Их тӏаде щвей кӏодо гьабулеб байрам букӏана араб рузман къоялъ Махӏачхъалаялда. Гӏемермиллатазулаб Дагъистаналъул кьерал, магӏарухъ гӏурал нигӏматазул махӏ, гӏасрабаз цӏунарал бакънал, умумузул ретӏакъаялъулъ фольклоралъул гьунарчагӏи — гьеб кинабго тӏибитӏун букӏана Гӏурус театралда цебе бугеб майданалда. Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб къотӏносан унелщинал лъалхъизарулел рукӏана зурмил къвакъваялъги халкъиял гьунарчагӏазул гьаракь-бакъаналъги.
Санайилго гьеб байрам тӏобитӏула ДРялъул Культураялъул министерствоялъул халгьабиялда гъоркь, республикаялъул халкъияб творчествоялъул рукъалъул идараялъул нухмалъиялдалъун ва Махӏачхъала шагьаралъул администрациялъул кумекалдалъун. Исанасеб ихдалил фестиваль хурхинабун букӏана ДАССР гӏуцӏаралдаса 100 сон тӏубаялдаги.
Байрамалда гӏахьаллъана республикаялъул районаздаса ва шагьараздаса 20 фольклоралъул коллектив, профессионалиял ансамблял, цо-цо миллиял театразул коллективал. Щибаб миллаталъул вакилзабаз гьенибе босун бачӏун букӏана гӏасрабаз цӏунараб рухӏияб хазина, хаслъи Тадбир бачунез къокъго бицана ихдалил байрам тӏобитӏиялъул рахъалъ республикаялда цӏунун хутӏарал гӏадатазул хӏакъалъулъ. Гӏурусаз — «Масленица», лезгияз — «Яран Сувар», табасараназ – «Эбелцан», агулаз – «Хидин уш», тумаз — «Интнил хьхьу», лъарагӏаз – «Гъазза новруз», нугъаязгун азербайжаназ – «Новруз», рутулаз – «Эр», цахураз – «Юх- ханинйегъ», даргияз – «Хӏебла бери», татаз – «Шэгьме-васал». Щиваб коллективалъул букӏана, балагьарал доб цебесеб заманалде рачунеб, гьанжесел гӏелазе балъголъилъун бугеб гӏадат.
Магӏарул миллаталъ ихдалида дандчӏвай гьабулеб къагӏида бихьизабуна Лъаратӏагун Шамил районазул фольклоралъул ансамбляз ва цӏияб Гӏурада росдал школалъул коллективалъ. Кӏиябго мадугьалихъ ругел районазул гьунарал данджуран хӏадурараб «Оцбанкъо» букӏана тӏубараб гьеб байрамалъего гвангъи кьолеблъун. Зурмил чан батӏияб накъит, кьурдул свериялъул чанго батӏияб расен жанибе бачун букӏана гьезул программаялъ. Гӏадаталда рекъон, оцбанкъоялъ балугълъарал васаз жамагӏаталда цебе балеб гьа, тирилъиялъе гьезул къецал, «рииих битӏайги, хур цӏун бачӏаги» абун ахӏулаго бегуниса тӏимугъги ретӏун цӏикӏкӏараз хуриб балеб тӏоцебесеб рахъ — инсценировкаялдалъун бихьизабизе хӏаракат бахъана гьез. Шамил районалъул росабалъ жакъаги цӏунараб хаслъи буго гьеб. Къокъго абуни, батӏиябго къартӏ, ракӏ терхезабулеб чӏурканлъи бихьизабуна тӏадмагӏарухъа рещтӏарал нилъер миллатцояз.
Цоги цӏакъго лъикӏаб церерахъин букӏана фольклориябгун этнографияб «Айланай» ансамблялъул. Нугъаязул мацӏго бичӏчӏуларездаги гъаргъар балеб хӏалалъ гӏуцӏун букӏана гьез жидерго программа.
Махсара-хочӏ, гьара-рахьи, гьаваялда палугьаназул гьунарал — балагьаразул ракӏазе, жал дагъистаниял рукӏиналдаса чӏухӏиги рохелги кьолеб, умумузул ракьалде ракӏал цӏазарулеб тадбир букӏана гьеб. Балагьизе рачӏаразул гӏемериселги рукӏана гӏолилал ва гӏисинал лъималгун цадахъ цӏикӏкӏарал чагӏи. Гьезие, жидецаго хӏадурарал, миллиял кванил нигӏматал рикьулел рукӏана фольклоралъул гьунарчагӏаз.
Патӏимат ИБРАГЬИМОВА