15 марталда Шамил районалда бугеб кьодул цо сакги биххун, нухги къотӏун хутӏана лъабго росу: Гьоор, Гьоор-Хьиндахъ ва Къахӏиб. Биххун унаго гъоркье бортана гьелда тӏасан унеб букӏараб КамАЗ машина. Республикаялъул Транспорталъул ва нухазул магӏишаталъул министерствоялъул пресс-хъулухъалъул баяналда рекъон, кьо биххана цӏакъго кӏудияб бакӏлъи хӏехьезе кӏвечӏого.
Гьеб хӏужаялде кӏвар буссинабуна РФялъул Цӏех-рехалъул комитеталъул республикаялда бугеб идараялъ. Кьодул жавабчилъи жидеда тӏаде кколел идарабаз щай гьеб иш сан гьабичӏого тарабин суал лъуна гьез. Гьеб хӏужаялда хурхун рагьун буго уголовнияб делоги.
2015 соналдаго гьеб кьо босун букӏана биххун иналда хӏинкъи бугел кьоязул сияхӏалде. Гьединлъидал 20 тоннаялдаса цӏикӏкӏун бакӏлъи бу- геб автотранспорт тӏасан хьвадизе бегьулароан. Амма 15 марталда гьелда тӏасан унеб букӏараб КамАЗалда тӏад букӏун буго 40 тонна. Бихьизабураб нормаялдаса цӏикӏкӏараб бакӏлъи бугеб транспорт кьода тӏасан ине бегьуларин абураб гӏаламат чӏван букӏине кколаан гьениб. Амма гьениб гьединаб игӏлан букӏун гьечӏо.
Кьо биххараб бакӏалде щвана республикаялъул транспорталъул ва нухазул магӏишаталъул министрасул ишал тӏуралев Ширухан Хӏажимурадов. «Хӏинкъи гьечӏел ва щулиял нухал» абураб федералияб программаялда рекъон, 2022 соналда гьеб кьо цӏи гьабун къачӏазе хӏисабалде босун букӏанин бицана гьес.
Республикаялъул «Дагавтодор» идараялъухъа гьеб хӏужаялда хурхун нижехъе баянал щвечӏо. Биххараб кьодул хӏакъалъулъ гьезул сайталдаги щибго хъвараб жо батичӏо. Амма нижехъе щварал баяназда рекъон, гьединалго кьоял жеги чанго руго республикаялда. Ругониги, къокъаб заманалда гьел къачӏазе ялъуни цӏиял разе гӏураб гӏарац гьабсагӏат гьечӏо. Гьелъие къваригӏуна заманги гӏемераб сурсатги.
Шамил районалъул Къахӏиб, Гьоор ва Гьоор-Хьиндахъ росулъе гьабсагӏат машинадул нух гьечӏо.
— Гӏагараб кӏиго къоялъги гьедин букӏинин ккола иш. Гьабсагӏат лъим жаниса ине кӏудияб анкьго рогӏороги лъун, гьезда тӏаде гамачӏгун салиракьги бан, нух гьабизе байбихьун буго, — ян бицана Гьоориса Мухӏамад Мухӏамадхӏажиевас. – Гьитӏинал машинаби, гьединго «Хехаб кумек» ва цӏа свинабулезул хъулухъалъул машинаби хьвадизе бегьулеб къагӏидаялъ гьабулеб буго нух. Росдае гӏураб квалквал кканиги, гьелъул бицине бегьиларо, чиясул гӏумруялъе къварилъи ккечӏого хутӏидал.
Гьесулго рагӏабазда рекъон, 10 апрелалдехун лъугӏулеб хӏалалъ къачӏалеб буго гьабсагӏаталда кьо.
А. ЮСУПОВ