15 марталдаса байбихьун Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун ругел гӏемерисел гӏадамал хутӏана лъимги гьечӏого.

Миякьоса бачараб лъел мухъалда аварияги ккун, къотӏана тахшагьаралде лъим. Авариялъул хӏасилалда лъимги гьечӏого хутӏана тахшагьаралъул лъабабго районалда гӏумру гьабун ругел гӏадамал.

Амма ахӏвал-хӏал хутӏарабги хӏалуцинабуна Бавтугъай росдада аскӏосан КОРалъубе цӏадал ран хадуб чороклъараб лъим чвахиялъги.

Бачӏун хадубги, дагьаб мехалъ гьеб лъим хӏалтӏизабугеян хитӏаб гьабуна Роспотребнадзоралъги.

17 марталдаса байбихьун гӏадамазе машинаби цӏун лъим бикьизе байбихьана Махӏачхъалаялда.

Тӏубанго кӏвечӏониги, цо къадаралданиги Кировский ва Советский районазда гӏумру гьабун ругезул рокъобе лъим бачӏинабизе кӏваниланги баян кьуна гьебго къоялъ Махӏачхъалаялъул мэр Салман Дадаевас. Амма Ленинский районалда ругезе кида бацӏцӏадаб лъим щвелебали жеги мухӏканго абизе кӏоларин тӏадеги жубана гьес. КОРалъубе бачӏараб чорокаб лъим бацӏцӏад гьабиялъул хӏалтӏи жеги лъугӏун гьечӏо.

Октябралъул цӏаралда бугеб каналалъул лъим гурони рокъобе бачӏунарел Ленинский районалъул гӏадамал гьеб бацӏцӏалъизегӏан, тукабаздаса лъим баччулел рукӏина.

Нижеца газета жанибе кьолеб мехалде бачӏана баян лъел мухъда гьарулел киналго хӏалтӏаби рагӏалде рахъанилан.

Махӏачхъала ва Каспийск шагьарал гьекъолеб лъедалъун хьезариялъул суал гьоркьоб лъун букӏана 17 марталда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб Оперативияб штабалъул данделъиялдаги.

Хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасул рагӏабазда рекъон, лъеда хурхун гьединаб ахӏвал-хӏал лъугьана рогӏралги цогидаб къайи-цӏаги басралъун букӏиналъ.

Ашахан ЮСУПОВ