Гьал къоязда Хунзахъ районалъул культураялъул рукъзабазул ва клубазул хӏалтӏухъабаз хитӏаб гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановасухъе.

Гьеб хитӏабалда гьез хъвалеб буго ункъо соналъ цере жал 0,75 ставкаялде рачанин, гьеб мехалда тӏадкӏалъай гьабичӏого жалги чӏанин абун. Хадубги 0, 5 ставкаялде рачанин, гьеб мехалдаги руцӏцӏун чӏанин. Гьанже абуни районалъул нухмалъиялъе къваригӏун бугила тӏуранго библиотекабиги Ш. Шамхаловасул цӏаралда бугеб Культураялъул минаги къазе.

«Гьел идараби къаялда яги гьезул хӏалтӏи хисизабиялда бан районалъул гӏадамазул пикру лъазабизе хӏукму гьабуна районалъул депутатазул собраниялъ. Жалго депутатазда гьелъул хӏакъалъулъ лъалеб жо гьечӏо. Сессиялда гьоркьор лъурал суалазда гъорлъги гьеб букӏинчӏо.

Гьабщинаб заманалда жаниб нижеца хитӏабал гьаруна районалъул прокуратураялдеги, Культураялъулгун Захӏматалъул ва Финансазул министерствабаздеги, гӏадлу-низам чӏезабиялъул идарабаздеги. Амма хӏасил ккечӏо». Гьадин хъвалеб буго хитӏабалда.

Хадубги гьез Гӏамирхановасда гьарулеб буго гьадингоги мукъсанал харжазда божун хутӏарал жидее тӏуранго гьездаса махӏрумлъунгутӏиялъе квербакъи гьабеян.

«БИБЛИОТЕКАБИ КЪАЯЛЪУЛ БИЦЕНГО БУКӏИНЧӏО»

Хунзахъ районалъул культураялъул управлениялъул нухмалъулей Жавгьарат Хъайтмазовалъ гьеб рикӏкӏана кьучӏ гьечӏеб хабарлъун.

— Районалъул нухмалъулес абулеб букӏана культураялъул учреждениязул хӏалтӏи хисизабизе бугилан, амма гьел къаялъул суалго букӏинчӏо. Гьединлъидал киса босун бицунеб хабар гьебали дида бичӏчӏуларо. Букӏана гӏицӏго лъималазул искусствоялъул школалда хурхун хӏукуматалъул ви- це-премьер Анатолий Карибовасул цӏаралдасан бачӏараб кагъат. Гьениб хъвалеб букӏана лъай кьеялъул системаялда гъорлъа нахъе бачунеб батани, гьеб школа къазе бегьуларилан. Яги культураялъул отделалда гъорлъе бачейила, ялъуни щиб гьабунги цӏунейила.

Библиотекаби къаялъулги биценго букӏинчӏо, гьанжеги гьечӏо.

Амма чанцӏулго тӏоритӏарал халгьабияздасан якъинлъана гьезул лъай беццилеб хӏалалда гьечӏеблъи. Районалда хӏалтӏулел библиотекарал ккола профессионалал. Амма росабазул библиотекабазда руго 40- 50 соналъ хӏалтӏулел ругел, хасаб лъайги гьечӏел гӏадамал. Районалъул библиотекабазул централияб системаялъул вакилзаби рукӏуна гьезул хӏалтӏи рагӏалде бахъинабулел.

Гьединлъидал районалъул бетӏе расулги Махӏачхъалаялъул Миллияб библиотекаялъул директорасулги къотӏиялда рекъон, Хунзахъе рачӏун рукӏана шагьаралдаса методистал. Гьездасан гӏезегӏанго лъай щванин абизе бегьула нижер библиотекаразе. Хадубккунги камил гьабизе буго гьезул лъай.

Палхӏасил, гьезие пайдаялъе гурони, заралалъе ургъулев чи гьечӏо. 78-80 сон барал руччабицин руго росабалъ библиотекабазда хӏалтӏулел. Гьезда данде чӏун рукӏаралани, гьел нахъе рехизеянги лъугьинаан гурищ ниж. Гуро. Гьезда абулеб буго гьеб хӏалтӏи кьезе бегьулел ясал ратани, бигьа гьарун гьелги ругьун гьарейин, нужги хӏалхьиялда чӏайилан. Амма гьезда гьеб бичӏчӏулеб гьечӏо.

— Жавгьарат, библиотекабаздаго гӏадал гӏунгутӏаби жидерги ругин бицана росабазул клубазул хӏалтӏухъабазги. Масала, кӏикъогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ культураялда хӏалтӏулей Харахьиса Патӏимат Мухӏамадовалъ бицана материалияб рахъ хъарцинаб букӏунилан, гӏумруялъ гьабун ругьунаб иш рехун тезе бокьулеб гьечӏин, амма 5-6 азарго гъурщихъ хӏалтӏулел жидеца босизе кколеб бугила клубалъе хӏажатаб гӏисибикъинаб жо, хасало печь бакизе тӏурччи-цӏулалде гӏунтӏунгицин. Щай гьезие дагьал харжал ругел?

— Битӏараб бицани, исана дун Харахьи клубалде щвечӏо, Лъагӏилухъе, Мущулие, Гӏоротӏе гурони. Гьел росабалъе ун рукӏана ниж клубазулги библиотекабазулги хӏалтӏул хал гьабизе. Битӏараб буго, цӏороялъ гунгларал бакӏазда хӏалтӏулел ругоан гӏадамал. Амма гьез ракӏбацӏцӏадго бицана квачан букӏиналъ жал щибаб къойил унарила клубазде, гьединлъидал жидерго мукъсанаб харжалъулъ тӏурччи-цӏулги босуларила жидеца.

Гьаниб баян гьабизе ккола дагьалъ цебе ремонт гьабурал Гӏоротӏа, Цӏада, Гьоцӏалъ, Уздалросулъ ругел клубал жанисан хинлъизарун ругин. Республикаялъул батӏи-батӏиял программабазда гъорлъеги рачун, гьединалго шартӏал чӏезаризе руго цогидал росабазул клубаздагун библиотекабаздаги.

2013-2014 соназда, РФялъул 131-абилеб законалда рекъон, росабазул клубал, районалъул администрациялъул бетӏергьанлъиялдасаги рахъун, росабазул администрациялъул къайимлъиялде кьуна.

Амма росабазул бегавулзабазде рехун течӏого, гьезул хӏалтӏуе кумекалъе букӏине росабазул клубазулги библиотекабазулги суалалда хадуб хал кквеян абуна дида районалъул бетӏерас.

Гьеб мурадалда исана дица гӏуцӏана Хунзахъ районалъул культура цебетӏезабиялъул концепция. Гьелда рекъон, гӏезегӏан хиса-басиял гьаризе руго росабазул клубазулги, искусствоялъул школазулги, библиотекабазулги хӏалтӏулъ.

Библиотекабаздаго гӏадин, клубаздаги хӏалтӏулел руччаби руго 65 сонилъе рахарал яги гьелдасаги тӏаде араб ригьалъул. Гьезулги гьечӏо жакъасеб къагӏидаялъул хӏалтӏул алатал. Масала, компьютерал. Ругониги, гьезда хӏалтӏизеги лъаларо гӏемерисезда.

Кин батаниги, клубазул хӏалтӏухъабаз хӏаракат бахъулеб буго цере жал ругьунлъараб куцалда кьурди-кечӏ ургъун, гӏиси-бикъинал рукӏаниги, тадбирал тӏоритӏун, хӏалтӏи гӏуцӏизе. Амма киназго гуро гьебги гьабулеб.

Нижеда бичӏчӏула маданияб хаслъи цӏунизе кколеблъи. Амма гьелдаго цадахъ бичӏчӏизе ккола нилъ 21 гӏасруялда гӏумру гьабун рукӏинги, галаби церехун тӏамизе кколеблъиги.

Жидерго бугеб ресалда рекъон хӏалтӏи гьабулелги руго, килщида килищ кӏутӏичӏого гьабуларел бакӏалги руго. Районалъул телевидениялъул хӏалтӏухъабазги, администрациялъул вакилзабазги тӏокӏалъ чӏечӏого бицунеб жо буго, кида щваниги, цо-цо росабалъ клубалги библиотекабиги къан ратулилан. Гьаб ахӏвал-хӏал хисизабизе ккелин дица абураб жо гӏадахъ босун, рагъа-рачаризе лъугьарал хӏалтӏухъабиги руго. Амма кӏал сваказегӏан кӏалъаниги малъаниги, рагӏичӏеб ххвелги гьабун чӏолелги руго.

Харжазул бицани, дица гьезие рагӏи кьун букӏана гьеб суал районалъул бетӏерасулгун дандбазе.

Амма гьениб гьадинаб рахъалдеги кӏвар кьезе ккола. Щаяли, росабазул бегавулзабаз гьел клубал юридикиял лицабилъун рихьизарун гьечӏо документазда. Гьединлъидалин гьезие гӏарацги дагьаб щолеб бугеб. Руго районал хӏалтӏухъабазе моцӏрое 25 азарго гъурущ щолелги. Щайгурелъул гьезул клубал юрлицаби кколелъул. Гьанжеялдаса хадубниги гьанибги гьеб гӏунгутӏи битӏизабизе рес бугищали хал гьабила нижеца.

Амма росулъ, районалда гӏумру гьабулел гӏадамазул къадаралда барабги букӏунаха гьеб.

Расулилгун Хӏамзатил адабги цӏунун…

Гьанжеялдаса 20-гӏан соналъ цебе Цӏада ва гьелда сверухъ ругел гӏисинал росабалъ къанги рукӏун, цӏидасан рагьана библиотекаби. Гьел гьечӏого нилъ тӏураларин абураб пикру бичӏчӏизабизе бокьун буго Цӏада росдал библиотекаялъул заведующая Анисат Гӏалибеговалъе:

— Рагъул заманалдацин хӏалтӏулел рукӏиндалха гьел. Дир хӏисабалда, Расулилги Хӏамзатилги хӏурматалда нижер росулъгӏаги гьанжеялдаса хадубги цӏунун хутӏизе батила библиотека.

Машгьурал шагӏирзабазул ватӏаналдаса чагӏи хӏисабалда, нижее кутакалда рокьула тӏахьал. Дицагоги цӏакъ къимат гьабула гьезул. Батӏи-батӏиял хӏаял ратаниги, цогидаб батаниги ургъун, дица лъимер тӏоцебесеб классалдасаго ругьун гьабула библиотекаялде бачӏине. Школалда бугеб библиотекаялда гьечӏел тӏахьал ралагьизе халатал сияхӏалги тӏанчида хъван нижехъе рачӏуна лъимал. Риидалил заманалда шагьараздасаги рачӏуна гьел. Хасго компьютер гьаниб батидал, цӏакъго рохула.

Дун бащдаб къоялъ гурони хӏалтӏизе кколаро. Амма гӏемерисеб мехалда тӏубараб къоялъ хутӏула гьений. Щайгурелъул библиотека школалда аскӏоб букӏиналъги батила, къойида жаниб 10-15 лъимералъниги нуцӏа рагьула нижехъе. Жеги Поэзиялъул минаги буго аскӏобго. Районалде рачӏунел туристалги раккула гьенире.

Аслияб куцалда магӏарул литератураги лъималазул тӏахьалги цӏехола гӏемерисез. Амма гьел дагь руго.

Зульфия ХӏАЖИЕВА