Махӏачхъалаялъул тарихалъул музеялда тӏобитӏулеб буго 1970 соналъул 14 маялда Дагъистаналда ккараб ракь багъариялъул бицунеб выставка.
Гьенир лъун руго доб мехалда риххарал минабазул, къватӏир хутӏарал гӏадамазул, дагъистаниязе кумекалъе Узбекистаналдасаги Россиялдасаги рачӏарал чагӏазул суратал, художниказ рахъарал суратал, документация ва ракь багъари тӏатинабизе хӏажалъулеб къайи-цӏа.
СССРалъул Гӏелмабазул академиялъул гӏалимзабазул пикруялда рекъон, гьединаб куцалда Кавказалда ракь багъарун букӏун гьечӏо 1902 соналдаса нахъе. Гьединго 1966 соналда Ташкенталда ккараб ракь багъариялдаса 30 нухалда цӏикӏкӏараб букӏун буго Дагъистаналда багъарараб ракьул къуват.
Гьелдалъун зарал ккана республикаялъул ункъо шагьаралъеги 16 районалъеги. Тӏубан биххун букӏана 22 росу, кутакалда бихха-хочи лъугьун букӏана 257 росдаегун шагьаралъе.
Гьединго ракь багъариялдалъун доб мехалда гӏумруялдаса ватӏалъана 45, лъукъа-къотӏана 156, жанире руссине бакӏ гьечӏого хутӏана 45 азаргогӏанасев чи.
Выставкаялде рачӏарал махӏачхъалаялъулаз ракӏалде щвезабулеб букӏана ракь багъарараб къо.
Музеялъул директор Зарема Дадаевалъ абуна гьаб выставкаялъул мурад бугила жакъа къоялда Махӏачхъалаялдаги гьелда сверухъги ралел бакӏал хасал нормабазда рекъон, щулаго разе ккеялде кӏвар буссинаби. Щайгурелъул якъинаб жо буго нилъер республика ракь багъариялда хӏинкъи цӏикӏкӏарал бакӏазда гъорлъ рикӏкӏунеб букӏин. Материалалдаги барахщун, цебе батараб куцалда кин гьел минаби гьанир ралелали нилъедаги лъалеллъуха.
Выставка халат бахъине буго апрелалъул байбихьуде щвезегӏан.
З. ХӏАЖИЕВА