Санайилго гӏадин исанаги 12 марталда Хьаргаби районалъул Гӏаймаки росдал Зубаиров Шамилил цӏаралда бугеб гьоркьохъеб школалда тӏобитӏана милициялъул подполковник Шамил Зубаиров ракӏалде щвезавиялъулаб тадбир.

Терроризмалдегун экстремизмалде данде къеркьеялъулаб гьеб тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна Хьаргаби районалъул нухмалъулесул заместитель Асхӏабали Маликовас, районалъул ОМВДялъул хӏалтӏухъабаз, районалъулгун росдал администрациялъул хӏалтӏухъабаз.

Мугӏалимзаби Мадина Шарабудиновнаялъ ва Маймунат Хӏабиевнаялъ хӏадур гьарурал цӏалдохъабаз бицана Ш. Зубаировасул гӏумруялъул ва хӏалтӏулаб нухалъул хӏакъалъулъ, рикӏкӏана гьесде гьарурал кучӏдул, бихьизабуна видеоролик.

1985 соналдаса нахъе ДРялъул Жанисел ишазул министерствоялда хӏалтӏана Шамил. Бихьизабураб бахӏарчилъиялъухъ гьев мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазегун цӏаразе. Ахирисеб гьесул шапакъат ккола Бихьинчилъиялъул орден – гьеб шапакъат Шамилие кьуна хун хадуб. Исана 15 сон тӏубана Шамил гӏумруялдаса ватӏалъаралдаса.

Школалъул цӏалдохъабаздагун росуцоязда абадиялъ ракӏалда хутӏила Шамилил цӏарги гьесул мисалияб гӏумруги.

Патӏимат МУХӏАМАЕВА