23 марталда ДРялъул Верховный судалъ ритӏухъ гьавуна 2018 соналда Росгвардиялъул хӏалтӏухъан Мурад Рамазанов чӏваялда гӏайиб гӏунтӏизабулев вукӏарав Шагӏбан Мачиев. Гьев ккола рагъулаб самбоялъул рахъалъ чемпион.
Хӏалтӏухъабазул баяналда рекъон, 2018 соналъул ноябралда, пуланаб клубалда кьвагьа-гӏанхъиги рагӏун, щиб-кинали балагьизе гьениве щварав М. Рамазановасда таманча речӏчӏун буго Ш. Мачиевас. Цогидаб баяналда рекъонин абуни, Ш. Мачиев клубалде вачӏун вуго жиндирго гьалмагъ Хӏаскъил Якъубовгун. Гьенив данделъула Росгвардиялъул хӏалтӏухъан Мурад Рамазановги. Хабар-кӏалалда рукӏаго, Ш. Мачиевасдаги М. Рамазановасдаги гьоркьоб ккола дагӏба-рагӏи. Иш гьелда къокълъичӏо, ва Рамазановас Мачиев къватӏиве ахӏула. Гьениб Мурадица таманча бахъула ва, цо нухалда гьаваялдеги кьвагьун, Шагӏбанида речӏчӏула. Мачӏчӏалъ гуллаги щун, Мачиев гӏодов ккола. Гьебсагӏат тӏаде щварав Хӏаскъил Якъубовас Мурад Рамазановасухъа таманча бахъула ва гьесда речӏчӏула. Гьелъул хӏасилалда Росгвардиялъул хӏалтӏухъан гьеб бакӏалдаго хола. Бох лъукъарав Шагӏбанин абуни, больницаялде хъамула ва сахлъун къватӏиве виччарб къоялъго Цӏех-рехалъул комитеталъул хӏалтӏухъабаз ккола.
Гьединаб буго кӏиго сонгун бащдалъ цебе ккараб лъугьа-бахъиналъул къокъаб хӏасил.
А. ЮСУПОВ