Араб щамат къоялъ тӏобитӏана Махӏачхъала шагьаралъул бетӏер Салман Дадаевасулги республикаялъул газетазулгун журналазул бетӏерал редакторзабазулги дандчӏвай.

Рехсараб дандчӏваялъул аслияв «гӏайибияв», «Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор ва машгьурав блогер М. Бисавгӏалиевас чанцӏулго тӏад-тӏад вуссун, социалиял гьиназда борхун букӏана бищунго цӏикӏкӏун гӏадамал хьвадулел бакӏаздаса газетазул киоскал нахъе рахъиялъул ва гьезул къадар Махӏачхъалаялда дагьаб букӏиналъул хӏакъалъулъ кӏвар бугеб суал.

Шагьаралъул бетӏерас жиндирго кӏалъай байбихьана рехсараб суал борхарав ва «цо хасаб кунчӏигун, рекӏее асар гьабулеб чӏаголъигун» хъвадарулев журналист Бисавгӏалиевасе ракӏракӏалъулаб баркала кьеялдаса.

Хадуб мэрас загьир гьабуна газетазулгун журналазул киосказда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалда тӏасан жиндирго пикру.

— Коммерциялъулаб рахъ босани, киосказухъа бажарулеб гьечӏо аскӏор ругел дармилал точкабазулгун сахаб къец гӏуцӏизе ва жакъа къоялде гьездаса цо бихьулеб, загьираб пайда-хайирги гьечӏо, — ян абуна С. Дадаевас. — Гьединго расги лъикӏаб гьечӏо жалго киосказул гьумер-куцги. Лъикӏ букӏинаан гьеб хисизабизе ва берцин гьабизе тадбирал гьаруни.

Кӏалъазе рахъарал ДРялъул печаталъул ва информациялъул министр Гӏ. Хӏажиевас, «Дагъпечаталъул» нухмалъулев Ю. Хайдакъовас, журналистал М. Камаловас, М. Бисавгӏалиевас, Г. Малагӏалиевас, Б. Гӏабдулаевас, шагьаралъул администрациялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей З. Гӏалимирзаевалъ, батӏи-батӏиял мисалалги рачун, хӏужабиги рехсон, бихьизабуна киосказул суал кутакалда кӏвар бугеб ва хехал болжалазда жаниб тӏубазабизе кколеб букӏин.

Аслияб суал киосказул бугониги, гӏемерал батӏибатӏиял темаби рорхана гьеб дандчӏваялда мэрасги журналистазги. Масала, гьаб соналъул бюджеталъул бицунаго, данде ккуна, Махӏачхъалаго гӏадал, Воронеж ва Казань шагьаразулги нилъер шагьаралъулги бюджетал.

Воронеж шагьаралъул лъагӏалил бюджет бащалъулеб буго 22 миллиардгун 408 миллионалда, Казаналъул — 28 миллиардгун 135 миллионалда. Нилъер абуни, гӏицӏго 10 миллиард гурони гьечӏо. Гьелъулги 9 млрдалда квер хъвазе жиндир ихтияр гьечӏин абуна мэрас. Хутӏараб кинабго гӏарац жинди-жиндие бихьизабураб статьяялда рекъон хӏалтӏизабизе кколила. Цохӏо лъай кьеялъе унила 6-7 млрд. гъурущ.

Мэрас тӏадчӏей гьабуна налогал ракӏариялъул иш кутакалда квешаб букӏиналдаги.

Кӏудияб божилъи-хьулгун бицен гьабуна гьес шагьаралъул гьумер кьучӏдасанго хисизабизе жиндирго ругел анищазул, къасдазул, амма гьеб киналъего гьечӏел сурсатазул…

Цӏодораб пикруялъул, роцӏараб гӏакълуялъул, жиндирго иш щвалде щун лъалев ва бокьараб суал тӏубаялъе чӏванкъотӏарал нухалги ресалги ратизе кӏолев чиновник вугилан тана дица Салман Дадаев.

Амма гьенирго цо рекӏкӏал, пашманал пикрабиги паркъана ботӏролъ.

Гӏемерал соназ Москваялда лъикӏаб хъулухъалда, къадру-къиматалда вукӏарав, жиндирго чӏара-хьараб пикру-позиция бугев, ришватчилъиялъул чоде вахинчӏев ва бигьаго щолел гъурщазул кӏичӏикье ккечӏев, гьелъул гьацӏулаб тӏагӏам цӏцӏуйчӏев цӏияв, вацӏцӏадав, гӏолохъанав мэр жакъасеб Дагъистаналъе, Махӏачхъалаялъе хӏажатго вугодай?

Гӏемерал унтабаз, гӏузрабаз кӏвекӏулеб, рухӏалдаса квер босун, къаси-къад чӏечӏого хӏалтӏаниги, гӏадамазда цо кӏудияб хӏасил бихьулареб, бичӏчӏулареб, ритӏухълъигун рацӏцӏалъиги зулмуялъ квегъулеб Дагъистаналде вачӏинго гъалатӏ ккечӏодай?

Гьел дирго пикраби ритӏухъ гьаризе бокьун буго дагьа-макъалго мисалаздалъун ва хӏужабаздалъун.

Жакъа чиясе бищунго хӏажатаб жо щиб кколеб — токги, газги, лъимги, лъикӏал нухалги. Ругищха гьел рахъал Махӏачхъала шагьаралда роцӏун? Цо хъван бихьизеги гьечӏо.

Щалха гьелъие гӏайибиял? Ракӏчӏараб жо, гӏемерисез абизе буго киналго гӏунгутӏабазул бетӏер шагьаралъул нухмалъулев Салман Дадаев вугилан.

Бугищха гьеб гьедин? Аскӏобе къанги гьечӏо.

Москваялдаса нилъехъе вачӏарав цо тележурналистас шагьаралъул къватӏазда гӏадамазда гьикъулеб буго мэрасул хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Аскӏовго мэрги вуго, амма гӏеме рисезда гьеб лъалеб гьечӏоан.

— Щибниги хӏалтӏи гьабулеб гьечӏо мэрас, шагьарги рищни-къулалъул цӏун буго, гьури бахъанщинахъе токги ссуна, лъимги букӏунаро, газалъул тарифалги зодире рахинарула, — ян абулеб буго цо чӏужугӏаданалъ. Гьелдаго релълъарал пикраби загьир гьарулел руго цогидазги.

Амма гьел пакъирзабазда лъалеб гьечӏо цо дагьабниги гьури бахъарабго ссунеб токги, гьаваялде тарихал рахараб газги шагьара лъул къайимлъиялда гуреб, цо хасал, хӏажатаб заманалда хӏажатаб бакӏалда рукӏине лъарал чагӏазул кверщаликь букӏин. Гьел руго мунги, дунги, хӏукуматги, хӏатта Аллагьгицин кӏочарал кӏарчамал чагӏи. Анцӏ-анцӏ соназ хисичӏел турарал хӏубаздаги, нус-нус бакӏалъа тӏутӏурал, хӏуларал токалъул кваразда- ги кӏолищха нилъ разияб хӏалалда канлъиги хинлъиги рукъзабахъ букӏинабизе?

Салман Дадаевасул хӏалтӏу хъабазул рес гьечӏо я цо кваралда, я цо хӏобода квер хъвазе. Законал- да рекъон, киналго ремонталъулал хӏалтӏаби тӏаде ккола, щулаго токалъул магӏишатги кодоб ккун чӏарал, гӏарцуца ццулъарал хважаинзабазде. Амма гьез килщида килищ хъван хӏалтӏи гьабулеб гьечӏо. Гӏайибазул гъегъ абуни, гъаримав Салманиде балеб буго.

Гьединабго хӏал буго рищни-къулалда сверухъги. Дунялалдаго рагӏана Махӏачхъалаялда букӏараб рищни-къулалъул пашманаб къиса, амма гьенивги «рацӏцӏалъи рихарав» чиновниклъун довго Дадаев ккана. Конкурсалдаги бергьун, рахӏаталда ругел операторал щибго мунагь гьечӏел малаикзаби хӏан чӏолел руго.

Киса-кибго гьединаб ахӏвал-хӏал бугеб мехалда, хвезейищха вегилев, халкъалъухъги шагьаралъухъги кигӏан ракӏ унтаниги, гьел суалазда сверухъ щибниги гьабизе рес гьечӏев мэр?

Пормаялъе чу Салманида гъоркь буго, амма чӏолорхъжо чияхъ буго ва гьединлъидал гӏемер хъамулеб буго сверудаса гьеб.

Гӏемер рагӏула шагьаралъул бетӏер «слабый» чи вугила, гьесул ишазулъ къвакӏи бихьулеб гьечӏила, Москваялдаса витӏун вачӏарав интеллигентас гьабулеб жо гурила Дагъистаналъул бищун кӏудияб шагьаралъе нухмалъи абурал харбал.

Лъикӏ буго, уйин тела, разилъила. Амма чанго суал кьела гьединал чагӏазе.

Рекӏелъ иманги, чорхолъ ияхӏги бугев, цониги чиясул бидул хӏакъги жинда тӏад гьечӏев, тамахав интеллигентищ нилъее лъикӏав, гӏундул гъурарал, яргъид гӏуцӏарал анцӏ-анцӏ гӏолилаз цӏунарав къвакӏарав зулмучийищ?

Кигӏан хехго нилъеда кӏочараб доб вахӏшияб заманги, зулмудул бакӏлъиги, бакӏ-бакӏазда кколел рукӏарал, ракӏ гъанцӏизабулел чӏвай-хъвеялги? Чан ругел Махӏачхъалаялда жеги чӏегӏер бахъичӏел нилъер улбул, яцал, ясал?

Жакъа Салман гӏадин, эркенго, автоматалъул бакӏалда кодоб телефонгун, хьолбохъ ракълилав цо гьалмагъгун шагьаралда тира-сверулев мэр ракӏалда вугищ нужеда? Дида гьечӏо. Цӏакъго къвакӏи гӏоларез Гӏамиров ракӏалде щвезавеха.

Тӏубараб шагьар бичун тана гури цере рукӏарал шагьаралъул бутӏруз, хӏатта тротуаразде гӏунтӏунцин. Ралелго ралел рукӏинчӏищ, гьересиял документалги гьарун, шагьаралъул бокьараб точкаялда гӏемертӏалаял минаби. «Тамахав интеллигент» Салманица тӏубараб лъагӏалида жаниб цо гурони изну кьун гьечӏо мина баялъе. Минаби учителас, тохтурас, журналистас раларо, гьел ралел чагӏи щиб ресалъул, цӏаралъул, цӏайиялъул рукӏунелали нужедаги лъикӏ лъала. Гьеб хайираб доход гьукъарав мэрасул ботӏрода, молодецилан квер бахъулареблъиги якъинаб жо буго.

Тамахав вугищха шагьаралъул бетӏер, ун вугищха гьев, цогидал гӏемералго гӏадин, магӏишатиял хиялаз хадув цӏан?

Гьебищха доб, киназго бицунеб, Салманил «слабость»? Дие нусго нухалъ гьединаб бацӏцӏадаб «слабостго» бокьила, бокьараб бакӏалда минаби разе гӏарцухъ изну кьолеб чанкӏкӏараб «силаялдаса».

Лъицаниги абулеб рагӏанищ гьесда «тротуар Салманилан» яги «бордюр Дадаевилан». Дида рагӏичӏо, рагӏизе гьечӏолъиялда ракӏги чӏола…

Палхӏасил, гьеб букӏана лъикӏаб, ракӏ рагьараб, гъира-щавкъалъ куркьби гъурав гӏолохъанав мэрасул хӏакъикъияб гьумер журналистазеги загьирлъараб, журналистазул согӏаб перо гӏаммаб пайдаялъе хӏалтӏизе букӏиналда Салман Дадал божилъиги бижараб, дандчӏвай.

Нахъе унелъул нижер цоясул бер речӏчӏана, шкафалъуб лъураб, тракторалъул берцинаб макеталда.

Нижер интерес бихьарав мэрас баян гьабуна гьеб бугила жиндие Москваялъул бакӏал ралез, гье-динаб тракторалъ цо кӏудияб нух бахъун лъугӏараб мехалда, кьураб сайгъат.

Божи буго гьединал сайгъатал Махӏачхъалаялъул бакӏал ралезги кьелин нилъер гӏолохъанав мэрасе, шагьаралда кӏуди-кӏудиял социалиял объектал ран хадуб.

Гӏумахан ГӏАНДИЙСКИЙ