бухьенги буго нижер, цо-цо мехалда гьезги ритӏун рачӏуна гӏадамал нижехъе кумек гьа- бейин абун.

— Гӏемераб заман хвезабизе- ги кколеб, щибго мухьги гьечӏеб хӏалтӏи кколеб гьечӏищ нужер?

— Гьеб буго баркалаги щолеб, кириги бугеб, гӏадамазе пайдаяб хӏалтӏи. Буго кӏиабилеб рахъги. Масала, цо чияс тукадаса босана 100 азарго гъурщил багьаяб диван ва гьеб батана хвараб. Законалда рекъон гьеб бичарасда тӏад пачалихъалъ лъола гӏакӏа — багьаялъул 50 процент, ай 50 азарго гъурущ. Гьелдаса 50 процент кьезе ккола нижер комитеталъе. Амма Россиялъул Верховный судалъул хӏукмуялъ судиязе рес кьуна гьеб процент гӏодобе бачине (25-20-ялде щвезегӏан). Ми- салалъе, гьебго куцалда нижеда ратани цоги гъалатӏал — къайиялда тӏад багьа, гьеб къватӏибе биччараб пачалихъ хъвачӏого тей, бича-хисиялъул низам хвезаби, тукен нижеца кьола судалде. Гьелъул хважаин судалъ тӏамула нижер захӏмат ва арал харжал рецӏизе. Нижеца школазда, техникумазда кьола дарсал, тӏурала юридикиял хъулухъал ва гьарурал къотӏи-къаязда рекъон гьезухъаги щола гӏарац. Комитеталда цебе гӏуцӏун буго «Правовой центр». Потребителазул ихтиярал цӏуниялда хурхинчӏел суалазе гьелъ кьола жавабал.

— Пачалихъалъул идарабаздасан букӏунищ нужее квербакъи?

— РФялъул ва ДРялъул хӏукуматазул хӏукму буго пачалихъиял идарабазда тӏадаблъун гьабураб ниж гӏадал гӏуцӏабазе кумек гьабизе ккеялъул хӏакъалъулъ. Нижее кьун буго гьитӏинабго кабинетги. Амма нижедаса пачалихъалъе буго чӏванкъотӏараб кумек. Мисалалъе, нижер халгьабиязул хӏасилазда загьирлъула кибниги хъвай-хъвагӏай гьечӏел предпринимателал. Къабул гьарурал къотӏи-къаязда рекъон гьединал хӏужаби нижеца лъазарула налоговиял идарабазда ва гьел лъола хӏисабалда.

— Лъилниги гӏарз гьечӏони, предпринимателазул хӏалтӏул хал гьабизе ихтияр бугищ нужер?

— Предпринимателазул хӏалтӏуе квалквал гьабунгутӏизелъун, пачалихъалъ гӏемерго дагь гьаруна гьединал хал гьабиял. Гьанже гьел тӏоритӏула лъабго лъагӏалида жаниб цо нухалда. Гьеб болжалалда жаниб хал гьабиял тӏоритӏула жамгӏиял гӏуцӏабазги. Амма законалъ гьукъун гьечӏо бокьараб заманалда гъалатӏал загьир гьаризе. Нижеца нижеего чӏезабун буго гьадинаб низам — бокьараб объекталъул (тукен, кафе, салон) хал гьабула лъагӏалида жаниб кӏиго нухалъ. Тӏоцебесеб нухалда бицуна тӏубазе тӏадаб ишалъул хӏакъалъулъ, малъула гьабизе кколеб. Кӏиабилеб нухалда (6 моцӏидасан) балагьула гьез тӏадаб иш тӏубан бугищали. Нахъеги гъалатӏал ратани, иш судалде кьола.

— Мисалалъе, пуланав чияс тукадаса босана къайи. Гьеб батана хвараб. Батӏи-батӏиял гӏиллабиги рачун, тукадул администрациялъ гьеб нахъе къабул гьабулеб гьечӏо. Гьединав чияс кин нужергун бухьен кквезе ва кинаб кумек нужедаса щвезе бугеб?

— Гьес ахӏизе ккола нижехъе, хӏажалъи ккани вачӏинеги бегьула. Хӏакъикъат лъазабун хадуб, нижеца гьесда кинабго бицуна, малъула. Цинги байбихьула нижерго хӏалтӏи. Гӏемерисеб мехалда гьединал суалал дагӏба-рагӏи ккезе течӏого тӏурала. Гьединаб суал судалде ккечӏого тӏубани, ай потребитель витӏарав вукӏин чӏезабуни, гьесие бецӏула ккараб материалияб ва, дагьаб мукъсанаб бугониги, моралияб зарал. Гьеб кинабгоги бахъула тукадул хважаинасухъа.

Ахиралдаги, дир буго гьадинаб гьари. Гӏемерлъун буго хӏалихьалъи, чороклъи. Гьединлъидал гьабе цӏодорлъи, чӏоге махсараде кквезе. Божуге бица-бицаралда, социалиял гьиназда ва рекламаялда хъванщиналда. Щаклъи ккани, кӏалъай нижехъе («Горячая линия», телефон 8928-056-19-66). 16 марталда сагӏат кӏигоялда Миллияб библиотекаялда тӏобитӏизе буго нижер гӏуцӏиялъул кӏудияб данделъиги. Бокьараб суалгун рачӏине рес бугел киналго ахӏула дица гьениреги.

Гӏабаш ГӏАБАШИЛОВ