Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къоялъе сайгъат гьабун къватӏибе биччараб «Хӏакъикъат» казияталъул номералда «Чаранги хӏулиги цохӏого рекӏелъ» абураб бетӏералда гъоркь бахъараб макъа- лаялда бицунеб буго мугӏрузда гӏурал гӏемерисел руччабазул хасияталъулъ бессун батулеб къвакӏиялъулги, къо хӏехьеялъулги, гьелдаго цадахъ ракӏ биунеб недегьлъиялъулги хӏакъалъулъ. Гьединалго рагӏабазе мустахӏикъай гӏадан йиго Хасавюрт районалъул Октябрьское росулъа Баширова Патӏиматги.
Щуго сон гурони цадахъ бачӏого, лъабго лъимерги нахъе тун, тӏабигӏияб балагьалъул хӏасилалда гӏумруялдаса ватӏалъана гьелъул рос. Балагь жибго цохӏо бачӏунарин абухъего, 1999 соналда вас Мухӏамадги щвана къадаралде. Гьединал къояз къвал баниги, къвакӏун чӏана Патӏимат.
— Дун гьаюна чачаназул Ведено районалъул Къеди росулъ. Гьенире гочинарун рукӏана Цӏумада районалъул нижер Кӏванкьада росдал гӏадамалгун цадахъ къедисел, хъвайнисел, ангъидасел. 1957 соналда, цогидалго гӏадин, нижги гочинаруна гӏатӏиракьалде. Гьелдаса нахъе нижер гӏумру унеб буго Октябрьское росулъ, — ин бицана Патӏиматица.
1959 соналъул 1 сентябралда берцинго ретӏа-къан эбелалъ тӏоцее школалде щвезаюраб къо жакъа гӏадин ракӏалда буго Патӏиматида. Школалда кӏудияб хъулухъги кьуна гьелъие тӏоцеесей учительница Заза Мухӏамадовнаялъ. Гьелъ Патӏимат тӏамуна классалъул санитаркалъун. Жакъаги кӏудияб рокьигун ракӏалде щвезаюла гьелъ ЦӏобокьМиякьое хъизангун гочарай Заза Мухӏамадовна.
Микьго класс лъугӏидал, инсуца гьей щвезаюна Каспийск шагьаралда бугеб медучилищеялде. Гьеб лъугӏидал, тӏад юссана Октябрьское росулъе.
— Байбихьуда колхозиял лъимал гьарулеб рукъилан цӏар лъураб бакӏалда акушеркалъун хӏалтӏана. Гьенибго ясли-ахги букӏана. Бажарухъе хӏалтӏи нухда бачана. Хадуб, рагъул ветеран Сагӏадула Мухӏамадов мустахӏикъаб хӏалхьиялде индал, гьесул бакӏалда медпункталъул нухмалъулейлъун тӏамуна.
Лъидаха лъалареб кигӏан захӏмат букӏунебали росдал гӏадамазул сахлъи цӏуниялъул хъаравуллъуда ругезе. Шагьаразда гӏадин, росабалъ букӏунаро ахӏарабго бачӏун рагьда чӏолеб хехаб кумекги, хӏалбихьи бугел тохтурзабиги.
— Цо къоялъ Шумайсатил вас Билал унтун вугилан ахӏи бахъана. Щвана унтарасухъе, балагьана, гӏенеккана, унтараб бакӏалъул хӏакъалъулъ мухӏканлъи лъазе Билалилгун кӏалъа-басай гьабуна. Гьел киналго тадбиразул хӏасилалда, щаклъи ккана унтарасул бакьазулъ онкологияб унти букӏиналда. Хехаб къагӏидаялда больницаялдеги щвезавун анализал гьаридал, дица абухъе ба- тана. Билалие операция гьабуна ва кватӏичӏого мадарги лъугьана. Жакъаги гьев сах-саламат вуго, — ян ракӏалде щвезабуна Патӏиматица ккараб цо лъугьа-бахъин.
Гьединал ишалин абуни рукӏана цӏакъго гӏемер. Хӏатта, гьелъ бицухъе, яхъун чӏунго кваназецин ругьунлъана гьей. Гужгатги, пухалъул кӏазги тӏаса бахъараб заман дагь букӏана гьелъул гӏумруялъулъ.
— Битӏун рокъое щун гӏака бечӏчӏизе лъугьиндал екерун ячӏана Загьиратил яс Сагӏидат. Эбел квешго унтун йигин бицана гьелъ. Унтарай хехго щвезаюна Хасавюрталъул райбольницаялде. Руччабазул рахъалъ унти букӏин дида лъалеб букӏана, гьединлъидал гинекологиялъул отделениялда хехаб къагӏидаялда Загьиратги егизаюн, гьелда аскӏой гьелъулго яс Сагӏидатги тун, дун рокъое тӏадги юссун дирго гӏака бечӏчӏизе жуяна. Гьаб нухалъги течӏо байбихьараб иш рагӏалде бахъинабизе. Совхозалъул бухгалтер Патӏуч лъимер гьабизе мех щун унтун йигин ахӏи бачӏана. Патӏучги больницаялде щвезайизе ине ккана. Рокъое щведал, лъабабизеги гӏака бечӏчӏизе жуярай дида якьад Марямица абуна: «Патӏимат, дир яс, дуца цояб гьабизе ккола. Ялъуни гӏачиги хьихьун хӏалтӏиги тун гӏодой чӏа, ялъуни гӏачи базаралдеги рачун риче», — ян. Гӏачи ричана. Лъималазе рахьги мадугьалзабазухъа босулаан.
Якьадалъулгун гьеб хабар ккун нахъисеб къоялъ ругьел бачӏана больницаялъул тохтурзабигун Загьиратил яс ягъун йигилан. Жиндир эбел агъаз гьабичӏого тун йигинги абун, кодобе щванщинабги босун кӏанцӏун йиго Сагӏидат гьезде тӏаде.
Гьединал хӏужабиги хӏисабалда росун, дица хӏукму гьабуна районалъул данделъиялда цееги яхъун, депутатаздаги активалъул чагӏаздаги бицине сахлъи цӏуниялъул рахъалъ районалда бугеб хӏехьезе кӏолареб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. Яхъана. Кӏалъана. Бицана туберкулез сах гьабиялъул больница- ялда тохтурзабаз ришватал ро- сиялъул хӏакъалъулъги. Гьанире регизе рачӏунел унтаразда жидерго бусен-къайиги босун рачӏаян абиялъулги, дараби гьечӏолъиялъулги, хехаб кумекалъул машина жиндир заманалда росабалъе бачӏунарого букӏиналъулги хӏакъалъулъ. Талихӏалъ, гьеб данделъиялда вукӏун вуго, гьеб дида лъачӏо, республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул заместительги. Гьеб цӏакъ лъикӏги ккана. Нахъисеб къоялъго, туберкулезалъ унтаразул баяназда рекъон, больницаялда ахӏвал-хӏал лъикӏлъанинги абун, дие баркала загьир гьабуна хӏинкъи гьечӏеб кӏалъай гьабуралъухъ районалъул депутатаз, — ан бицана Патӏиматица.
Ункъоялда анцӏабилел соназул авалалдайин абуни Патӏимат ахӏана Хасавюрт райадминистрациялъул бетӏер Гӏабдурахӏим Бексултановас жинхъего ва абуна дуца Октябрь- ское росдал администрациялъе нухмалъи гьабизе кколин. Гьейги разилъана.
Хадусеб къоялъ росулъе вачӏана райадминистрациялъул вакил, ракӏарана росдал советалъул депутатал, тӏоритӏана рищиял. Гьезул хӏасилазда рекъон, гьей йищана росдал бегавуллъун. Гьеб букӏана 1990 соналъул ихдал заман.
— Патӏимат, дир ригьалъул чагӏаз рецц-бакъ гьабун, лъикӏаб къимат кьолеб буго жакъаги дуца хӏалтӏулъ бихьизабураб бахӏарчилъиялъе, гьекъел-мехтелалде данде рагъ бан гьабулеб букӏараб хӏалтӏуе. Гьелдасанищ дурго хӏалтӏи байбихьараб?
— Сундасанха байбихьизе кколеб букӏараб? Бищун кӏудияб малгӏун, инсанасул гӏумруялъе хвалил хӏинкъи бугеб лъим чохьонибе тӏолел магӏна гьечӏел гӏадамал гӏадлуялде рачине хӏаракат бахъиялдаса гурони. Гьекъолеб жо сабаблъун къадаралде щвана гӏемерисел. Амма кантӏизаризе, битӏун бицани, бажаричӏо дихъа. Гьеб загьруман сабаблъун дица моцӏалги цӏан судалъул хӏукмуялдалъун туснахъ гьаруралцин рукӏана росулъ. Гьанже гьеб суал, гьекъолел чагӏи цоцо ругониги, дагьаб гӏодобе буссун буго. Аллагьасдехун руссаразул къадар цӏикӏкӏана.
Эбел-инсуца жидерго лъималазул гӏадин тӏалаб гьабулаан Патӏиматица росдал гӏадамазул. Радал яхъун росу тирулаан, рокъорокъое яккун цӏех-рех гьабулаан, барщарал рекъезарулаан.
— Бикъизеги босизеги ресал доб мехалъ кигӏанги рукӏана. Амма дица гьабичӏо гьеб хӏарамаб жо, — ян ракӏалде щвезабула Патӏиматица. — Доб мехалъ рукъзал разе ракьал ричун росиги жеги баккун букӏинчӏо, лъие цебе-нахъе хур кьелебали сияхӏалги гьарулел рукӏинчӏо. Дида жакъаги бичӏчӏуларо щай гьел цӏарал хъвазе кколел, щай рукъ базе бакӏалъе ракь кьезе ирга чӏезабизе кколебали. Лъеберго тӏалаялъул зодобе бахараб лъабнусго хъизамалъе бараб мина бугони, батӏияб иш буго. Гьениб ракь буго бикьун кьолеб. Хисун руго нухмалъулел. Хадубккунисеб иш жидее бокьухъе хӏалтӏизабулеб буго, — ян ракӏ унтараб хабар бицана Патӏиматица ва тӏадеги жубана, — валлагь, хутӏичӏо гӏумруялъулъ дида бихьичӏеб чӏегӏераб-хъахӏаб. Сундасаго рази йиго. Алхӏамдулиллагь. Цохӏо хутӏараб анищ буго хӏежалда щвей. Гьебги Аллагьасул кумекалдалъун тӏубазе хьул буго исана.
Гирай ХӏАЙДАРОВ