Махӏачхъалаялъул мэрас лъазабуна: «Эльтавалъул рохь ккола хас гьабун цӏунулеб паркалъулаб ракь (ООПТ)». 2019 соналъул байбихьуда Махӏачхъалаялъул мэрлъиялде рищиязда гӏахьаллъулев вукӏарав Салман Дадаевас аслиял масъалабазда гьоркьоб рехсон букӏана, тахшагьаралда гӏурччинлъи гӏемерлъизабиялъул мурадалда, Эльтавалъул рохь цӏигьаби ва гьеб пачалихъалъ цӏунулеб ракьлъун лъазаби.
Шагьаралъе нухмалъи гьабизе байбихьарабго, Салман Дадаевас кӏвар буссинабуна гьеб масъала- ялде. Судалъул хӏукмабазул кумекалдалъун, Эльтавалъул рохьил бутӏаби муниципалитеталъул мулкалда гьоркьоре рачун бажара на ва гьелъие кьуна «хас гьабун цӏунулеб паркалъул ракьин» абураб статус. Гьедин гьабизе кколин бицунеб букӏана цебегоялдаса нахъе. Амма хабар гӏемерлъун, гьабулеб иш дагьлъун, цебетӏолеб жого лъугьинчӏо тахшагьаралъул цересел нухмалъулезухъа.
Жамгӏиятчагӏаз чанцӏулго ахӏи бахъинабун букӏана Эльтавалъул рохьалда гӏагарлъухъ, тахшагьаралъул парказда сверухъ ва жанир минаби раялда бан. Масала, 2016 соналда хӏалбихьун букӏана, федералияб проекталда рекъон, «Россия – дир тарих» абураб музей тахшагьаралъул Ленинил Комсомолалъул цӏаралда бугеб паркалда базе. Доб заманалда жамгӏиятчагӏазул хӏаракат бергьана ва парк цӏунун бажарана. Амма Эльтавалъул рохьил тӏалаб гьабулеб идараго букӏинчӏо ва ахираб лъеберго соналда жаниб республикаялъул аслияб шагьар махӏрумлъана рохьил 48 гектаралдаса.
Эльтавалъул рохьоре хӏухьбахъиялъе гӏадамал гъираялда хьвадулебги заман букӏана. Ахӏвал-хӏал хисизе байбихьана араб гӏасруялъул 90-абилел соназда. Дагъистанияз, цӏоб тун, къотӏана рохь ва рана минаби. Рохьалде иргадулаб гьужум гьабуна 2014 соналда: жагъалал минабахъа гӏадамал гочинариялъул мурадалда гьениб бана гӏемертӏалаяб мина. Шагьаралъулазул гӏумру лъикӏлъизабизеян гьабураб хӏалбихьиялдаса пайда босана хехго бечелъизе бокьарал гӏадамазги. Гьересиял документалги гьарун, гьез байбихьана рохьил бутӏаби кквезе. Хӏинкъи букӏана къанагӏатаб тӏабигӏаталъул гӏурччинаб гьеб бокӏон тӏубанго тӏагӏиналда.
Журналистаз гӏуцӏарал цӏех-рехаздалъун чӏезабуна, рохь цӏунулеб бугинги абун, жавабиял идарабаз, гьездаго гьоркьор тахшагьаралъул власталъул гӏуцӏабазги хӏакъикъаталда гьеб рахъалъ кинабгӏаги тадбир гьабулеб гьечӏолъи. Судалде кьун рукӏана пуланаб ракьул бутӏаялъул бетӏергьан чӏезавиялъул хӏакъалъулъ гӏарзаби, амма шагьаралъул администрациялъул цониги вакил ун гьечӏо судалъул данделъиялде. Гьединлъидал судалъги чӏезабуна жидехъе хитӏаб гьабурав чи гьес бихьизабураб ракьул бетӏергьан вугилан.
Гьединаб ахӏвал-хӏалалда цебе хӏетӏе лъезе байбихьана 2019 соналъул авалалда. Кӏиго лъагӏалида жаниб бакӏарана 81 ракьул бутӏаялъул хӏакъалъулъ материал. 30 ракьул бутӏаялда бан судалде хитӏаб гьабуна ва 22 ракьул бутӏаялъул рахъалъ гьабун буго судалъул хӏукмуги. Гьединаб хӏалтӏул хӏасилалда 19 миллионгун анлънусазарго гъурщил багьаяб 3,4 гектар ракьул тӏад буссинабуна муниципалияб мулкалде. Гьабсагӏа талда хас гьабун цӏунулеб ракьлъун рикӏкӏуна 22 га. Юристазулги мулкалъулгун ракьул бухьеналъул рахъалъ махщелчагӏазулги цадахъаб хӏаракаталдалъун шагьаралъе кинабниги тӏад буссинабуна 165 га ракьул – гьелъул кадастралъулаб багьа ккола цо миллиард гъурщидасаги цӏикӏкӏун.
Гьеб рахъалъ хӏалтӏи жеги гьа- булебги буго. Муниципалитеталъ тӏад буссинабураб ракьалда исана гӏуцӏизе буго хӏухьбахъиялъул лъаб го ах. Низамги хвезабун, кадаст ралъул документал кьун рукӏарал ракьалги муниципалитеталъухъе тӏад руссинарун, 2020 соналда Махӏачхъалаялда базе байбихьана социалияб инфраструктураялъул 15 объект – ичӏго лъималазул ахги анлъго школаги. Жеги гьабулеб буго лъималазул ахалгун школал ва поликлиникаби разе ракьал эркен гьариялъул хӏалтӏи. Ракӏалда буго 50 ракьул бутӏаялда инвестициязулал проектал гӏумруялде рахъинаризе. Гьелъ рес кьела тахшагьаралде инвесторал рачӏинаризеги, гӏадамал хӏалтӏудалъун хьезаризеги ва шагьаралъул сверухълъи берцин гьабизеги.
Эльтавалъул рохьалъе хасаб статус кьеялъги бихьизабулеб буго масъалаби тӏуразариялде Махӏачхъалаялъул мэрасул чӏванкъотӏараб бербалагьи бугеблъи.
Щиб гьукъун бугеб Эльтавалъул рохьоб?
— Бегьуларо капиталияб къагӏидаялъ бакӏал разе, нухал рахъизе, газалъул магистралияб рогӏоро лъезе ва цӏикӏкӏараб хӏалуциналъул токалъул кварал рачине.
— Эльтавалъул рохьил гӏагарлъухъ гӏумру гьабулел, ай ракьул бутӏаялъул бетӏергьабилъун кколел яги ракьалдаса пайда босулел гӏадамазе гьукъун буго цӏатариялъул, загьруял жалазул, минералиял ва органикиял удобрениязул, гьединго бакӏал ралаго хӏажалъулеб къайиялъул складал гӏуцӏизе; промышленнияб производство рагьизе, тӏабигӏат чорок гьабулеб автосервисалъул объектал разе.
РФялъул Экономикияб цебетӏеялъул министерствоялъ 2014 соналъул тӏоцебесеб сентябралда тасдикъ гьабураб №540 буюрухъалда рекъон, Эльтавалъул рохьоб базе бегьула: культураялъулгун хӏухьбахъиялъул парк; спорталъе санагӏатал шартӏал гӏуцӏарал майдан; тарихиябгун маданияб хӏаракатчилъи гӏуцӏизе.
Рехсараб низам хвезабурав чиясе гьабизе буго тамихӏ. Хас гьабун цӏунулеб паркалъул ракьалда чӏезабураб низамги хвезабун, гьелъие материалияб рахъалъ зарал гьабурав чиясда тӏадаб буго тӏолабго зарал бецӏизе.