Инсанасул лага цӏуниялъе гӏоло республикалдаго тӏоцебесеб, цӏакъ захӏматаб операция гьабуна гьал къоязда Махӏачхъалаялда.

Республикаялъул перинаталияб централде захӏматаб хӏалалда ячун ячӏана лъимаде йигей гӏадан. Гӏагаразе бокьун букӏана гьей Москваялде ячине, амма дое щвезегӏан чӏаго хутӏиялда хӏинкъи букӏиналъ, гьезда кӏвечӏо таваккал тӏамизе. Операция гьабулелъул кӏудияб хӏинкъи букӏана бокьараб лахӏзаталда ургьибе би чвахун бачӏиналдаги. Талихӏалъ, тохтурзабазда кӏвана цохӏо гӏолохъанай гӏадамалъул гӏумру хвасар гьабизе гуребги, гьелъул тӏончӏорукъ цӏунизеги.

Ашахан ЮСУПОВ