Нилъер республикаялда «Партия Роста» абураб партиялъул нухмалъулевлъун вищана Гъизилюрт районалъул бетӏерлъун вукӏарав Мухӏамад Шагӏбановасул вац Гӏалиасхӏаб (гьевги заманаялъ гьебго хъулухъалда вуго).

Россиялда гьеб партиялъул цевехъан ккола РФялъул президентасда цеве вугев вакил Борис Титов. Гьевги гӏахьаллъана Махӏачхъалаялда Гӏ. Шагӏбанов вищизе тӏобитӏараб данделъиялда.

Бицен гьабулеб партиялъул вакилзабазда ракӏалда буго исана сентябралда Халкъияб собраниялде тӏоритӏулел рищиязда гӏахьаллъи гьабизе.

З. ХӏАЖИЕВА