Рекьичӏого хурзал руго, къачӏачӏого ах буго, чӏунтун умумузул кули буго. Заруца гьумер бухулеб, гугарулеб къебелъухъе хьвадизарун гӏезарулел руго васал. Бищун лъикӏаб ретӏинеги кваназеги чӏезабун, къо бихьизе течӏого чемпионаллъун рахъинариялде тӏаделъун руго. Лъаймахщалиде ургъизе заман гьечӏо. Хадуб щиб? Жиндир вас сундулалиго рахъалъ кивалиго вахъарав чемпион вугила, гьелда рекъон хъулухъ кьолеб гьечӏила хӏукуматалъ. Гьанже зигардулев эмен, кинаб махщалиеха дуца вас ругьун гьавурав, щиб захӏмат хӏехьезе малъараб? Рокъоб гӏарац гӏолареб къо тӏаде бачӏиндал, гьесие хъулухъ кьолареб хӏукуматищ гӏайибияб?

Вас чӏухӏухъанлъун вахъинавулел эбел-инсуца ахир гьесул хъизан-лъималги жидецаго хьихьизе кколел руго. Щиб къо борхилеб, жив вегараб бусада юргъанцин битӏизабизе тӏамичӏого, эбелалъ гогьдаризавурав васас? Кинаб хъизан гьес гӏуцӏилеб, жийго гӏадай чӏухӏухъан лъадилъун ккедал? Кӏиябго рахъалъан эбел-инсул гӏакълу гӏечӏони, гьечӏо гьеб гӏолохъанаб рокъоб рекъелги, парахалъиги, букӏинесебги. Риххулел хъизамал къойидаса къойиде цӏикӏкӏунел рукӏиналда гӏажаиблъизе жо гьечӏо, нилъеда цебе буго гӏумруялъул «цебетӏей», гӏолилазул сабру гьечӏолъи, чӏахӏиязул гӏакълу гьечӏолъи. Рукъалъул хӏалтӏиги малъуге, къватӏахъ адабалда хьвадизеги лъаге, бергьенлъиялъул, гӏарцул гурони мацӏги бичӏчӏуге — щив чиха лъугьинев гьесул? Киналго гурелъулха Олимпиялъул чемпионаллъун рахъунел ва хъулухъал щолел. Кинаб бугониги махщалие вас ругьун гьавизе ккелин пикру чан инсуца гьабулеб бугеб?

Гьитӏинго яс юхичӏей эбелалъ гьей кӏудияй гӏейгун накаби рухизе кколин абула, гьединго чӏухӏухъан вас гӏезавурав инсуцаги харадуниб бетӏер кквезе кколеб буго.

Юристасул дипломги бегун тун, евро-ремонтал гьарулев вуго цо гӏолохъанчи. Цӏалун рахъанщинал киналго юристазе данде балагьун хъулухъ букӏунареблъи бичӏчӏизе бокьичӏев гьес гьанже кверал хӏурул цӏезаризе ккана. Цо талихӏ — гьесул эмен кверзул махщел бугев чи вукӏин, гьелъие васги куцазе инсул гӏакълу гӏей.

Цогидал васазул эмен вуго, гъоркь лъураб бакӏ щущан инегӏан, компьютералъул хӏаязда сардал-къоял тӏамулев. Инсуца тараб нахърателги лъугӏун, жиндагоги гьавудизе лъачӏого, дунялалдаго цидаххун, улкаго такъсирияблъун гьабулев вуго пакъир. Гьев вуго дов, спортзалазда заман чӏваниги, чемпионлъун вахъинчӏев, цӏалул сессияби инсуца гӏарцухъ гьарун куцарав, эбелалъ гогьдаризавурав вас. Эменги цевеса ана, эбелги херлъана. Щиб гьанже гьес малъилеб балугълъиялде рахунел жиндирго васазда? Шагьаралда, магӏарухъ минаби ралел бакӏазда хӏалтӏулел рихьула къватӏисел хӏукуматаздаса рачӏарал гӏадамал. Гӏемераб гӏарац унеб буго улкаялдаса къватӏибе вьетнамаз, узбеказ, тажиказ. Нилъераздаго гьоркьор лъикӏал устарзаби къанагӏат рукӏиналъ, гӏемерисез гӏей гьабулеб буго, чӏухӏи тун хӏалтӏулел, нилъер гьанир хӏалтӏулаго устарлъиялъе ругьунлъулел тажиказда. Гьодораб чӏухӏи, чӏобогояб гьанкӏиян абулаан чӏахӏиял чагӏаз чӏухӏухъанасде. Гьелъухъего кколеб буго нилъер ишги, гӏемерисебго мехалъ.

Цӏодорав чияс жиндиралдасаго цӏикӏкӏун лъайги махщелги щвезабулеб батила васасе. Гьединазул бицинеги гъира бала, рагӏизеги бокьула.

Патӏимат ГЬИТӏИНОВА